Новость на родном

Гъуниб, дур берцинлъи! Бицун пайда щиб…

       Нахъеги магIарухъе — машгьураб борхатаб Гъунире. ЦIидасанги магIарухъе, щивав магIаруласе рекIел тахлъун бугеб. Гьаб ракьалъ Дагъистаналъе ва дунялалъе кьунщинаб машгьурлъи. Халилбегил суратаздаги МухIамад ХIажиевасул гьунаралдаги цебе бетIер къулана ду- нялалъ. АхIулгохIалъул цIияб къиса гьаниб хъвана имам Шамилица. Миллаталъул тарихалда жидерго тарих бугеб борхатаб Гъуниб. Къабул гьаре дур тарихалдаги, къисаялдаги, къисматалдаги цере бутIрул...

Новость на родном

Бузнаса нухалъул хасаб балагьи

          ГIадада гуро абулеб нух бугеб бакIалда гIумруги букIунин абун. Хасго гьеб лъикI бичIчIула магIарухъ гIумру гьабун ругезда. Умумузул заманалда магIарухъ ругел росабазул гIатIиракьалъулгун букIараб загIипабго бухьеналъе рукIана гьаказул нухал. ЦIияб заманаялъ цере лъуна цIиял масъалаби ва гьел тIураялъе ратана щибаб заманалда рекъарал ресал. Бухьеналги гIемерлъараб, кIуди-кIудиял хIалтIабиги гьаризе байбихьараб заманалда...

Новость на родном

«Рагъуй къали бухулел…»

      Араб анкьидаса байбихьун, Украинаялда лъугьунеб-толелда хадуб халги кквечIев, гьелъулги бицунарев чи ватиларо. Киназего бокьун буго рагъ лъугIизе, ургъелал кIочараб, берцинаб яшавалде нилъги нахъруссине. Амма… Амма дунялалъул геополитикияб горсверуда лъугьу- нелъухъ балагьани, парахалъиялъул биценго гьечIо гьениб. ГIемерисел пачалихъал Россиялде дандечIун ругеб гIадаб сурат буго. Санкциязул цIад базабулеб буго нилъеде.    Спорталъул рахъалъ дунялалда...

Новость на родном

СагIудияз нилъер урба беццана

    Украинаялда Россиялъ рагъулал тадбирал тIоритIиялда дандечIун, бакътIерхьул улкабаз санкциязул цIад базабулеб буго нилъер пачалихъалде.     Масала, BoeIng самолетал хIадурулеб фирмаялъ лъазабуна са- молетал гьарулелъул хIажалъулеб батIи-батIияб къайи-цIа жидеца Россиялде битIизе гьечIилан. Автомобилал гьарулеб Ford ком- паниялъ лъазабуна Россиялда жи- дерго хIаракатчилъи чIезе танилан. Россиялда хIалтIулел рукIарал къватIисел пачалихъаздаса спортивиял тайпабазул цо-цо тренераз,...

Новость на родном

ТIоцересел гьалбал къабул гьаруна

     Рагъулал тунка-г1усиязда бан Украинаялдаса лъутизе ккарал гIадамазул тIоцебесеб къокъа къабул гьабизе байбихьана республикаялда. 1 марталда Каспийскиялъул мэр Борис Гонцовас къабул гьаюна Луганск республикаялдаса кIиго лъимадул эбел Екатерина Симельникова.     Шагьаралъул нухмалъулес рагIи кьуна гIагараб заманалда гьелъие шагьаралъул школазул цоялда хIалтIи кьезеги кIиябго лъимер ясли-ахалда парахат гьабизеги квербакъизе.   Гьелде тIадеги гьел лъималазе...

Новость на родном

ГIахьвахъ районалъул депутатазул къасд

   ДНРалда ва ЛНРалда гIумру гьабулел гIадамазул ихтиярал цIунизелъун гьенире ритIулел къокъабазда гъорлъе жалги росеян гьарулеб буго Сергей Меликовасда ГIахьвахъ районалъул собраниялъул депутатаз. Гьелъие гIоло гьел хIадурал руго ярагъ кодобе босизеги.      ДРялъул бетIерасухъе гьединаб кагъат депутатаз битIун буго 28 февралалда. Гьединабго хIадурлъи загьир гьабун букIана церегIан къоязда Пачалихъияб Думаялъул депутатал Сайгидпаша ГIумахановасгун ГIабдулхIаким...

Новость на родном

Бегавулзаби тунгутIиялъул хIакъалъулъ. Цоги нухалда

      2 марталда ДРялъул Миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министерствоялда тIобитIараб данделъиялда гьоркьоб лъун букIана бакIалъулаб нухмалъиялда хурхун бахъараб законалъул проект.    Лъалеб букIахъе, росдал администрациялъул бетIерасдаса инкарги гьабун, гьесда тIадал ишал тIуразе руго территориалиял отделаз. ЦIакъаго гьитIинал росабалъ, старостаги тезе вуго, халкъалдаги тIалъиялдаги гьоркьоб кIкIал лъугьинаредухъ. Амма цо-цоял гьединаб ишалде данде...

Новость на родном

ВатIан байбихьула рахьдал мацIалдасан  

     Церекъад журналистазул букIана кутакалда ракI бохараб къо. Информациялъул ва печаталъул агентствоялде ва Цифрабазулаб цебетIеялъул министерствоялде гьоболлъухъ рачIун рукIана ДРялъул хIукуматалъул бетIер ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимов ва председателасул заместителал Ризван ГъазимухIамадовгун Заур Эминов. Араб гIасруялъул 80-абилел соназда Министрзабазул советалъул председательлъун вукIарав ГI. Мирзабеков ва араб соналда республикаялъул хIукуматалъул бетIерлъун вукIарав ГI. ГIамирханов гурони 40-ялдаса цIикIкIарал соназ...

Новость на родном

Гьудулзабаца мун ахIулев вуго…

         Даку… Даку Асадулаев! Гьеб цIар лъица бугониги абулеб рагIани яги ракIалде щвани, чIахIияб гIелалда, хасго магIарулазда цебе тIамула хIалихьалъи мукъсанаб, гIаданлъи бечедаб, яхI-намус щулияб, халкъалъул тIалабги гIадамасул къиматги бугеб кIудияб Советияб улкаги ва гьеб заманалда загьирлъарав, жакъагицин жиндир даражаялде лъилниги гьунар бахинчIев, магIарулазул бергьарав кочIохъан, мунагьал чураяв Даку Асадулаевги.    ...

Новость на родном

Беразда бихьун, квераз гьабун

      Ахирал соназда росдал магIишаталда рихьизарулел ругел лъикIал хIасилалги хIисабалде росун, нилъер республикаялда къабул гьаруна таманал инвестпроектал. Гьезул цо бутIа хIалтIизе байбихьана, цогидал гIумруялде рахъинаризе руго гIагараб заманалда.   ТЕПЛИЦАБИ       ХIалтIизе байбихьарал проектаз рес кьуна теплицабазул гIаммаб гIатIилъи 633 гектаралде ва гьениса бакIарулеб продукциялъул къадар 20 азарго тоннаялдаса (2017 сон)...