Новость на родном

23 дагъистаниялъе кьуна цIарал ва шапакъатал

        Руччабазул къоги баркун, 23 дагъистаниялъе пачалихъиял ша­пакъатал кьуна ДРялъул бетIер Сергей Меликовас.     «Эбелалъул Орден» щвана анцIго лъимадул эбел, Гъизляралдаса Разият ГIамиргIалиевалъе, «Багьадураб захIматалъе гIоло» медаль кьуна ДРялъул сахлъи цIуниялъул министр Татьяна Беляевалъе.     ДРялъул мустахIикъай учительлъун яхъана Гъ. ГъалбацIовасул цIаралда бугеб бекьечIдерил ГIарада хъутаналъул школалъул директор Бика МахIмудова....

Новость на родном

Намус хвезабизегIан хвелго тIаса бищана

     Лъабабилеб марталда РФялъ­ул президент Владимир Путини­ ца указалдалъун, «Россиялъул БахIарчи» абураб цIар кьуна Укра­инаялда тIобитIулеб хасаб опера­циялда чIварав Дагъистаналдаса НурмухIамад ХIажимухIамадовасе (1997-2022). Гьелъул хIакъалъулъ президентас лъазабуна улкаялъ­ ул ХIинкъи гьечIолъи цIуниялъул советалъул данделъиялда. Н. ХIажимухIамадов ккола Дагъи­станалдаса 38-абилев Россиялъул БахIарчи.    «Гьес бихьизабуна бихьинчиясулаб къвакIи, унго-унгояв командирас гIадин цIунана жиндир нухмалъиялда ругел солдатал....

Новость на родном

Коронавирус нахъе къалеб буго

      Коронавирусалде данде къеркьеялъул мурадалда гIуцIараб опе­ративияб штабалъ тIобитIана иргадулаб данделъи. Гьениб ДРялъул бетIер Сергей Меликовас рехсана вакцина гьабиялъул рахъалъ нахъе ккарал шагьаразулгун районазул цIарал. Гьединазда гъорлъе ккана МахIачхъала, Дербент, Избербаш шагьарал ва Гъуниб район. Рехса­рал муниципалитетазда щай гьединаб ахIвал-хIал бугебали бакIазде щун балагьизе, цIех-рех гьабизе республикаялъул нухмалъулес Печаталъулгун информациялъул министерствоялда тIадкъана хасаб...

Новость на родном

«Рагъуй къали бухулел…»

Араб анкьидаса байбихьун, Украинаялда лъугьунеб-толелда хадуб халги кквечIев, гьелъулги бицунарев чи ватиларо. Киназего буго ургъел. Киназего бокьун буго рагъ лъугIизе, ургъелал кIочараб, берцинаб яшвалде нилъги нахъруссине. Амма… Амма дунялалъул геополитикияб горсверуда лъугьунелъухъ балагьани, парахалъиялъул биценго гьечIо гьениб. ТIубараб дунялго Россиялде дандечIун бугебгIадаб сурат буго. Санкциязул цIад базабулеб буго нилъеде. Спорталъул рахъалъ дунялалда тIоритIулел кинал рукIаниги...

Новость на родном

Машгьурлъи цIехолезул цIекIлъи

      Кинаб рахъалдасан балагьаниги, гьунарал гIемераб миллат буго нилъер. «Оцол багьаяб кечI» — гьадин абулаан умумуз магIна-гIин бугеб шигIру къватIибе бахъидал. Оцги гIезегIан захIмат бихьун бахъунелъул гIурдаде. Тохал, загIипал кучIдул гьищтIи бахъинабун тIирщизеги риччалароан.    Мискинаб бугила магIарул мацIин абулелги камуларо, гьединазда гурхIизеги бачIуна. Кутакалда берцинаб, лъарал чили гIадаб мацI буго нилъер, гьелъул...

Новость на родном

Берцинаб херлъиялъул тахида

    МугIрул чIужугIадан, гIемерал соназ ГIодана поэтал нужехъ ралагьун.  Нужер къварилъиги нужер къисматги Къалмикье босана, угьдилаго, гьез.               Расул ХIамзатов    КIудияв шагIирасул гьал рагIаби гьанжеги ракIалде щвана, магIарулалги хирияй магIарулазеги йокьулей ПатIимат Рамазановалъул хIакъалъулъ хъвазе лъугьиндал.    МугIрул чIужугIадан! Унго-унголъунги хIисаб гьабураб мехалда, дур намусалъул тIадегIанлъи. СогIал кьурабазги пахруго чIухIарал рорхатал мугIрузги тарбия...

Новость на родном

«62 соналда жаниб цониги нухалъ ракIалде ккечIо хIалтIудаса нахъе ине»

Аваразул «Левитан»      ТIабигIияб гьунаралъухъ ва гIемерсонилаб ракIбацIцIадаб хIалтIухъ гIемерал шапакъатал кьун, кIодо гьаюна ПатIимат Рамазанова хIукуматалъ, мустахIикълъана баркалаялъул рагIабазе ва гIарцулал премиязе. Гьале гьездаса цо-цоял: СССРалъул Министрзабазул советалда цебе бугеб радиовещаниялъул ва телевидениялъул Пачалихъияб комитеталъул ХIурматалъул грамотаби (1957, 1966 сонал), ДАССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул ХIурматалъулал грамотаби (1958, 1977 сонал), СССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул...

Новость на родном

Лъималазул тохтурасе 10 суал

      ГIолохъанал улбуз цIакъго тIадчIей гьабула лъималазул сахлъи цIуниялда. ЧIахIияз яги тохтурзабаз малъаралъухъги киназго гIинтIамуларо. Гьез социалиял гьиназдаса тIаса рищула бищунго цIакъал «тохтурзаби», цIикIкIун божула сон-церекъад улбуллъун рахъарал блогеразда, пайда босула Интернеталда кьурал «гIакълабаздаса». Ахир-къадги гIадатияб поликлиникаялъул тохтурасухъе ккараб мехалда суалазул цIадги базабула педиатразде. Улбуз бищунго гIемер цIехолеб 10 суалалъе МахIачхъалаялъул лъималазул №5...

Новость на родном

Школа бухIана – школа бана

     11 февралалъул сардилъ ЦIунтIа районалъул ХIибиялъ росулъ бухIана школа. ДРялъул бетIер Сергей Меликовасул тIадкъаялда рекъон, гье- нибе ун букIана ХIукуматалъул комиссия. Гьелъие бетIерлъи гьабуна ДРялъул хIукуматалъул вице-премьер Мурад Казиевас. Комиссиялъул вакилзаби щвана ХIибиялъ, Мекали, Мокъокъ, Хъебалъ ва цогидалги росабалъе. Гьез хал гьабуна гьенир ругел школазухъ ва цIалдохъабазе гьенир гIуцIун ругел шартIазухъ.    Абизе...

Новость на родном

ХIасилал гьаруна, масъалабазул бицана

    РАНалъул Дагъистаналда бугеб федералияб цIех-рехазул централда (ДФИЦ) гьаруна 2021 соналъул хIалтIул хIасилал.    Гьениб 2021 соналда гьабураб хIалтIул хIакъалъулъ бицана ДФИЦалъул директор Ахъай Муртазаевас.    ДФИЦалда вуго 422 гIелмияв хIалтIухъан: РАНалъул член – ункъо, гIелмабазул доктор – 70 ва гIелмабазул кандидат – 193. ГьабсагIаталда цIех-рех гьабулеб буго 39 темаялъул ва ДФИЦалъул хIалтIухъабазе щун...