«Мунго тIаде къулараб, тIокIкIараб ицц кIочонге, умумузул хабада хурдузул сас кIочонге»

 

 

ХIанчIица ахIула, огь, ВатIанилан,

 Дурги буго, ВатIан, хирияв гьалмагъ.

Дур росуцоялгун дандчIвай гьабизе,

Мун ахIулев вуго гIагараб ракьалъ.

 

    Ассалам гIалайкум, магIарулал. «Би цо, бо цо буго нилъер» — гьедин такрар гьабизе цIакъ бокьула КIуядаса МухIамадхIабиб ГIалискандиевасе. Нужер гIемерисезда вихьунги рагIунги ватила гьев магIарулазул горсвериязда, дандеруссиназда кодоб ккун тIамургун. Гьалдолеб гIищкъу гъорлъ бессараб хасаб гугьаргун, биччан гьаракьгун кечI ахIулев. Макъалаялъул байбихьуда лъураб ункъо мухъги буго гьес гIемераб ахIулеб кочIолъа босун лъураб. ЦIакъ хириял руго МухIамадхIабибие магIарул тIамурги, нилъер машгьурал шагIирзабаз хъварал хвел гьечIел асаралги, бацIцIадго бицунеб магIарул мацIги, магIарул гIадатгун гIамалги, инсухълъиги, умумузул тарихги. Гьеб кинабго цIакъ хирияб буго гьесие ва гьелъул кутакалда къиматги гьабула.

    Гьеб киналъулго хIакъалъулъ цIалдолесеги бицине, магIарул бакъаналда цоги нухалъ кечIги ахIизе, магIарулазул эркенаб гъанситохъе – «ХIакъикъат» газеталъул редакциялде ахIун вукIана нижеца гьев араб хамиз къоялъ. МухIамадхIабибица бицана жиндирго умумузул, магIарухълъиялъул, рахьдал мацIалъул ва гьеб гуреб цогидалъул хIакъалъулъ. ГIемераб бакIалде щола гьесул пикраби. Пикрабазегун рагIабазе гIорхъаби къалеб, сабруялда кIалъалеб гIадат гьечIо гьесул. Гьелъулъги буго гьесул хаслъи.

 

«КIочон тоге магIарухъ магьал раччарал гIарщал.

КIочон тоге магIарул чода тIад кьили-тIенкел»

    — ХIанчIилги кIиго кIваркьи букIунеб гIадин, кIиго ватIан буго дир гьаб ракьалда – цояб Гъуниб районалъул КIуяда, цогидаб — Шамил районалъул Гъогъолъ. Анкьумумузул рагIа-ракьанде щун бицине лъугьани, кIиго сордоги къоги гIеларин ккола. Бицина къокъго. Дир анкьумумузул тарих байбихьула КIуядасан. Гьел гIахьаллъана Надир-шагь щущахъ виххизавураб бодулъги, Шамил имамасул хьибил ккун гьел рагъана гъазаваталъул рагъдаги, дир ункъабилев эмен жиндир заманалда цIалана Къарахъа МухIамадтIагьирихъ. Лъабабилев эмен ГIалисканди жиндир заманалда вукIана КъахIив ХIасан-устарасда аскIов. Инсул эмен — ГIабдайилазул МухIамад гIумру гьабун вукIана гъагъадеридаги тIелкьадеридаги гьоркьоб бугеб некIсияб Чарахъ росулъ. Сверухъ ругел Гьонода, КIуяда, Гъогъолъ, ТIелекь росулъ киназдаго лъалев гьунар бугев маххул къебед вукIана гьев мунагьал чурад. Маххул къебелъиялъе гуребги букIана гьесул гьунар. Гьесдаса ирсалъе щвараб махщел жакъа хIалтIизабула дир инсуцаги (ГIабдайилазул МухIамадил АхIмад — гьесулгун гIатIидаб гара-чIвари бахъун букIана «ХIакъикъаталъ» араб соналъул октябралда; авт.).

 

    РекIел тIинда букIуна цо рохел – лъоба (магIарухъ) цо бакI бугинха дирилан абураб пикруялъ. Гьеб пикруялъ беэдула дир ракI, гьелъ гIажаибаб къуватги рохелги кьола черхалъе. Найил тIулбузда жаниб къараб гIадаб гIумругун гьаб шагьаралда чIун ругел гIадамазухъ балагьидал, пашманлъи рещтIуна рекIелъе. ТалихIкъарал, къо бухIарал минутаз жанире лъугьине нахъарукъ гьечIел гьезда дун гурхIула, битIараб бицани. Дир рес букIарабани, киналго миллатцоял магIарухъе хIал гьабунги ритIилаан дица зама-заманалдасан, цIуне нужерго умумузул мацIги, умумузул цIарги, умумузул гъанситогиян, амруги гьабун. Гьедин цIуничIони, лъугIизе буго нилъер миллат. БукIанила, букIинчIила, букIинецин букIинчIилан абун, заманалдасан, салулъе цIун, къараб лъим гIадин, лъугIизе буго магIаруллъиги, гьелъул бечедаб тарихги. Гьедин ккезе буго нилъеца хIаракат бахъичIони.

— МухIамадхIабиб, рахьдал мацI цIуниялъул бицунеб бугелъул дуца. Амма нилъеда жакъа бихьулеб бугеб хIакъикъаталъул роценалда рекъон, сверухъе балагьани, кидалъагIандай гьеб цIунизе кIвела? Щайгурелъул гьабсагIат гIемер абулеб буго «глобализациялъ» квер лъезе бугин сундаго абун. Нилъер цохIо мацIги, цохIо маданиятги (нилъерго миллияб гуро) гурони, хутIизе гьечIин, цIакъ хIинкъи бугел прогнозал тIиритIизарулел руго. КIвеладай гьел шартIазда нилъеда нилъер мацI цIунизе?

   — ВатIан бокьи (патриотизм) абураб рагIул магIна, щибаб хIарпхIарпккун, щивасул бидулъ бессизабичIони, гIагараб заманалда гьеб цIунун бажаризе гьечIо. Эбелалъ кинидаго лъимадул рекIелъе рахьдал мацIалдехун бугеб рокьи, гьелдехун бугеб хIурмат цIикIкIинабизе бажаричIони, нилъер умумузул мацIалъ бищун бани, базе буго 100-150 сон. Гьебгицин базе гьечIо, цIияб гIел цIакъго бичча-бихъан тани, гьезда магIарул мацI тIубанго кIочене рес кьуни. Рахьдал мацIалда кучIдул ахIичIони, школазда, рокъоб бицинчIони, годекIабахъ гьелъул гьаракь къотIани, лъугIун, тIагIун, ине буго мацIги маданиятги.

   Патриотизм абураб мисал чорхолъ гьечIони, нилъ лъиениги къваригIарал чагIи рукIине гьечIо. Нилъ рукIине руго нилъеразда гьоркьорги чиярал, чияразда гьоркьорги щибниги къадру-къиматги гьечIел, пакъирал чагIилъун. ГьитIинаб миллат, кIудияб жанаваралъ кIкIураб гIадин, хвезе буго гьеб мехалъ. Гьединлъидал дица абула гьитIинаб миллат букIине ккола гIужрукъ гIадин. КIудияб жанаваралъе къулчIизе бокьидал — дандекъан, къулчIизе лъугьарабго — гьелъул мукъулукъги хъарс-хъарсун бан, жанавар гъанкъизе кIолеб даражаялда.

  Мунго дуего вокьизе ккола, тIоцебесеб иргаялда. Мунго дуего вокьичIони, дурго къимат дуца гьабичIони, дурги гьабизе гьечIо лъицаниги. Гьеб гьедин ккечIого букIине бищун аслияб борчги буго руччабазда тIад. ГъалбацI къинлъун гурони, гъалбацI гьабуларо. Эбелалъ кинидахъ ахIараб кочIоца гIадин, сунцаниги куцаларо бихьинчи ватIан бокьизеги, гьелдаса чIухIизеги, къо ккараб мехалъ гьелъие гIоло хвезеги. Эмен, рукъалъул хважаин, вукIуна магIишаталда тIад виххун, хъизан хьихьизе чед-хинкI балагьулев. ГIаданлъун мун вукIине куцай — гьеб буго улбузул налъи, гьезул гIумрудул масъала.

 

Бесдаллъизе вуго мун, кигIан рес бугониги

 

— Жакъасеб заман буго рухIияб рахъ хъарцинлъараб, гьелъул къимат хвараб. Цебе абулаан, лъикIаб кочIохъ кьоло-гъолораб чу кьолаанин магIарухъ. Гьединаб букIана доб мехалъ ахIулеб кочIол къимат. Жакъа дуца тIамуралда ахIулеб кочIоца тарбия кьоладай чиясе? Гьелъ сундениги кантIизавулев вугодай магIарулав? Къиматаб бугодай гьезие умумузул бакъанги кечIги? Гьелъул пикру гьабулищ дуца?

   — Жакъа ахIулеб кочIол гIадатияв чияс кин къимат гьабилеб, кин гьесда гьелъул аслуги аслияб магIнаги бичIчIилеб, гьеб жалго артистаздаги, Культураялъул министерствоялдаги бичIчIулеб гьечIеб мехалъ. ЦохIого жо ахIулел кочIохъабиян цIар лъурал чагIиги руго, гьезда орденал-медалал ралеб, гьезие мустахIикъал артистазул цIарал кьолеб министерствоги буго.

    МагIарухъ цояс босун буго телевизор. Рукъалъул ракьанда гьеб рекъезабулев вукIаго, мадугьал вачIун вуго, цIар щибин алдайин абун. Валлагь, лъикI хIалтIани, инсул цIар лъезе ракIалда бугин жаваб кьун буго телевизор босарас. Жакъа щибаб жоялда жинди-жиндир цIар лъезе кIолеб даражаялда нилъ рукIин, щивас жинда тIадаб хъулухъ тIубазе кIолеб хIалалъ хIакимзабиги хъулухъчагIи рукIин цIакъ кIвар бугеб жо ккола. Гьединаб даража гьезулъ загIиплъун букIиналъ ккун буго иш гьелде. Гьелдаго цадахъ ахIулеб кочIол даражаги.

    Дица ахIулеб кочIол аудиторияйин абулаха гъолда гIурусалъ — гьеб аслияб къагIидаялъ ккола тIадмагIарухълъи. ТIадмагIарухъ гIумру гьабун ругел, ахIулеб кочIол магIнаги бичIчIулел, гьелъухъ гIенеккизеги лъалел, ахIарал рагIабазул гъваридаб магIнаги бичIчIулел чагIи – гьеле дир аудитория.

    Расулил руго цIакъ гъваридал рагIаби: «Бесдаллъизе вуго мун, кигIан рес бугониги», — абун. Бесдаллъулел руго нилъ жакъа.

    Рес цIикIкIанагIан, чванта биццалъанагIан чи бесдаллъула. Гьелъул магIна кколаро эбел-эменги хун гьев хутIи. Гьев бесдаллъула тIоцеве жиндирго халкъалъе.

    Гьездаса вахчизе хIаракат бахъула гьес бечелъанагIан. Гьезги квер хьвагIун тола гьев. Гьеб буго гъоб рухIияб бесдаллъи.

     Гьеб рухIияб рахъалъ бесдаллъун рукIине нилъ жакъа бегьуларо.

    Жакъасев артист вукIине ккола миллат жаниса бихьулеб матIулъун. Унго-унгояв артист гьев ккола миллаталъул гьумер гIадав чи. Жакъа цояб кваркьи гIалимзабазухъ батани, цояб кваркьи артистазухъ, кочIохъабазухъ бугин абила дица. Амма вугищха жакъасеб сценаялде вахун кIичIардулев артист халкъалъул матIулъун?

   ПонцIорал кIутIбиги росун, тIад къараб тIажуги ретIун, артистлъи гьабизе сценаялде яхарай кочIохъаналъ кинаб мисалги бихьизабун куцалеб бугеб жакъасеб гIел? Гьезие гIив ахIулел, чIинкI бачунел гьагал гIоркьилал рихьидал, жидецаги гьебго жо гьабизе кколин ракIалде кколеб буго гIун бачIунеб гIелалда. Чияр бакъаналда гъоркь микрофоналдаса «кутузул гьаркьал» гьаризе цере рахъунел артистал рихьидал, гьеб гIадатияб жолъун къабул гьабулеб буго цIияб гIелалъ. Гьелъ къосинавулев вуго инсан.

   Сах-саламатав бихьинчияс, кочIохъанас чияр бакъан бикъуларо. Гьединан букIана некIо магIарухъ. Гьеб жо цIогь ккола. Жакъа цIогьодулел артистаз кинаб тарбия кьолеб цIияб гIелалъе? Гьеб цо мисал рехсани гIеларищ, гьез магIаруллъи гуккулеб бугеб куц загьир гьабизе.

 

«Хваралги ракIалде щун, шигIруялда кIалъазин»

    Дир кечIалъ гьединаб тарбия кьоларо магIарулазе. Дир кочIоца чи куцала умумузул бахIарчилъиялъул пикру гьабизе, гьездаса ракI-ракIалъ чIухIизе. Надир-шагьасул аскаразулъги имам Шамилил бодулъги наслаби бахилаб бахIарчилъи бихьизабурал умумуздаса чIухIизе. КIалдиб речIчIараб гулла чIамун къватIибе турал, щукIдузда далараб гъеж тIад малги чIун тIун рехарал, жужахIалъул цIеда бухIизе кIолареб яхIалъул борхалъиялъул церехъабилъун жал рукIарал, нилъер умумузул хIакъалъулъ ахIула дица кечI. Гьелъухъ гIенеккулел гIадамалги руго сахал, цIодорал, жидерго пикруги, ассги бугел, унго-унгоял магIарулал.

— КечI ахIи дуца дурго махщеллъун гьабун гьечIо — гьеб бихьулеб буго. Сценаялде вахун халкъалъе гьеб ахIулевги мун вихьичIо. Кин бугониги, щиб жо кколеб дуе жакъа магIарул кечI? Сунца мун гьеб ахIизе тIамулев?

    — ЦIакъ битIараб суал кьуна дуца дие. КечI дир кIудияв вацасги ахIула, гIолохъанаб мехалъ гIемераб ахIана дир инсуца — АхIмадицаги. Амма нижер кьолбода жаниб кибниги хъвачIеб къанун гIадаб жо букIана цо гьадинаб кьучIаб мисал. Эбелги, яцалги, гIагарлъиялъул руччабиги ругеб бакIалда ахIизе бегьулареб кечI нижеца киданиги ахIичIо. Гьеб мисалалда нахъ вилълъун ахIула дицаги жакъа кечI. Сценаялдеги вахун дица гьеб ахIуларо, белталги ричун концерталги гьаричIо, гьаризеги гьечIо. Дица кечI ахIула эркенаб сверуда. Дир кечIги гьелъул магIнаги бичIчIулел, гьелъухъ гIенеккизеги лъалел чагIазе.

Гьаб бакIалде гара-чIвари щварабго, нахъойги тIамурги кодобе босун, эбелаб бакъан биччана гьес. МухIамадхIабибица ахIана Игьалиса Чупалас гьабураб «Имамзабиги тIагIун, Дагъистан хараблъидал» абураб машгьураб кечI. ЦIакъ кутакалда асар гьабуледухъ, Шамилил заманги, гъазаваталъул рагъ боркьарал гьалдолел къоялги нилъеда цере чIоледухъ ахIула гьес Игьалиса Чупаласул бергьун гъваридаб асар. Гьеб къоялъ гьес ахIана Расулил машгьураб «МугIрул тун авлахъазде, рахъунел магIарулал» абураб шигIруги, Фазу ГIалиевалъул «МугIрузул закон» ва гьидерил Хочбариде гьабураб халкъияб кечIги. ТIубанго гьесулгун букIараб гарачIвариялъухъ ва МухIамадхIабибица ахIарал кучIдузухъ гIинтIамизе бегьула нижер газеталъул YouTubeканалалдасан.

Аллагьас хъван батани, МухIамадхIабибги гьевго гIадал, магIарул миллияб бакъаналда чIагояб гьаракьалъ кечI ахIизе гьунар бугел кочIохъабиги данде ракIарун, магIарул кочIол сордо тIобитIизеги ракIалда буго нижеда. МагIарулал жакъа урхъун руго лъикIаб кочIохъ…

 

Ашахан ЮСУПОВ