Школа бухIана – школа бана

 

   11 февралалъул сардилъ ЦIунтIа районалъул ХIибиялъ росулъ бухIана школа. ДРялъул бетIер Сергей Меликовасул тIадкъаялда рекъон, гье- нибе ун букIана ХIукуматалъул комиссия. Гьелъие бетIерлъи гьабуна ДРялъул хIукуматалъул вице-премьер Мурад Казиевас.

Комиссиялъул вакилзаби щвана ХIибиялъ, Мекали, Мокъокъ, Хъебалъ ва цогидалги росабалъе. Гьез хал гьабуна гьенир ругел школазухъ ва цIалдохъабазе гьенир гIуцIун ругел шартIазухъ.

   Абизе ккола, ахирал соназда рухIана рехсарал росабазул шко- лазул минаби. Масала, Мекали ро- сулъ школа бухIана 2021 соналъул 31 январалъул сардилъ. Хъебалъ росулъ школалъе цIияб мина базе байбихьана гъоркьиса. Гьелъие гIиллалъун ккана гьениб букIараб школалъул мина 2016 соналда жагъалаблъун рикIкIин ва прокура- тураялъ гьенир лъимал цIализаризе гьукъи. Прокуратураялъул гьеди- наб хIукму букIаниги, районалъул нухмалъиялъ, школалъе цIияб мина базе рес гьечIолъиялда бан, лъимал цIализарулел рукIана жагъалабго минаялда. КIудияб хIинкъи букIана цIалдохъабазулги учительзабазулги гIумруялъе. Анкьго соналъ къеркьана Хъебалъа МухIамадрамазан ГIабдулкаримов, цIияб школа базе кколин абун. Гьев щвана пачалихъиял идарабазде, хIакимзабазухъе, гIуцIана ДРялъул ХIукуматалъулги Пятигорскиялда бугеб РФялъул президентасул вакиллъиялъулги минабазда цере пикетал, кIалъана улкаялъул президент Владимир Путинил приемныялде. Ахирги мурадалде щвана.

  «ХIакъикъаталъул» цIалдолезда ракIалда батила, 2016 соналда Мокъокъ росдае ккараб къварилъи – бухIана тIолабго росу. Амма цIадул балагьалъукьа борчIун букIана школалъул мина. Жеги росу цIи гьабун бахъиналде, ай кIиго соналдасан, 2018 соналъул 18 октябралда цIа рекIана школалъул аслияб минаялдаги. Лъимал цIализарулел рукIана цIадул мацI хъинтIичIеб байбихьул классазул минаялда. РухIана Гениялъ, Цебари ва Сагьада росабазул школалги. Гьелъие гIиллалъун ккола мина басралъи, гьенир ругел токалъул кварал жагъаллъи, токалъул мухъазда хIалуцин цIикIкIин.

   ХIибиялъ росдал школалъул цIалдохъабиги гьабсагIаталда цIализарулел руго ФАПалъулги цебеккун интернат букIарабги басриял минабазда. Комиссия школалде бачIиналъулги, гьез гьабураб хIалтIулги хIакъалъулъ цIех-рех гьабидал, баянлъана гьадинал хIужаби: ХIибиялъги Мекалиги росабазул школазе разехъин руго модулалъул минаби. «Гьединаб школа бай букIинчIо нижер мурад. Нижее къваригIун букIана тайпадулаб школа базе – спортзалгун, богорукъгун ва цогидал квегIенлъабигун. Нижер гIадамазе бокьун буго умумузул ватIаналда гIумру гьабизе. КъанагIатав чияс гурони рехун тун гьечIо инсул ракь. Амма школаги, лъималазул ахги, харж щолеб хIалтIиги гьечIони, сунца кквезе ругел гIолилал магIарухъ?» — ан бицана Мекали росулъа Адамица.

  Мекали росулъ модулалъулаб школа баялда рази гьечIо гьев. Тайпадулаб школа базе ккани, хIажалъула цебе школалъул букIараб бакIалдаса цIикIкIараб ракь. Гьединаб бакI балагьунги букIана росдал жамагIаталъ, амма гьеб буго жалго бетIергьанаб ракь ва гьеб бетIергьабазухъа бичун босиялде хьул букIана гIадамазул. Райадминистрациялъул рес батичIо гьеб босизе…

— Бокьилаан, школа цIияб бакIалда базе. ГьабсагIаталда 70 цIалдохъан вуго хасал гIадамазул минабахъ гIуцIарал классазда цIалулев. ГьечIо гьениб кинабгIаги гьанжезаманалъул техникаги. Цогидал бакIазда компьютералги интерактивияб хъарщиги хIалтIизабулеб мехалда, нижер лъимал махIрум гьарун руго гьединал ресаздаса.

   Хасаб минаялда рагьун букIана лъималазул ахги (гьабсагIаталда гьеб хIалтIулеб гьечIо). ГIезегIан чи гIатIиракьалде ана, лъималги рачун – Тарумовкаялде, Гъизилюрталде, МахIачхъалаялде. Хадувккун школалде вачIине вуго жеги 93 цIалдохъан. ГIолилал гочунгутIизе росдал жамагIаталъ хIаракат гьабулеб буго росулъ шартIал гIуцIизе.

   Масала, дагьалъ цебе бана цIияб кьо – тайпадулаб школа базе санагIатаблъун бихьараб бакIалде нух бахъиялъул мурадалда. Районалъул бетIерас кьуна нусазарго гъурущ, цогидаб пачалихъияб ида- раялъул яги райадминистрациялъул кумек щвечIо. ГIадамаз рекьулел руго хурзал, хьихьулеб буго гIибоцIи. Камуларо улкаялъул цогидал регионазда хIалтIизе унел бихьиналги. Амма тIубанго росу рехун тезе гъира бугел дагьал руго, — ян бицана Адамица.

    Школа буго гIолеб гIелалъе тарбиягун лъай кьолеб идара гуребги, росу гIуцIулеб аслуги. Гьеб гьедин бугеблъи бичIчIана цо чанго соналъ цебе, лъай кьеялъул идарабазул «оптимизация» гьабулаго, Россиялъул регионазда дагьал комплектазул школал къараб мехалда. Школа къаралдаса нахъе жидер росу чIобоголъанин абун интернет-сурсатазда ахIи балеб букIана дол соназда Россиялъул регионазул гIадамаз. Гьединабго хIал букIана магIарул росабазулги. Щибаб къойил автобусалъ школалде лъимал раччун бажаруларо магIарухъ – хасало цIер къарал нухаздасан гьезул гIумруялъе цIикIкIараб хIинкъи букIунелъул. Гьединаб хIалалде ккарал гIадамал хIажаталлъун ккана гIатIиракьалде гочине. Шагьаразул школазда цIалдохъаби гIемерлъана ва хIалтIи гIуцIизе ккана лъабго сменаялда.

   Щивав чияс балагьула гIумру гьабизе лъикIал шартIал ругеб са­нагIатаб бакI. Гьелъие ихтиярги буго. Амма гьеб къагIидаялъ щивав чи росулъа къватIиве вахъани, уму­музул ракьал чIунтизе руго. Гьеб гьукъизелъунниги хIаракат гьабизе ккола росабалъ школал цIунизе. ХIибиялъ росулъе пачалихъияб комиссия битIулеб мехалдаги Мекали росулъ школа баялда бан хIукму хIадурулагоги аслияб масъалалъун букIана рехсарал бакIазда цIияб школа баялъул магIна бугищали халгьаби, ай гьенир хадурккун цIалдохъаби рукIине ругищали мухIкан гьаби. Мекалиса Адамица абуна, цIалдохъаби камун хутIиларилан. ГьабсагIаталда аслияб масъалалъун гьес рехсана росдал школалъе хIажатал педагогал рати. Масала, гьечIо ингилис мацIалъул учитель.

   «КъваригIун вуго «Росдал учитель» абураб пачалихъияб программаялда рекъон гьениве хIалтIизе вачIине гъира бугев чи. Нижеца кумек гьабилаан гьесие хIажатал документал хIадуризеги, росулъ чIезарилаан лъикIал шартIалги. БацIцIадаб гьаваги, кванил нигIматалги, кIудияб шагьаралде дандеккун, парахатаб сихIкъотIиги – сахлъиялъе пайда букIинаан», — ин бицана Адамица.

   Гьаниб бицана Мекали росдал школалъул ругел масъалабазул хIакъалъулъ. Гьединабго хIал буго ЦIунтIа районалъул гIемерисел школазда. Халкъалъул тIалаб гьабулин абун, улкаялъулги республикаялъулги нухмалъияз ахирал соназда къабул гьаруна батIи-батIиял программаби. Исанасеб сон Лъай кьеялъул лъагIеллъун лъазабунги бугелъул, хьул буго ЦIунтIа районалда тайпадулал школал раялде.

Кавсарат Сулейманова