Новость на родном

«Мунго тIаде къулараб, тIокIкIараб ицц кIочонге, умумузул хабада хурдузул сас кIочонге»

    ХIанчIица ахIула, огь, ВатIанилан,  Дурги буго, ВатIан, хирияв гьалмагъ. Дур росуцоялгун дандчIвай гьабизе, Мун ахIулев вуго гIагараб ракьалъ.       Ассалам гIалайкум, магIарулал. «Би цо, бо цо буго нилъер» — гьедин такрар гьабизе цIакъ бокьула КIуядаса МухIамадхIабиб ГIалискандиевасе. Нужер гIемерисезда вихьунги рагIунги ватила гьев магIарулазул горсвериязда, дандеруссиназда кодоб ккун тIамургун. Гьалдолеб гIищкъу...

Новость на родном

Украинаялда рагъул дандерижи

     24 февралалда республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовас дагъистаниязде­ хун хитIаб гьабуна Украинаялда ахIвал-хIал хIалуциналда бан сабруялда рукIайин. Рих­ха-хочиялъул асаралъ кверде росизе чIечIого, гIодоре риччан рукIине кколин абуна нух­малъулес.    Гьесул рагIабазда рекъон, улкаялъул бетIер Владимир Путиница Украинаялда рагъулал операциял тIоритIиялъе буюрухъ кьун буго батIияб рес гьелъие букIинчIолъиялда бан. Россиялъул президентас тIамураб галиялда нахърилълъине кколин...

Новость на родном

Рахьдал мацIалъул бакънал

     22 февралалда Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб Миллияб библиотекаялда тIобитIана Халкъазда гьоркьосеб рахьдал мацIазул хIурматалда гIуцIараб “Рахьдал мацIалъул бакънал” абураб тадбир.    Гьелда гIахьаллъи гьабуна шагIирзаби Сабигат МухIамадовалъ, Космина Исрапиловалъ, Аминат ГIабдулманаповалъ, Бахтун Гъазиевалъ, гIалимзаби — Расул БахIамадовас, Хизри Юсуповас, Хазина Аминовалъ, табасаран мацIалда бахъулеб “Лачен” журналалъул редактор Фероза СолтIановалъ, журналистаз, студентаз ва цогидаз....

Новость на родном

«Закон къваригIуна. Амма хиса-басиялги гьарун»

       Гьал къоязда Дагъистаналъул жамгIиял ва гIелмиял хIаракатчагIаз РФялъул Пачалихъияб Думаялде битIана бакIалъулаб администрациял къаялда хурхун бахъараб федералияб законалъул (проект Федерального закона №40361–8 «Об общих принципах организации местного самоуправления в системе публичной власти РФ») проекталда тIасан жидерго пикраби.       Гьезул хьул буго гьел малъа-хъваял хIисабалдеги росун, ДРялъул Халкъияб Собраниялъги гьелъулъ хиса-...

Новость на родном

Дагъистаналъул цIияв премьер.Лъалев-лъаларев ГIабдулмуслим

        Баян:        Гьавуна 1960 соналда Казбек районалъул Гертма росулъ.       1983 соналда лъугIизабуна К. Тимирязевасул цIаралда бугеб Москваялъул росдал магIишаталъул академия. 1990 соналда вахъана росдал магIишаталъул гIелмабазул кандидатлъун.        2001 соналда лъугIизабуна Москваялъул юридикияб университет.         ХIалтIана ДРялда букIараб РФялъул налогазул полициялда,...

Новость на родном

Юбилейгун!

   «ХIакъикъат» газеталъул редакциялъ ракI-ракIалъ баркула Рамазанова ПатIиматида гIумруялъул гьайбатаб юбилей. Республикаялъул магIарул радиоялде ячIун, гIолохъанай ПатIиматица 63 сон кьуна магIарул халкъалъе дунялалъул ва республикаялъул гIумруялъул, хирияб миллаталъул ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ бицунаго.    ДАССРалъул ва Россиялъул куль­тураялъул мустахIикъай хIалтIу­ хъан, махщелчIужу, захIматалъул ветеран, жамгIияй хIаракатчIужу, ПатIиматил радиоялдасан пасихIго чвахун бачIунеб берцинаб гьаракьалъ рекIее гьабулеб гIажаи­ баб...

Новость на родном

Гьавураб къогун!

«ХIакъикъат» газеталъул редакциялъ ракI-ракIалъго баркула РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат, магIарул редакциялъул гьудул ХIажиев ГIабдулхIакимида гьавураб къо! ГьитIинго жиндирго бажарилъаялдалъун гIумруялде галиги Гьарула щулияб сахлъи, хIалтIулъ тавпикъ, гьабулеб ишалъулъ рахIматгун баракат. лъун, Дагъистаналъул МВДялъул идарабазда ва Централияб аппараталдагун Северияб Кавказалъул полициялъулабгун миллияб гвар- диялъул батIи-батIиял бутIабазда хIалтIулаго, ритIухълъи чIезаби, Россиялъул ва республикаялъул мурадал цIуни, гIадамазе жиндаса...

Новость на родном

ЦIияб школа базе буго

    10 февралалда бухIана ХIибиялъ росдал школалъул мина. Гьенив цIалулев вукIана 58 цIалдохъан. Школа бан букIана 1980 соналда.    Гьеб лъугьа-бахъиналда бан, ДРялъул хIукуматалъул председатель ГIабдулпатахI ГIамирхановас тIобитIараб данделъиялда бицана цIалдохъабазе санагIатал шартIал чIезариялъул мурадалда, ХIибиялъ росулъ бугеб ахIвал-хIалалъул хал гьабизе ва хасаб комиссия гIуцIизе кколин абун.   Къварилъи ккарал гIадамазе хехаб заманалда кумек...

Новость на родном

Къуват кьола хIалтIуде бугеб рокьиялъ

ЧIарада районалъул Гьилиб росдал ясли-ахалъе нухмалъи гьабулеб бугелдаса 30 сон буго Рукъият КъурамухIамадовалъул. Гьал къоязда ниж дандчIвана Рукъиятгун ва нижеда гьоркьоб ккана гьадинаб гара-чIвари.       — ГьитIинаб къоялдаса нахъе дир анищ букIана мугIалимлъун яхъине, — ян бицана Р. КъурамухIамадовас.      — Хехго ригьнадеги кьун, хадурго цун лъималги гьарун, гьеб махщалие цIализе ине...

Новость на родном

ХIалтIулаго гIетI тIун, кваналаго тIагIам лъан

     Гьал къоязда редакциялде гьоболлъухъ рачIун рукIана «Нагорный Дагестан» (нухмалъулев Къасум Салманов) абураб найихъабазул къокъаялъул вакилзаби — МухIамадов МахIмуд, Сайпулаев МутIалип, МухIамадов ХIусен ва шагIир Жаватханова ТIагьират. ГьацIул нигIматаз ва тIагIамаб чаялъ хьезабураб столалда нахъа редакция­ лъул хIалтIухъабазулгун гьезул букIараб хабар-кIалалда аслияб темалъун найихъанлъи букIаниги, гьелдаго цадахъ рорхана миллаталда, мацIалда хурхарал суалалги. Гьелдаса хадуб...