Къуват кьола хIалтIуде бугеб рокьиялъ

ЧIарада районалъул Гьилиб росдал ясли-ахалъе нухмалъи гьабулеб бугелдаса 30 сон буго Рукъият КъурамухIамадовалъул. Гьал къоязда ниж дандчIвана Рукъиятгун ва нижеда гьоркьоб ккана гьадинаб гара-чIвари.

 

    — ГьитIинаб къоялдаса нахъе дир анищ букIана мугIалимлъун яхъине, — ян бицана Р. КъурамухIамадовас.

     — Хехго ригьнадеги кьун, хадурго цун лъималги гьарун, гьеб махщалие цIализе ине рес ккечIо. Амма гьеб анищ дир рекIелъ кидаго гьалдолеб букIана.

        Дир классцояй йикIана ясли-ахалъул нухмалъулей. Дица гьелда гьарана дун хIалтIизе йосиларищин. РайОНОялъул изнуялдалъун, дагьаб мехалъ гьение хIалтIизе йосана. Хадуб, райОНОялъ лъазабуна, заочногIаги цIализе кколин абун. Гьеб мехалъ цIализе лъугьана Хасавюрталда бугеб педагогикияб училищеялде. Заочно цIалулей йикIаниги, гIезегIан захIмат букIана. Гьел рукIиндалха 90-абилел сонал. ГьитIинал лъималги рокъор тун моцIалъ сессия кьолей йикIинги бигьаяб иш букIинчIо. Амма дир анищ гIумруялде бахъинабизе кумекги квербакъиги гьабуна бетIергьанчияс. Училищеги лъугIун диплом щвараб къо гIумруялъул бищун талихIал къоязул цояб букIана. Гьений цIалулеб заманалдаго, ясли-ахалъул нухмалъулейги унтун, гьеб хIалтIи дида тIадкъана.

— ЗахIмат букIанищ хIалбихьи гьечIей дуе ясли-ахалъе нухмалъи гьабизе?

   — Гьеб букIана пачалихъ биххараб заман. ХIатта, лъималазе сахаб бусен-къайицин букIинчIо. ХIалтIухъабазе харж кьезе ва лъималазе квен-тIех босизе гIарац гIолароан. Гьениб кинабго хIалтIи гьабизе, хвараб, бекараб къачIазе кумек гьабуна ва жакъаги гьабула бетIергьанчияс.

   Ясли-ахги букIана басриябго минаялъуб хIебтIун. Дие бокьун букIана гьениб капиталияб ремонт гьабизе ва дагьаб гIатIилъизабизе. Цо нухалъ росдал клубалда тIобитIулеб букIана депутат МухIамад Садулаевасулгун дандчIвай. КигIан нечон йикIаниги, ясли-ахалда хIалтIи гьабизе кумек къваригIун бугин абуна гьесда. Гьесги абуна гьеб иш жинца тIаде босилин. Гьес кьураб рагIиги ккуна. Кумек гьабуна росдал бегавулас ва райОНОялъ. Гьанже ясли-ахалда киналго квегIенлъаби руго.

   Жакъа ясли-ахалда буго 27 лъимер ва анкьго хIалтIухъан.

 

— Нухмалъулей хIисабалда, хIалтIухъабаздехун кинайлъун йикIине дуца хIаракат бахъулеб?

   — Дида бичIчIана, нухмалъулесе бищун къваригIунел хасиятал сабруги, чIухIи гьечIолъиги, гIадан вичIчIизе лъайги букIин. ГIемераб жо жанибе-къватIибе бачине ккола хIалтIуда. Дица кидаго абула гIемерисеб бакIалда беццайлъунги гIинкъайлъунги йикIунин дунилан. ХIаракат бахъула ракIбацIцIадайлъун йикIине, ккараб гъалатI, ракI хвеларедухъ бичIчIизабизе ва бажарараб кумек гьабизе. ХIалтIухъабаздехун гьединаб бербалагьи гьечIони, гьабулеб хIалтIи лъугьунаро.

— Цереселги гьанжеселги лъималазда гьоркьоб батIалъиго бугищ?

   — Лъимал хисун ругин абиларо. Хисун руго эбел-эмен, хисун буго гьез рокъоб кьолеб тарбияги, гьездехун бугеб бербалагьиги.

   Цебе эбел-инсуца абулаан, жидеца тарбияги лъайги кьезе нужехъе кьолел ругин, гIадлу-низамги нужецаго гьабеян. Гьединлъидал, хIалтIизе гIемер бигьа букIунаан. Гьанжейин абуни, гIадлу хвезабидал, бокIнида чIезаризе, дагьабниги гьаракь борхун кIалъазе бегьуларо. Гьединлъидал, улбулгун хIалтIизе захIмат букIуна.

— Жакъа рахьдал мацIазда сверухъ киса-кибго захIматаб хIал бугелъул, ясли-ахалда кин бугеб?

   — Гьеб «инфекция» цебего росабалъеги щун буго. ЖанахIалъур ялъуни азбар-къоноялда расандулаго, гIурусалъ кIалъалел рагIарал лъималазда дица берцинго бичIчIизабула нилъерго мацIалда гаргадизе кколин. Цо-цо мехалъ, гIурусалъ гьел гаргадулаго, тIаде ячIуней дун йихьидал, гьез цоцазда абула, Рукъият МухIамадовнаялда рагIизе гурин, хехго руцIцIайилан.

     Дица кидаго абула, чIахIияб группаялда калам цебетIеялъул дарсида хутIизегIан, хутIарал дарсал рахьдал мацIалда рачеян. Тадбиралги магIарул мацIалда рачуна.

— Нахъа тараб нухлуе кинаб къимат кьелеб?

     — Исана 30 сон балеб буго дица росдал ясли-ахалъе нухмалъи гьабулелдаса. КигIан гIемерал захIмалъаби, гIунгутIаби дандчIваниги, цониги къоялъ ракI бухIичIо. Дие къуват кьола хIалтIуде бугеб рокьиялъ. РакI чучула лъимал аскIоре рекерун рачIиндал. Гьелгун хIалтIулеб мехалъ, диргоги ракI бахIарго букIуна.

        Дида цо-цо мехалъ рокъосезги гIагабожаразги абула, мун сваканги ятилин, гьеб хIалтIи тейилан. Амма дир рухIги, хIалги, бажариги бугебгIан заманалъ, гьаб рехун тезе ракIалда гьечIо. Ясли-ах буго дир гIумруялда жаниб бугеб цоги гIумру, дир кIиабилеб хъизан.

 Гара-чIвари гьабуна МухIамад МАНАПОВАС