ГIахьвахъ районалъул депутатазул къасд

   ДНРалда ва ЛНРалда гIумру гьабулел гIадамазул ихтиярал цIунизелъун гьенире ритIулел къокъабазда гъорлъе жалги росеян гьарулеб буго Сергей Меликовасда ГIахьвахъ районалъул собраниялъул депутатаз. Гьелъие гIоло гьел хIадурал руго ярагъ кодобе босизеги.

 

   ДРялъул бетIерасухъе гьединаб кагъат депутатаз битIун буго 28 февралалда. Гьединабго хIадурлъи загьир гьабун букIана церегIан къоязда Пачалихъияб Думаялъул депутатал Сайгидпаша ГIумахановасгун ГIабдулхIаким ХIажиевас ва Эсенбулат МухIамадовас.

    ГIахьвахъ районалъул депутатазго гIадаб хитIаб Меликовасде Хив районалъул депутатазги гьабунин хъвалеб букIана интернеталда. Амма гьеб хабар гьереси бугин лъазабуна рехсараб районалъул собраниялъул председатель Садикъ Исрафиловас. Гьесул рагIабазда рекъон, гьел хIадурал руго къо ккедал къватIире рахъине, амма жидер депутатал Украинаялде ритIеян гьарараб кагътида гъоркь гъулбасги лъечIин жинца, кибениги гьебги битIичIин лъазабуна Исрафиловас.

З. ХIажиева