Берцинаб херлъиялъул тахида

 

 

МугIрул чIужугIадан, гIемерал соназ

ГIодана поэтал нужехъ ралагьун.

 Нужер къварилъиги нужер къисматги

Къалмикье босана, угьдилаго, гьез.

              Расул ХIамзатов

   КIудияв шагIирасул гьал рагIаби гьанжеги ракIалде щвана, магIарулалги хирияй магIарулазеги йокьулей ПатIимат Рамазановалъул хIакъалъулъ хъвазе лъугьиндал.

   МугIрул чIужугIадан! Унго-унголъунги хIисаб гьабураб мехалда, дур намусалъул тIадегIанлъи. СогIал кьурабазги пахруго чIухIарал рорхатал мугIрузги тарбия кьураб дулъ абадиялъго бессун хутIун буго чармилаб гIамал. Амма гьелда недегьлъиялъги хIалимлъихIеренлъиялъги рекьарал накъишаз дагьабги берцин гьабун буго дур тIадегIанлъи.

    Гьеле гьединай йиго нилъер ПатIимат. 62 соналъ щибаб рогьалилъги къасиги гьелъул, «КIалъалеб буго МахIачхъала» абун байбихьулеб калам боржунаан щибаб магIарул росдал рокъобе. ПатIиматил гьаркьидаго цадахъ вачIун аскIове щолаан НурмухIамад ГIусмановги.

   Дунин абуни, гIолохъанлъиялдаса нахъе ине бокьуларогоцин йикIана, гьей хIурулгIиналъухъе гьоболлъухъ щведал – дойго ПатIимат, добго гьаракь, гьайбатаб гьумералда бохьун чIараб добго гьими. Санал цIикIкIун ранагIан, гIолохъанлъулей йигей нилъер ПатIимат. Гьале доб жинцаго жиндиего хIадур гьабураб цIакъго берцинаб херлъи. ГIумруялъ ПатIиматил къисматалда толел ругел талихIалъул лъалкIал.

  — РачIая, рачIая, дир меседал, — иланги абун, гьей данде ячIиндал, ниж рохана. Ва гара-чIвари байбихьана ПатIиматил гьимиялдасан.

   Гьале гьай бика йигоха нижер къавулъ бищунго кIудияй, — илан абуна ПатIиматица горбода хурхун ячIарай ясалъул ясалъул ясги гьениса йичIизаюлаго.

    Ясазул лъималазулги гьезулги лъималазулги бицунелъул, ПатIиматил гьурмал кунчIи дагьабги гвангъана.

— Кинабго кьун букIана ТIадегIанас. Бокьулеб хIалтIиги, роцIараб хъизанги, хъизамалъул гъасда гвангъун рекIараб цIаги, цIадул хъаравуллъуда талихIги. Жиде-жидер хъизанрукъалда лъималги, гьезулги лъималги. ТIокIабги кIудияб талихI щибха букIинеб чIужугIаданалъе – гьелъие талихI лъималазул бадисанлъидал гьимулеб.

Гьаб бакIалда дагьайго лъалхъана ПатIимат. Ва нижеца хабар хисизабуна. КIодоэбелалъул пикраби рихха-хочизаризелъун ургъунго ячIарай кинигин нижеде аскIое щвана хъизамалъул бищунго кIудияй гьитIичги. ПатIиматида убачал гьаризе жуяна гьей ва цинги лъутунги ана.

Дол талихIал лахIзатаз гьалда жеги бичIчIулеб букIун батиларо хвелалъ жиндир талихIалде ишан босун букIин.

       Ва …ТалихI сверана рагIадалде. Квачараб рагIадалде. Амма гьеб рагIдукь течIо къисматалъ бахIарчияй магIарулай. ПатIиматица гIезарулел рукIуна ясазул маулхIаятал. КIиго ясалдасаги цохIо вугев васасдасаги хвелалъ ятIа гьаюниги, къисматалда кIвечIо гьей къуркьизайизе. Гьелъул гIаксалда, къисматалъул кьаби щванагIан, щулалъулей йикIана. Гьелъул ресги букIинчIо загIипайлъун йикIине магIарулаздаги жинда божун ругел ясазул анкьго лъимералдаги цее.

 

       — Дица къабул гьабуна къисматалъ къачIан батараб лъабабго «сайгъат». ГIумру дагьабги хиралъана дие. Щайгурелъул гьанже дица гьеб тIамизе кколаан дагьабги кIудияб жавабчилъиялда ва тIадегIанлъиялда. Гьелда бараб букIиндалха дир тIанчIазул хадусеб къисмат. Дида лъалеб ва бичIчIулеб букIиндалха ТIадегIанасда цебе дир цIобалде ккарал лъималазул жаваб кьезе ккезе букIин. Рецц Аллагьасе, гьеб борч дихъа тIубан бажаридал. Анкьго лъимералда гьоркьов вукIана ункъо вас. Гьезул ургъел букIана диде баччун, кIияйго ясалде регIулейго йикIинчIо дун.

         Киналдай лъугьина, цощинаб, кинаб бугониги, гъалмагъиралде гьоркьоре ккеладай, хъизан-рукъ нечараб жо ккеладай? Гьадинал суалаз рахIат толеб букIинчIо дий. Амма гьез дир ракI лъукъараб жо киданиги гьабичIо. Аллагьасул кумекалдалъун дица гьел нухарегIана гIумруялъул нухазде. Гьанже анкьазулго буго жиде-жидер хъизанги, лъималги, хIалтIиги. Дунги рази йиго дирго къисматалдаса. Гьалгощинал санал разегIан дунялалдаги йиго, лъималазул лъималазги гьезул лъималазги кьолеб бугеб талихIалде бадиеги ялагьун, — илан бицана ПатIиматица.

  Жакъа ПатIимат гIодой чIун йиго жинцаго жиндиего къачIараб жиндирго берцинлъиялъул тахида. Унго-унгоги, гьеб тахалъул нуралъ тIолабго магIаруллъиго къалъизабун бугеб хIисаб. ГIорцIулей йикIинчIо дун, гьеб берцинлъиялъухъ ялагьун.

   Гьале дол, ракьалда толел ругел лъалкIал. Йихьун лъалей гьечIонигицин, киналго магIарулазе гIагарайлъун лъугьарай ва хутIизе йигей ХIурматияй ПатIимат Рамазанова.

Цадахъ йикIарай Зульфия ХIажиевалъ гьелда гьарана цоги нухалда такрар гьабейин къойида жаниб кIиго нухалда магIарулазе кьолеб букIараб салам.

Ва гьале цо чанго лахIзаталъ ниж тIад руссана дол саназухъе, ва цIидасанги дие цIилъана ПатIиматил сипат:

    — КIалъалеб буго МахIачхъала. РорчIами, хириял магIарулал…

   — ЙорчIами, хIурматияй ПатIимат. Гьединаб берцинлъиялъул тахида даимаб парахалъи батаги дуда.