Рахьдал мацIалъул бакънал

 

   22 февралалда Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб Миллияб библиотекаялда тIобитIана Халкъазда гьоркьосеб рахьдал мацIазул хIурматалда гIуцIараб “Рахьдал мацIалъул бакънал” абураб тадбир.

   Гьелда гIахьаллъи гьабуна шагIирзаби Сабигат МухIамадовалъ, Космина Исрапиловалъ, Аминат ГIабдулманаповалъ, Бахтун Гъазиевалъ, гIалимзаби — Расул БахIамадовас, Хизри Юсуповас, Хазина Аминовалъ, табасаран мацIалда бахъулеб “Лачен” журналалъул редактор Фероза СолтIановалъ, журналистаз, студентаз ва цогидаз.

  Гьел киназго жиде-жидер рахьдал мацIазда цIалана кучIдул.

    ДГУялъул халкъазда гьоркьосеб лъай кьеялъул факультеталда цIалулел ругел Йеменалдаса, Узбекистаналдаса, Нигериялдаса, Сириялдаса, Египеталдаса, Кореялдаса, Азербайжаналдаса студентаз цIалана ва ахIана жидерго рахьдал мацIалде руссинарурал Дагъистаналъул шагIирзабазул асарал. МацIал батIиял ругониги, балагьаразе цIакъ асар гьабуна гьезул церерахъиналъ.

 М. Манапов