Новость на родном

«Исламалъул нуралъ» гIемерав чиясул рекIеда канлъи бихьизабуна

            ГIемерисезда лъаларо «Нурул Исламалъе» кьучI лъурав МухIамад ХIажиев тохтурлъиялъеги цIаларав, чанго батIияб бакIалда хIалтIун, гIадамазул сахлъи цIуниялъе эхетарав инсанги кколевлъи. ЦIакъго къанагIатал чагIазда гурони лъаларо МухIамад, жиндир баракат щваяв Бакълъухъа СагIдухIажиясул МухIамад-афанди (къ.с.) ясалъул вас вукIинги. МухIамадида газеталъул юбилейги баркун, гьал къоязда гьесулгун букIараб гара-чIвари кьолеб буго жакъасеб номералда....

Новость на родном

КIиго къисмат, цо гьунар

    1979 соналъул 26 апрелалда бахъараб СССРалъул Рагъулал къуватазул генералияб штабалъул 314/2/061 директиваялъул кьучIалда гIуцIана ВатIаналъул рагъулаб тарихалде «Бусурбабазул батальон» абураб цIаралда БетIераб разведкаялъул управлениялъул хасаб кIваралъул 154-абилеб къокъа. 1981 соналъул 7 маялда тIоцебесеб мотострелковияб батальоналъул часталъул Рагъулаб Байрахъ кьураб къокъаялъ, 29-30 октябралъул сардил гIужалда, Термез шагьаралда гIагарлъухъ Афгъанистаналъул пачалихъияб гIорхъи бахана. Рехсараб къокъаялъул...

Новость на родном

Цоги гIумру ана ковидалъ босун

     Гъоркьиса 68 сон тIубана юстициялъул полковник ХIайдарбег ХIайдарбеговас. Исана 26 янва-ралда гьев ккана больницаялде – гьуърузул 15 проценталда ковидалъул унти хъинтIун бугинги абун. Больницаялда вукIаго, унти цIикIкIана ва ковидалъ «кванан» батана гьуърузул 95 процент. Тохтурзабазухъа бажаричIо гьесие кинабгIаги кумек гьабун.     ДРялъул мустахIикъав юрист, низам цIунулел идарабазул ветеран, ритIухълъиялъе гIоло гIумру кьезе...

Новость на родном

ТIири ургъел гьечIо харбазул

    Жив Южно-Сухокумск шагьаралъул администрациялъул бетIерасул заместительлъун тIамунин, жинде гьабураб божилъиялъухъ баркалайин хъвана Инстаграмалда жамгIияв хIаракатчи Булач ЧIанкIалаевас.     ГIахьвахъ районалъул Ингердахъа гьев гIолохъанчи гIезегIан лъикI лъала республикаялда, хасго МахIачхъалаялда. Булачил лъайхъваял руго батIи-батIияб заманалда хъулухъазда, политикаялъулъ, спорталъулъ ва жамгIияб гIумрудулъ рукIаралги ругелги гIадамазулгун. РахIму-цIобалъул, экологиялъул тадбиразулъги бищун цеве ватула гьев. МахIачхъалаялъул мэр...

Новость на родном

«МеликовасгIан гIемер гIарац биччалароан «афгъаналъулазе»

       15 февралалда ДРялъул хIукуматалъул председателасул заместитель ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимов дандчIвана республикаялъул «афгъаналъулалгун». Гьелъие гIиллалъун ккана 15 февраль советиял аскарал Афгъанистаналдаса нахъе рачараб къо букIин. Гьелдаса нахъе ана 33 сон.       Гьеб дандчIваялда гьоркьоб лъураб аслияб лъабго суалалъул цояб букIана афгъаналъулазе жанир чIезе рукъзал къваригIун рукIин. Амма цересел соназда дандеккун, исана гIезегIан...

Новость на родном

Коронавирусалде данде къеркьей чучизе тун гьечIо

ДРялда коронавирус тIибитIизе биччангутIиялъул Оперативияб штабалъул баяназда рекъон, 14 февралалда республикаялда коронавирусалъул унти тIатана 601 чиясул, 154-яв больницабазда регизаруна, 527 чи сахлъана, 10 чи хвана. 60 ва цIикIкIун сонал раразе республикаялда лъазабун буго самоизоляциялъул къагIида, вакцинация гьабурал ва хIалтIуда ругел гIадамазе хутIун. Чара гьечIеб къваригIелалъ гурони гIемер къватIире рахъунгеян лъазабулеб буго Роспотребнадзоралъги. ТIадехун рехсарал баяналги...

Новость на родном

Лъица гьукъун бугеб? Президентасищ?

     Нижер районалда буго 5 батIияб мацI: авар, кIаралазул, гIахьвалазул, багвалазул ва тIукадерил. Гьединлъидал, лъица щиб бицаниги, авар мацI рахьдал мацIлъун кколаро кIараласе, гIарчосесе, гIанчихъесе, тIарадаинхелосесе, рацилъесе, маштадасасе, рачабулдасесе, гьединго авар мацI рахьдал мацIлъун кколаро тIадмагъилъесе, кIудиябросулъесе, лологъонилъесе, изаносесе, лъибищосесе, лъисисесе ва тIукитIесесе.    Гьезул эбел-эмен лъималаздаги кIалъала жидерго рахьдал мацIалда. Советияб власталда цебе...

Новость на родном

Зайнаб Мусаева: «Ислам лъазабизе гIинкъазе къварилъи гьечIо»

     Щивав бусурбанчиясда тIадаб буго жидерго лъималазда исламалъул рукнаби малъизе. Амма ахIулеб какил гьаракьги рагIуларел, хирияб Къуръан цIалулезухъ гIенеккизе ресги гьечIел гIадамаз кинха диналъул тIагIамги босилеб, исламалъул рукнабиги тIуралел? Щибго рагIуларел яги гIинда бакIал лъималазда кин бичIчIизабилеб парзазул магIна? Гьел суалазе жавабал цIехолаго, жиндирго васасеги, гIинда бакIал ва тIубанго гIинкъал аза-азар бусурбабазеги исламалъул рукнабиги...

Новость на родном

Чачаназул Кванхиса магIарулал ва жакъасеб Цветковка

      Чачан республикаялъул ракьалда бугеб магIарулаз гIумру гьабулеб Кванхи росулъа гIадамал Гъизляр районалъул Цветковка росулъе гочине байбихьана 1957 соналда. Гьелдаса нахъе гьез цIунун буго жидеде щвезегIанги Цветковкаялда гIумру гьабулел ратарал гIадамаздехун адабги ракI битIараб бербалагьиги. Гьединго рагъ байбихьидалги Кванхи росулъа цо бутIа гIадамазул кIиабилеб нухалдаги гочана гьенибе. Тарихиял баянал     Советияб заманалда...

Новость на родном

Бокьула магIарул ясазул гьурмалъ …

   «ХIакъикъат» газеталда хIалтIизе лъугьаралдаса нахъеги дида лъанщинал лъикIал гIадамал. Гьезул щивас дир гIумруялъул тIехьалда толел руго жидерго тIанчалги. Зама-заманалдасан гьебги цIалун, ракI-ракIалъ йохизе ячIуна – гьадинал гIадамал ракьалда рукIинчIелани, жакъасеб гIумруялда тIагIам батIияб букIинаан.   Гьале гьаб нухалдаги газеталде гьоболлъухъ рачIун рукIана дагьаб цебегIан МахIачхъалаялда тIобитIараб «ЛъагIалил мугIрузул яс» абураб конкурсалда бергьарай Гумбет районалъул...