Бегавулзаби тунгутIиялъул хIакъалъулъ. Цоги нухалда

 

    2 марталда ДРялъул Миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министерствоялда тIобитIараб данделъиялда гьоркьоб лъун букIана бакIалъулаб нухмалъиялда хурхун бахъараб законалъул проект.

   Лъалеб букIахъе, росдал администрациялъул бетIерасдаса инкарги гьабун, гьесда тIадал ишал тIуразе руго территориалиял отделаз. ЦIакъаго гьитIинал росабалъ, старостаги тезе вуго, халкъалдаги тIалъиялдаги гьоркьоб кIкIал лъугьинаредухъ. Амма цо-цоял гьединаб ишалде данде чIунги руго.

  Республикаялъул росабазда кин гьеб хъатIилебали цIех-рех гьабун буго ДРялъул ЖамгIияб палатаялъул вакил Абсалидин Мурзаевас. Гьелъ- ие гIоло гьес мисалалъе росун руго гIемер миллатаз гIумру гьабулел районал.

      Мурзаевас бицухъе, гьес хIиса­ балде босараб чанго районалда муниципалиял хъулухъчагIи хьихьизе харж гьабун батана республикаялъул бюджеталдаса биччалеб гIарцул бащдабниги.

     Гьанже бегавулзабиги гьечIого рехун тарал росаби, гIадамалги нахъе гочун, чIунтизе бегьулин бицен буго. Мурзаевги тIадрекъолев вуго гьелда, амма гьел нилъеда ракIалде кколебгIан кутакалда чIунтиларин рикIкIунеб буго гьес.

      Росабалъ нухмалъи гьабиялъул хIалтIуе кумекалъе ругел бакIалъулал депутатазда божилъи хвеялъулги бицана гьениб, хъутабазда ругел росабазе статус кьеялъул хабарги ккана.

Гьединго Абсалидин Мурзаевас ракIалде щвезаруна гIисинал районал цолъизаризе бегьулин кидаялиго жамгIияв хIаракатчи Аркадий Ганиевас абурал рагIабиги.

     Журналист ва жамгIияв хIаракатчи Эдуард Уразаевасда бичIчIичIо хъутабазда ругел росабазе статус кьезе кколин абураб Мурзаевасул пикру.

      Гьес мухIкан гьабуна гьелъул магIна: хъутабазул ракьазе гуреб, росабазе статус кьей.

       «Бабаюрт, Хъумторхъала, Хасавюрт районазда гIумру гьабулел гIадамаз абуна жидер росабазе статус щваниги, жидее бокьилаанила жал магIарухъ ругел жиде-жидер районазда гъорлъе хъван рихьизаруни. Гьебго жо бокьун буго мугIрузул районазеги.

   Хъутабазул ракьазул суал абуни батIайиса тIубазе ккола. Лъил бетIергьанлъиялда ратаниги, цоцазухъа росун цоцазухъе ижараялъе кьезе бегьула гьел. ГьабсагIат республикаялъул кIваралъул ракьаллъун рикIкIуна гьел», — ин абуна А. Мурзаевас.

       Гьесул пикруялда, республикаялда гIуцIизе ккола бакIалъулаб нухмалъиялда хурхун макъалаби хъвалел журналистазул ассоциация гIадаб цолъиги.

    Гьелъулги цогидалъулги бицине гIагараб заманалда жаниб цоги нухалда данделъизе къотIи ккана жамгIиял хIаракатчагIазулги журналистазулги.