ХIалтIулаго гIетI тIун, кваналаго тIагIам лъан

 

   Гьал къоязда редакциялде гьоболлъухъ рачIун рукIана «Нагорный Дагестан» (нухмалъулев Къасум Салманов) абураб найихъабазул къокъаялъул вакилзаби — МухIамадов МахIмуд, Сайпулаев МутIалип, МухIамадов ХIусен ва шагIир Жаватханова ТIагьират. ГьацIул нигIматаз ва тIагIамаб чаялъ хьезабураб столалда нахъа редакция­ лъул хIалтIухъабазулгун гьезул букIараб хабар-кIалалда аслияб темалъун найихъанлъи букIаниги, гьелдаго цадахъ рорхана миллаталда, мацIалда хурхарал суалалги. Гьелдаса хадуб нижер гара-чIвари ккана хIалбихьи бугев найихъан, Гумбет районалъул Ингиши росулъа Сайпулаев МутIалипилгун.

-МутIалип, гьабсагIаталда чан найихъан Дагъистаналда вугев, бугищ гьел киналго данде гьарулеб гIуцIи ва лъазе кIолищ нилъер гьаниб бугеб найил тIулбузул къадар?

  — Республикаялда буго найихъабазул ассоциация. Гьелъул нухмалъулев Надир АхIмадовасул рагIабазда рекъон, нилъер гьанив вуго ункъазаргогIанасев найихъан. Наязул къадар мухIканго абизе кIоларо, гIага-шагарго цо-цо найихъанасул батила, гьоркьохъеб хIисабалда, 40- 50 тIала.

— Дагъистаналъул ракьалъул гIатIилъиялда рекъон, гьеб къадар гIемерищ бугеб яги дагьищ?

   — ГIемер гьечIо. Амма гьеб къадаралъе нилъер ракь, гьелъул тIабигIаталъул бечелъи эркенго гIола. ГьедигIанасебго къадар тIадеги бугони, щибго къварилъи гьечIо.

— Абула найихъанлъи бугин баракатаб хIалтIийилан. Дур пикруялда, сундулъ бугеб баракат?

 — ТIоцебесеб иргаялда, гьоцIо буго дару. ЦохIо гьоцIо гуребги, найихъанлъиялъ кьола кутакалда пайдаял батIи-батIиял нигIматал – перга, пыльца, маточное молоко, прополис ва гIемераб цогидабги. ХIатта хвараб наялъулцин гьабула къиматаб дару. Гьеб буго берцинаб, бацIцIадаб, лъиениги зарал-зиян гьабулареб магIишат. На буго гъветIхералъе чара гьечIеб (опыление) рухIчIаголъи. Дица киназдаго абула найихъанлъиялде руссайин, гьеб бугин гIажаибаб, байбихьани тIокIаб тезе кIолареб хIалтIийилан абун.

— ГIи-боцIухъанлъи буго нилъее хасиятаб магIишат. Найихъанлъи нилъер рукIа-рахъиналда данде кколеб пиша бугищ?

   — Кутакалда буго, гьелъие рижаралги руго нилъ. Нилъер тIабигIат буго бечедаб, гIи-боцIухъанлъиялъе, хурухъанлъиялъе ва найихъанлъиялъе цIакъго рекъарал шартIал ругеб. Гьеб лъабабго буго цадахъ рекъон гьабизе кколеб, кинаб рахъ босаниги, нилъер гIадат-гIамалалдаги рукIарахъиналдаги цIакъго данде кколеб хIалтIи. Нилъ, ай магIарулал руго къуватал, къвакIарал гIадамал. Мохмохги, хинкIалги, гьоцIоги кваналев чиясул сахлъиги лъикIаб букIуна.

— Дурго чан тIала бугеб, найихъанасе пайдаяб, хайирияб хIалтIи бугищ гьеб?

  — Дир буго 80 тIала ва гьел доре-гьанире раччизе кIиго машина. Гьава-бакъ рекъараб заманалда гочинабун хьихьулеб, тайпадулаб найил цо тIалаялъ гIатIиракьалда кьезе бегьула 20-40 кило гьацIул, магIарухъ — 10-15 кило гурого щоларо. БукIуна заман гьабин абун гьоцIо щвечIебги. Найихъанлъи буго гIезегIан захIматаб хIалтIи. ХIалтIулъ кьогIлъи бихьичIого, гьацIул гьуинлъи лъаларо, хайирги щоларо. ТIабигIат лъикIаб букIиналъ, техникаги цоги хIажатабги гьечIолъиялъ нилъер умумуз гIей гьабулаан росулъго чIун гьел хьихьиялда. Гьанже гьедин тIубаларо, найихъан ине ккола тIегьалеб гъветI-хералда (гьоцIо кьолеб) хаду-хадув. ГьоцIоги, гьелда рекъон хайирги щвезе ккани, гъуждул гурун хIалтIизе ккола найихъан. ХIасил гьабун абила, гIемерго бечелъичIониги, хIалалго щвараб гъурущалъ хъизам хьихьун бажарулеб хIалтIи буго найихъанлъи.

— Дуца бицана ахирал соназда тIоритIарал тIолгодунялалъулги (40 пачалихъалъул вакилза- би гIахьаллъараб) ва тIолго­ россиялъулги конкурсазда ни­ лъер гьацIуца ккунин цересел бакIалилан абун. Амма гьоцIо кваналезда лъикI лъала Алтаялъул ва Башкириялъул гьоцIо…

  — Нилъер гIиял гьанал, пиринчIалъул, урбаялъул буго киназдаго лъалеб цIар. Гьеб мухъилъ чара гьечIого букIине мустахIикъаб буго гьоцIоги. Гьедин букIиналъе хIаракат бахъулеб буго найихъабазул ассоциациялъги. Гьеб суал борхун букIана росдал магIишаталъул министрасулгун букIараб данделъиялдаги.

— Ахирал соназда холеб буго гIемер на. Гьелъие гIилла щиб?

  — Гьеб суалалда тIасан букIана гIемераб ахIи-хIур. Гьелъие аслияб гIилла ккола гьадинаб хIужа. Щибаб соналда Узбекистаналдаса нилъер гьанибе босун бачIуна 10- 15 азарго пчелопакет. Гьел рачIуна букIине кколеб хIалалда тIадал идарабаз халги гьабичIого, унтараб, клещ-нацIги тIад бугеб нагун. Гьел унтаби рахунел руго нилъерго наязде, цIикIкIунеб буго холеб наялъул къадар. Гьелдаго цадахъ гIемераб на холеб буго тIабигIаталъул ва гьавабакъалъул шартIал хисулел, авлахъазда гIемераб загьру хIалтIизабулеб букIиналъ. КIудияб зарал гьабула варроа клещ-нацIалъ, гьелъ кьолеб унтуца. Балагьун бераздацин бихьулареб, цIакъго гьитIинаб гьеб нацI тIагIинаби буго цIакъго кIвар бугеб масъала. Наялда тIад рекIун букIунеб гьеб дагьабниги тIибитIани, рехун тун тIалагун, наязул бо лъутун уна. Жиндир заманалда, хасел тIамизе на унаго, дару гьабун, гьеб бацIцIад гьабуни, ихдал цоги нухалъ даруги гьабун кIола гьеб цIунизе.

— Дуца абуна на хвеялъе цо гIилла авлахъазда загьру хIал­ тIизаби бугин. Амма гъветI-хер унтабаздаса, заралияб хIутI-хIа­параялдаса цIуниялъе кинго тIубаларо загьру хIалтIизабичIого. Кинаб сабабха гьелъие бугеб?

  — Унти ва хIапара тIагIинариялъе дару-загьру хIалтIизабизе кколеблъи хIакъаб буго, амма суал буго гьелъул къадаралда ва даражаялда бараб. ГIемераз хIалтIизарулел руго Китаялдаса рачIарал, кутакалда къуватал ва цIакъго заралиял, цо нухалъ речIчIизарун кинабго хIутI-хIапара хвезабулел дараби. Гьез хвезабулеб буго тIегь-хералдаса пайда босулебщинаб хIутI-хIапара, гьезда гьоркьоб наги. Нижер цохIого цо бугеб тIалаб ккола хIалтIизаричIого гIоларел удобрениял-ядохимикатал бихьизабураб заманалда ва чIезарурал нормабазда рекъон хIалтIизари.

— Нужер гIелмуги лъаларев гIадатияв чияс гьоцIо босулеб бугони, кин гьесда батIа бахъизе лъазе бугеб бацIцIадабги гьоркьор тIадежураял ругебги? Чакар лъечIого Дагъистаналда кинго тIубаларин абураб жо битIараб бугищ?

  — Найихъанасдаги, жибго наялдаги, тIад вугев Аллагьасдаги гурони гьеб суалалъе мухIканаб жаваб лъаларо. Лъала биохимияб лабораториялдаги (Дагъистаналда гьеб гьечIо). Квералда бахун, кибехунго цIан, цIа рекIинабун найил гьоцIое къимат кьезе кIоларо. РакIчIун абизе кIолеб жо буго цо – гьоцIо босизе ккола дудаго лъалев, ракIчIарав, божилъи бугев найихъанасул. Чакар лъечIого тIубаларин аби битIараб гьечIо, дица абула тIубалин абун. ТIубазе ккани, гочаризе ккола, тIегьалда хадув хьвадулев вукIине ккола найихъан.

— КигIан заманалда ва кинал шартIазда цIунизе бегьулеб гьоцIо?

   — ГьацIуе рокьуларо бакъул чIорал ва риччел, амма цIорол ялъуни щагIил тIагIелазда жаниб гьеб цIунизе бегьула цIакъго халатккун. Бищунго лъикIаллъун рикIкIуна 14 градус температураялъул бугел шартIал.

— Республикаялъул найихъабазул гIемер рукIунищ жидерго масъалаби дандралел данделъаби, ракIалда бугищ гьединал тадбирал гIагараб заманалда тIоритIизе?

   — «Нагорный Дагестан» гIуцIиялъ щибаб соналъ тIоритIула найихъабазул данделъаби. Исана гьелъие къо цIан буго 26 февралалда, магIарухъе унеб нухда, «БагIараб кьо» бугеб бакIалда (Хьаргаби район). Гьеб тадбиралда гIахьаллъизе руго магIарухълъиялъул найихъаби, цере лъезе руго кIвар бугел масъалаби, бицине буго лъугьун бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ, дандразе руго суалал.

— Нужеца, ай найихъабаз, цIалулищ «ХIакъикъат» газета?

  — «ХIакъикъатги» «Ас-саламги» цIалула. Гьеб кинабго нижеца рикIкIуна нижер аслияб хIалтIуда цадахъ тIубазе кколеб налъилъун.

 

ГIабаш ГIабашилов