Бузнаса нухалъул хасаб балагьи

 

 

 

    ГIадада гуро абулеб нух бугеб бакIалда гIумруги букIунин абун. Хасго гьеб лъикI бичIчIула магIарухъ гIумру гьабун ругезда. Умумузул заманалда магIарухъ ругел росабазул гIатIиракьалъулгун букIараб загIипабго бухьеналъе рукIана гьаказул нухал. ЦIияб заманаялъ цере лъуна цIиял масъалаби ва гьел тIураялъе ратана щибаб заманалда рекъарал ресал. Бухьеналги гIемерлъараб, кIуди-кIудиял хIалтIабиги гьаризе байбихьараб заманалда рахъана цIиял нухал, къачIана ва гIатIид гьаруна басриял. МугIрузул районазде нух гIемерго къокъ ва бигьа гьабиялъе 1979 соналда лъуна цоги кIудияб ишалъе кьучI.

   Гьеб соналда байбихьана Генуб росдал рахъалдасан тоннель бахъизе, югалъулаб рахъалдасан (Буйнакск) гьелда жубалеб хIалтIи байбихьана 1983 соналда. Ракьул гьумералдаса 900 метралъул гъварилъудасан унеб, цо сагIаталда жаниб ункъазарго машина хьвадизе рес кьолеб, анкьго метр гIеблъиялъул, Россиялда бищун халатаблъун кколеб (4303 метр) тоннель бахъун лъугIана 1991 соналда. Амма капиталияб къагIидаялда къачIан, букIине кколеб куцалда гьеб хIалтIизе биччана 2012 соналда. ГIемерал районазе гьелъул буго кIудияб кумек. Амма руго цо-цо гIоларел рахъалги. Борхалъи щуго метр бугониги, гьенисан ине бегьуларо юк баччулеб транспорт. Гьелъул северияб рахъалда гIемер руго эхедераял, захIматал свераби. Гьединлъидалги батила цебегоялдаса нахъе букIана магIарухъе нух бахъиялъул рахъалъ цоги пикру. Нухазул хIалтIул хIалбихьи бугев устар Дибиров МухIамадкамилил хIаракаталдалъун, Буйнакск районалъул ЧIикIаб росулъа ГIанди ва Авар гIорал журалеб бакIалде (Генуб росулъа гьенибе буго 6 км) бачIунеб, 30 км халалъиялъул «Бузнаса нух» (Бузнаб ккола Генуб росдал мархьи-кули) бахъизе байбихьана 2014 соналда. ЛъугIизе ккола 2024 соналда. Кутакалда кIвар бугеб ва цIакъго кIудияб гьеб хIалтIул хIакъалъулъ «ХIакъикъаталда» гIезегIан хъвана, гьелъул гIуцIарухъаби (Дибиров МухIамадкамил ва МухIамадов Набиюла) чанго нухалъ редакциялде щунги рукIана. Гьале гьал къояздаги гьев кIиявго ва гьезда цадахъ ругел жамгIиял хIаракатчагIи нахъеги рачIана редакциялде. Гьез бицана нух бахъиялда сверухъ лъугьун бугеб ахIвал-хIалалъул, гьаризе кколел тадбиразул хIакъалъулъ. Гьез бицухъе, жакъа къоялде нухлул аслияб бутIа бахъун лъугIун буго, амма цебе буго ункъо километралъул халалъуда бугеб цIакъго захIматаб бутIа. Пачалихъалъул цо гъурущ хIалтIизабичIого, садакъаде гIадамаз кьолеб гIарцухъ гьабулеб буго гьеб хIалтIи. Амма хIажат буго жеги кумек. Кумек гьабулел гIадамал гIезегIан ругониги, киназдаго гуро бичIчIулеб бугеб гьеб нухлул хIакъикъат. Гьединлъидал данделъиялда лъикIаблъун бихьана бугеб хIал бицун росабазул жамагIатазулгун дандчIваял тIоритIизе, рагIи билълъарал гIадамаздехун хитIаб гьабизе. Данделъиялдаса хадуб цо-цо суалал нижеца мухIкан гьаруна Набиюлада ва МухIамадкамилида цIехонги.

— Нух бахъиялъе хIалтIизабулеб гьечIо пачалихъалъул гIарац. ХIажалъи гьечIогойищ яги цоги гIилла букIунищ?

   — КIудияб иш гьабулаго гIарцуде хIажалъи кидаго букIуна. Дица абулеб жо буго пачалихъалъул киналгIаги программабазда гьоркьоб гIахьаллъиги гьабичIого, киридахъ гIадамаз кьолеб гIарцул къуваталдалъун бахъулеб нух бугин гьебилан абун. Пачалихъалъ тIаде босани, нухлул фондалъул гIарацги биччан цIакъ къокъаб заманалда жаниб лъугIизабизе кIола гьеб.

— КIудияб хIалтIи гьабулелъул масъалаби гIемер дандчIвала. Гьезул аслияллъун кинал рикIкIине бегьулел?

   — ХIалтIухъабазе харжги кьезе, техникаялъе цIатариги запчасталги росизе, цоги суалалги тIуразе ккани, хIажалъула гIарац. Гьединлъидал аслияб масъалаги буго гIарац гIолеб гьечIолъи, гьелда бараб буго кинабго хIалтIи.

— Нужеца абуна гIадамаз кьураб гIарцул цо гъурущ цогидал мурадазда харж гьабуларин абун…

  — Кида, лъица, щиб кьурабали киналъулго буго мухIканаб хIисаб. Бокьараб къоялъ, бокьарав чиясда бихьизабизе кIола кинабго, цо дагьабниги щаклъи бугев чияс халгьабизе бегьула.

— Чан хIалтIухъан вугеб, кигIа­насеб техника бугеб?

   Щибаб къоялъ хIалтIула 10-гIанасеб единица техникаялъул, вуго 15 хIалтIухъан. Гьаб ахираб 2-3 моцIида жаниб лъоба гьабуна цIакъго кIудияб хIалтIи. Кирниги свераби, эхедераял гьечIеб, 7-12 метр гIеблъи бугеб, хасалоги цIер къалареб нух унеб буго ралъдал гьумералдаса 540 метралъул борхалъудасан (тоннелалда буго 1150 метр). Гьединаб къагIидаялда нилъер гьаниб жеги киданиги бахъун букIинчIо нух.

— Щибха бугеб нужее абизе бокьараб?

  — Гьеб буго бихьичIев, гьениве щвечIев чи божулареб хIисабалъул нух. Жакъа хIажат буго кумек, хасго гIарцудалъун. Цо-кIиго соналъ нилъеца къвал къани, тIубазе буго кинабго. Гьелъие кIварас кIвараб кумек гьабуни, гьеб букIине буго Аллагьасда цебе кириги кIудияб, тIолабго Дагъистаналъе, хасго магIарухълъиялъе мунпагIатаб, пайдаяб хIалтIи. ГIемер руго кумек гьабулел гIадамал, амма камулел гьечIо хIажат гьечIел, кумек гьабизе бокьаразулги ракI буссинабулел харбал рицунелги. Гьединаб щаклъи бугев чи вачIа лъове, нижеца бихьизабила кинабго. Гьединлъидал, бокьилаан гIарцудалъун кумек гьабизе кIоларес рагIудалъун гьабизе, гьединги кIолеб батичIони гIенеккунгIаги чIезе.

   ХIалтIи унеб буго гьоркьоб къо течIого. Аллагьасул кумекалдалъун хадубккун инеги буго. Лъица щиб кумек гьабун батаниги, гьезие буго баркала. Гьабурасе гьабураб батулин абухъе, хадубккунги гьабуни бокьилаан.

 ГIабаш ГIабашилов