Гьудулзабаца мун ахIулев вуго…

 

 

     Даку… Даку Асадулаев! Гьеб цIар лъица бугониги абулеб рагIани яги ракIалде щвани, чIахIияб гIелалда, хасго магIарулазда цебе тIамула хIалихьалъи мукъсанаб, гIаданлъи бечедаб, яхI-намус щулияб, халкъалъул тIалабги гIадамасул къиматги бугеб кIудияб Советияб улкаги ва гьеб заманалда загьирлъарав, жакъагицин жиндир даражаялде лъилниги гьунар бахинчIев, магIарулазул бергьарав кочIохъан, мунагьал чураяв Даку Асадулаевги.

    РоцIараб, щибаб рагIи бичIчIизабун, гъваридаб магIнаялда риун ракIазулъе тIолел гьесул кучIдуз Дагъистанго хIайран гьабун букIанин абуни, мекъи ккеларо. Цоги, нилъер миллатаз гуребги, хIатта гIурусазцин абулаан доб заманалда гьев лъидаго хисизе кIоларев, хвел гьечIолъиялде цIар ине бугев кочIохъан вугилан.

   ХIакъикъаталдаги Дакуда кутакалда бичIчIулаан Аллагьас жиндие кьураб махщалил къиматги халкъалда цебе бугеб кIудияб жавабчилъиги. Щибаб цIияб кечI ахIизе хIадур гьабулеб мехалда кIиго-лъабго сордо рогьунаан гьес гьелда тIад. Цебе лъун магнитофонги, бигьа гьабун ахIун, цин гьелда хъван, хадуб гIенеккун, гьаб бакI гьадин ахIизе ккола, добасан бакъан гьадин сверизабизе кколаян гьедин хIалтIун, жиндиего хасиятаб Дакул кечI лъугьинабичIого, ахIулароан я радиоялдасан, я концерталда кечI. Чанго соналъ цебе ахIаралдаги ракI рекъон вукIунароан гьев. Цо нухалъ, ракIалда буго, дунги Дакуги рукIана Дакул рокъор гIухьбузе сайгъат гьабун телевизоралдасан кьолеб концерталъухъ балагьун. Гьеб букIана 1976 сон. Мунагьал чураяв ХIажи Гъазимирзоевасул рагIабазда Дакуцаги ахIана «Удаманасул ахIи» абураб кечI. Щуго-анлъго соналъ цебе ахIизе байбихьараб кечI букIаниги, ахIун лъугIизегIан вукIана дов, жиндирго гъалатIал ралагьулев. Гьанисан гьадин сверизабизе кколаан бакъан, добасан батIайиса ахIизе кколаанилан жиндирго хатIаби ралагьулев. Гьеле гьединав вукIана Даку!

 

   Хасго ахирал соназда кIвар кьолеб букIана хадур гIолезе тарбия кьеялъул, ватIан хиралъиялъул ва тарихиял кучIдузде. ЦIакъ ракI бухIун букIуна дир доб мехалъ гьукъун рукIарал досул диниял кучIдул магнитофоналдаги хъван рахчун течIолъиялда. ДодигIан хехго досие къадар щвелиланги, аб дуниял гьадин хисилиланги лъидаха ккелеб букIараб.

   1976 соналъул кIиабилеб маялда ниж ахIун рукIана хIабщадерил гъутаналде мунагьал чураяв ХIабщиса ЦIихIиласул ХIажияс. ХIажияв вукIана Сулейман-ХIажи устарасул ясалъул вас. Дакуги, дунги, Нажмудин ШейхмухIамадовги, ХIажиявги гурони чагIи гьечIеб мехалъ Дакуца, дуе гьадинал кучIдулги рокьулилан ккола дида янги абун, ахIана Сибиралде ритIарал хIажизабазул хIакъалъулъ кечI. Гьеб ахIун лъугIизегIан бадиса гирун бачIун кIаркьабаздаса гIодобе чвахулеб букIана ХIажиясул магIу. ВахI, гьадинал кучIдулгийищ вац, Даку, дур ругелин гьикъана дица. «ГIемерал, гIемерал», — инги абун, гьанже ХIажиясул ракIбакъвазабилароян тIамур гIодоб лъуна Дакуца.

   Дакул репертуаралда хасаб бакI ккола бачIунеб гIелалъе тарбия кьеялъул, кире кканиги магIарул гIадатги гIамалги ясбер гIадин цIунизе кколеблъиялъул, ватIан бокьиялъул хIакъалъулъ бицунел кучIдуз. Мисалалъе:

Дир бищун анищаб урхъараб мурад,

Сахал гIадамазе сахлъи, щулалъи.

Ясазе – берцинлъи, васазе – гьунар,

 Гьабулеб ишалъулъ сабру, цIодорлъи.

Яги:

МугIрул тун авлахъазде

 Рахъунел магIарулал,

МагIарул махIги яхIги,

Гьарула цадахъ босе.

Гьебго кечIалдаса:

Цадахъ босе кIочонге

МагIарул мацIги цIарги,

Цадахъ босе кIочонге

 МагIарул гIадат-гIамал.

   Расул ХIамзатовасул рагIабазда ахIулел гьал кучIдузул магIнаялъул хIакъалъулъ бицине ккеларо. БичIчIулеб жо буго, шагIирасеги кочIохъанасеги дунял бугебгIан мехалъ, магIарулал сахал, гIакъилал, бахIарчиял, гьунар бугел, жидерго мацIги цIарги цIунарал, киналго рахъал мухIканал гIадамаллъун хутIизе анищлъун букIараблъи. Умумулъан щварабщинаб, наслабаз билизе течIого, цебехун кьей гьезул мурад букIин.

Мисалалъе босизин Фазу ГIалиевалъ хъвараб гьаб кечIги:

Дир гьал умумуца законал хъварал

ТIахьал тун ратичIо дие цIализе.

Амма, законазул цIар бахъарабго,

 Нуж рихьула дида, дир магIарулал.

   Дакуца гьаб кечI ахIулеб мехалъ цебечIола, магIаруллъи бижаралдаса, къарнабалъан гIасрабалъе, гIасрабалъан гIадамазухъе, цоцаца цоцахъе кьолаго, цебеса-цебе бачIунеб магIарул гIадатги гIамал-хасияталъул тIубараб тарихги.

    ХIисаб гьабеха, Дакуца ахIулел рокьул кучIдузулги. Гьел киналго руго чIужугIадан кIодо гьаюлел, рокьул бацIцIалъи тIадегIанаб даражаялде бахинабулел, ккараб рокьул кьучIалда цIиял хъизамал гIуцIизе гIадамал ахIулел, гьединаб талихI кьуразда гьеб цIуниялъул бугеб кIвар бичIчIизабулел, халкъиялги, МахIмудица ва цогидалги кIудиял шагIирзабаз хъваралги гъваридаб магIнаялъул кучIдул. Мисалалъе гьаб кечI:

Йилълъа мугIрул рахун, йилълъа гIор бахун,

ГIурччинал рохьазул расалъаби чIван.

 Йилълъа, магIарулай, мун дида цадахъ,

Дурго хIасраталъул куркьбалги рорхун.

    ГIадада гурелъулха мунагьал чураяв Расул ХIамзатовасги Д. Асадулаевасе додинаб кIудияб къимат кьураб.

    1995 соналда Дакул 60 сон тIубаялъул юбилеялде документалияб фильм бахъулел рукIана ниж. Нижергун букIараб гара-чIвариялда Расулица абуна:

    — Дир гIумруялда жанив дида лъабго кочIохъан лъала. Дун гьитIинаб мехалъ инсухъе вачIун вукIана Игьалиса ГIаращил ГIумар. Дида гьес кечI ахIулебги рагIана. Хадуб дун Авар театралда хIалтIулеб мехалъ гьенив вукIана ЧIалдаса ГъазимухIамад.

     Цинги дунги дагьав кIудияв гIураб, дир тIалабги кечIалдехун цIикIкIараб заманалда вачIана Даку Асадулаев.

     Дида гьел лъабалго ккола магIарул ахIулеб кочIол Эльбрусал, Казбекал, ГъунимугIрул, Шагьдагъал, ралъадал гIадал чагIи ругилан, — абун.

    Гьебго фильмалда гIахьаллъарав Дагъистаналъул халкъияв поэт, жакъа Хъвадарухъабазул союзалъе нухмалъулев МухIамад АхIмадовасги абуна, Даку вугин нилъер магIарул ахIулеб кечIалъул цого-цо вугев классикилан.

   ХIакъикъаталдаги Д. Асадулаев лъугьана халкъияв кочIохъанлъун, классиклъун. Гьелъие нугIлъи гьабула дов къадаралде щвараб мехалъ магIарул къогоялдаса цIикIкIун шагIирзабаз гьесде хъварал кучIдул-магIабазги. БитIахъе бицани, Дагъистанго магIил цIезабун букIана доб авариялъ. МагIарулаз цоцазда балеб букIана ракI унтараб зигара.

    Араб соналда тIубана мунагьал чураяв Даку Асадулаев гьавуралдаса 85 сон. Гьал карантиназги пандемиязги гьелда хурхарал тадбирал гьаризе данде ккечIо. Дакул фондалъул гьариялда рекъон, Культураялъул министерствоялъ хIисабалде росун руго рехсараб юбилеялда хурхун гIезегIанго тадбирал исана тIоритIизе.

АсхIабгIали ХIАСАНОВ, Даку Асадулаевасул цIаралда бугеб фондалъул нухмалъулев