«62 соналда жаниб цониги нухалъ ракIалде ккечIо хIалтIудаса нахъе ине»

Аваразул «Левитан»

     ТIабигIияб гьунаралъухъ ва гIемерсонилаб ракIбацIцIадаб хIалтIухъ гIемерал шапакъатал кьун, кIодо гьаюна ПатIимат Рамазанова хIукуматалъ, мустахIикълъана баркалаялъул рагIабазе ва гIарцулал премиязе. Гьале гьездаса цо-цоял: СССРалъул Министрзабазул советалда цебе бугеб радиовещаниялъул ва телевидениялъул Пачалихъияб комитеталъул ХIурматалъул грамотаби (1957, 1966 сонал), ДАССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул ХIурматалъулал грамотаби (1958, 1977 сонал), СССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул цIар тIад хъвараб юбилеялъулаб медаль (1970 сон), «Радиоялъул ва телевидениялъул отличник» абураб гIаламат (1982 сон), «ДАССРалъул культураялъул мустахIикъай хIалтIухъан» абураб цIар (1983 сон), «РФялъул культураялъул мустахIикъай хIалтIухъан» абураб цIар (1999 сон) ва «ЗахIматалъул ветеран» абураб цIар (1984 сон). Рамазановалъ абула, жиндие бищун къиматаблъун ва хирияблъун кидаго букIанила радиоялъухъ гIенеккулез кьолеб къимат, гьезул кагътал, магIарулаз гьабулеб адаб-хIурмат.

 

 

  «КIалъалеб буго МахIачхъала». Советияб заманалда гьарурал магIарулазда гьоркьов чиго хутIун ватиларо Гелбахъалдаса ПатIимат Рамазановалъул гьаракь рагIичIев.

МагIарул радиоялдасан ракьцоязе цIиял харбал рицана гьелъ 62 соналъ, радалги маркIачIудаги. Гьанжеги, ПатIимат радиоялдаса ун гIезегIан сонал индалги, рекIелъ кIудияб чIалгIен хутIун буго доб гьаркьихъги, хIубазда рухьарал точка-радиоязул заманалъухъги, дахIабабада аскIоб магIарухъ араб лъимерлъиялъухъги. РакIчIун лъала гьединаб асар жеги аза-азар магIарулазулъ цIунун бугеблъиги.

Ракьцояздехун гьединабго свин гьечIеб хинлъи ПатIиматихъги буго хутIун. Гьеб загьирлъулеб букIана гьелъул ракIалдещвеяздасан.

Журналисткаялде гьей ячIана «БагIараб байрахъ» газеталда росдал магIишаталъул отделалъул заведующийлъун вукIарав жиндирго эмен МухIамад Байсунгъуров сабаблъун. Хадув ПатIиматил рос Рамазан Рамазановги хIалтIана газеталда.

 

 

— ПатIимат, авар радиоялдасан мун гьудуллъун ккурал магIарулазе бокьилаан йижараб росу-ракьалъулги, эбел-инсулги, журналистикаялде ячIараб куцалъулги хIакъалъулъ бицине.

     — КIудияб ВатIанияб рагъ байбихьизегIан нижер хъизан гIумру гьабун МахIачхъалаялда букIана. Хъулухъ-ишалда вугев чи хIисабалда, эмен рагъде витIичIого толев вукIана. ВукIаниги, цадахъ хIалтIулелщинал араб мехалда, живищ гьанив чIелеван, гьевги ана.

   Эбелгун цадахъ ниж росулъе гочана. Васги рагъде ун, малъкъосун, жийго цохIо хутIун йикIана гьений нижер кIудияй эбел.

    Дир кIудияй эбел Къурмангъиз йикIана лъарагIай, кIудияв инсуца хъамун, Гелбахъалде ккарай. Гьебгиха цин таманаб заман бан буго гьелъ аскIове вачIунев чиги гьечIого, рокъой гIодойги йикIун гIодулей, лъица хъамураялиги лъаларого. БитIун гьеб заманалда къайи бичизе Чачаналде ине ккун, рокъов вукIун гьечIо кIудияв эменги. Гьудулас хъамун йикIун йиго гьесие гьей. Доваса тIадвуссиндал бицун бугоха кIудияв инсуца гьелда кинабго.

   Рагъул заманалда армиялъул штаб рагьун букIана кIудияй эбелалъул минаялъуб. Гъоркьа минаялъур ниж — эбелги, дунги, яцги, кIудияй эбелги, кIиабилеб тIалаялда армиялъул чагIи рукIунаан. Росдал школалдаги госпиталь рагьун букIана. Учительзабаз лъимал рокъо-рокъореги ун, цIализарулаан.

   Штабалъе бачIунеб жоялда гьоркьоса бутIа-рутIа нижееги щолаан. Нах бачIаниги, чед бачIаниги, гьеб босизе ячIаян ахIдолаан штабалъул чи — «Полинка, иди сюда!» абун.

   Гьанжего гьанже балугълъуде рахунел васалги цо херав чиги гурони, росулъ бихьинал хутIун рукIинчIо, рагъде ун. Гьес рукъулаан хварал чагIи, лъималазда хобалги рухъизарун. Жиндирго лъималги армиялде ун рукIана гьесул.

    ГIисинал васаз кумек гьабулаан госпиталалде унтарал раччизе. Нижеца, ясаз абуни, чурулаан унтаразул ругъназда рухьунел кутнул.

     Рагъдаса вуссун хадув эмен, дунги ячун, МахIачхъалаялде вахъана. Эбел росулъ чIана. Щайин абуни, васги рагъда тIагIун, янгъизго хутIун йикIана кIудияй эбел.

     Дун микьабилеб классалда йикIана гьеб мехалда. Щибаб къойил дарсал лъугIун хадуй инсухъе редакциялде унаан. Гьений сундулго хIалбихьизе лъугьунаан – машинкаялда кIетIезе, газета цIализе.

     Гьедин ракIалде ккана газеталде хIалтIизе лъугьине. Гьениб кIиго сон бана. Доб мехалда гIемер рачIунаан газеталде Расул ХIамзатов, Фазу ГIалиева, Машидат Гъайирбегова, Муса МухIамадов. Расулица Москваялдаса ритIун рачIунаан газеталде жиндирго цIиял кучIдул. Машинкаялда гьел кьабуралъухъ дие гIисибикъинал сайгъаталги рачIунаан гьес дораса — махI берцинаб лъим (духи) батаниги, капроназул щватаби ратаниги.

    Гьедин дагь-дагьккун газеталъул хIалтIуда гъорлъеги ккун, 1948 соналда дун йосана гьение подчитчицалъун, хадуй машинисткалъун. Дагьалъ чIун дида тIадкъана кагътазул отделалъул заведующиясул хъулухъ.

— Радиоялде кинха мун ккарай?

     — Машидат Гъайирбегова сабаблъун. Дунял рукIкIунеб мехалда цо къоялъ редакциялде екерун ячIана гьей жий метер Москваялде ине кколей йигилан. Литературияб институталде цIализе йосун йикIана гьей, гьединлъидал жий тIадюссун ячIинегIан радиоялда хIалтIеян гьарана Машидатица. Микрофон кин биччазе кколебалиги бихьизабуна, ячун радиоялдегун. Газеталдасан цIиял харбал цIализе кколаан. Нахъисеб къоялъ цIалана дица гьел гьелъ абураб куцалда. Киндай кканаян, сородилаго къватIие ячIуней йикIарай дида жанахIалъув гIодов чIун вихьана цо чи. Дихъги валагьун, гьимана гьев. Мун щивилан гьикъидал, гьес абуна жив дур редактор вугин абун. Кутакалда лъикI цIаланилан дие ракI-макIги гьабуна. МагIарул передачабазул редактор вукIун вугоха гьев – НурмухIамад АбихIасанов. Гьанже нилъ редакциялде рилълъинин абуна гьес. Жибго студия букIана Ленинил майданалда, поч бугеб бакIалда. Редакция абуни – гьанже Котровасул цIаралда бугеб къотIноб.

    Школа лъугIун хадубни дица тIубан батIияб рахъ тIаса бищун букIарабха. КIиго соналъ физикаялъулгун математикаялъул отделениялда Руччабазул институталда цIалана. Амма радиоялде ккедал, бичIчIана дун доя хутIизехъин йикIин. Щайин абуни, дие цIакъ бокьана доб коллектив. Кутакалда дир тIалаб гьабулел чагIи рукIана гьенир. Гьедин ДГУялде филологияб факультеталде лъугьана дун. Авар мацIалъулгун литератураялъул учительлъун цIаланиги, цониги къоялъ хIалтIичIо школалдаги. Радиоялдаго хутIана. Гьеле гьедин ккана – Машидат хисизе чи ватизегIан кIиго къоялъинги абун, 62 соналъ хIалтIана дикторлъун.

— НурмухIамад ГIусмановгийищ дуда гьенив ватарав?

   — Гьев дидаса хадув вачIана. Байбихьуда дида цадахъ дикторлъи гьабулаан Сугъралъа ПатахI ПатахIовас. Литературияб мацIги лъикI лъалаан гъосда, гIезегIан берцинаб гьаракьги букIана. Мединституталда цIалулев вукIана гьев. Гьениб цIали лъугIун хадув, щуго соналдасан нахъе ана гьев. Хадув вачIана ЧIарада районалдаса МухIамад ГIалимирзаев абурав вас. Гьевги вукIана университеталъул студент. КIиго соналъ гурони гьевги хIалтIичIо. Гьелдаса хадув вачIана БакьайчIиса НурмухIамад. Гьедин ниж кIиялго 50-гIан соналъ цадахъ хIалтIана гьенир. Мунагьал чурад, цIакъ лъикIав чи вукIана.

    Радиоялде рачIунелщинал кагътазул г1емерисел рукIунаан ниж кIиязего баркалаби кьурал. Къойида жаниб нусго кагъат бачIараб мехги букIунаан. КIигогIанасеб тIанчида рехсон жидерго тухум-кьибилалда вугевщинав чиясул цIаралгун, гьезул рахъалдаса баркала загьир гьабулаан гьез. Цинги хъвалаан тIокIаб жо къваригIун гьечIин, цохIо дур гьаракь рагIизеги, мун йихьизеги хIажат бугилан.

— РачIунел рукIанищха гьел мун йихьизе?

   — Валлагь рачIунаанха. Цоцоккун рачIунел гIадамал гурелги, классалгун цадахъ учительзабиги рачIунаан. Дица гьезие студиялда экскурсиялги гьарулаан. Гьанже дида кколеб буго гьел дандчIваязул хIакъалъулъ хъвай-хъвагIай щайдай гьабичIебилан абун.

— Дур рос Рамазан Рамазановги вукIанагури журналист.

     — Дир эменго гIадин, гьевги вукIана рагъул гIахьалчи. Рагъ байбихьараб къоялъ выпускной вечер букIун буго гьезул классалъул. Гъорасанго рекIинарун поездалдагун аралха гьезул киналго васал рагъде рачун.

     Гьелдаса нахъе гьев гIицIго 1947 соналда гурони тIадги вуссинчIо. Япониялъулгун рагъдаги гIахьаллъизе ккун вуго гьев. Рамазан дидаса анцIго соналъ кIудияв вукIана. Нижерго Гелбахъалдаса кколаан гьев.

     Ниж данделъана 1950 соналда. Байбихьуда Рамазан Гъизилюрталда районалъул партиялъул комитеталъул секретарьлъун вукIана. Хадув гьев МахIачхъалаялде вахъана, «БагIараб байрахъалда» спорталъул отделалда хIалтIизеги лъугьана. Цинги унтана ва 60 сонил гIумруялде вахиндал, хвана.

   Рамазан Гъизилюрталда хIалтIулеб мехалда, радиоги жибго тун, гьение яхъине рес букIинчIо дир. Дирго бертингицин бихьичIо дида — дваргъиялда нижер бертада Гелбахъги, гьаний студиялда гIодойги чIун, передача цIалулей дунги (елъулаго).

    ТIокIалъ чIечIого телефоналдасан дида хадуб ахIи гIагарлъиялъулги букIана. Цинги къаси сагIат ичIгоялда, передача цIалун бахъиндал, ана дун росулъе, берталъе. Гьанже гIадин цебеккунго хъван толеб, запись гьабулеб къагIида букIинчIо доб мехалда, чIагояб эфиралдасан кьун гурони. 1960-абилел соназда телевидение баккидал раккана гьел записалги. Гьеб мехалда рачана нижеца хIалтIуде режиссёрал, операторал. Гьедин бигьалъана нижееги гьеб хIалтIи. Масала, радиоялде вачIарав гьобол ватаниги, эксперт гIадав чи вукIаниги, чIагояб эфиралдасан кIалъазавизе кIолароан, хIинкъун, нахъе къан. Киназухъаго гурелъулха гьеб бажарулеб. Гьединлъидал щибго хIалакинчIого, цереккунго гьединал чагIазул записал гьаризе рес щвеялъ рохуца холел рукIана ниж.

— Цоги кинал миллатазул рукIарал нилъерго гIадал передачаби?

    — Анлъго батIияб мацIалда кьолаан гьел. Хадубккун 14 мацIалда кIалъана «МахIачхъала».

— Телевидение баккараб мехалда гьение ине гъира ккечIебищ дур?

— Дун гьадингоги хIалтIана гьений. Гьединго радиоялда дица рачунаан жеги лъарагIгун гIурус мацIазда передачабиги. ЛъарагIал отпускалде ани, унтани, хисизе чи вукIунароан. Гьединлъидал дун йитIулаан гьение.

МоцIалъ дикторлъиялъул курсазда цIализе Москваялде индал, Дальний Востокалъул радиоялъул передачабигицин цIализе ккана дица.

Радиокомитеталъул нухмалъулевлъун доб мехалда вукIана ЦIадаса ХIамзатил вас ХIажияв. Телевидение рагьулеб мехалда нилъеразда хIалтIи малъизе къватIиса специалистал ахIулаан гьес. Гьеб мехалда тIоцеесей дикторлъун телевидениялда йикIана Лидия Культюгина абун гIурусай. ГIезегIан мех бана гьениве восизе чи щоларого. Гьединлъидал дун лъагIалица гьенийги хIалтIана (цадахъго радиоялдаги). Амма гьеб киналдасаго дие дирго (радиоялъул) редакция бокьулаан. КIудияб коллективги букIана – миллиял редакциял гурелги, тIубараб оркестрги хорги. Радиоялдасан ахIизе ругел кучIдул цин нижее цIализе кколаан кочIохъабаз. Гурони, магIна гьечIеб кечI биччалароан радиоялдасан. РагIабазулги бакъаналъулги автор рехсезе кколаан. Музыкалияй редакторлъун ГIабидат Минатулаеваги йикIана гьений. Радиоялъул кочIохъабазул тIелги бачун, кIанцIун яхъун, хъутаналде унаан гьей, гIибоцIухъабазе концертал кьезе. БукIараб ракI гъураб заман.

Гьелдаго цадахъ ракIалде щвезаризе бокьун буго МухIамад ХIажиевги, МухIамад Идрисовги, ХIажи Мамаевги, МухIамад Саидовги, ГъазимухIамад ГъалбацIовги, НурмухIамад ГIусмановги, ГIумархIажи Шахтамановги.

Котровасул къотIноб радиоялъул редакция бугеб мехалда мунагьал чураяв ГIумархIажи Шахтаманов вачIунаан векерун. Нухдасанго тIаса бахъараб плащги цо рахъалде рехун, гъобасанго ишанги гьабун, машинкаялда текст кьабизе гIодой чIезаюлаан гьес дун. Цинги вахъун чIовухъе, лъун чвантинир квералгун, цо хIарп къосинчIого, рекIехъе цIалулаан ГIумархIажица тIубараб передачаялъе гIураб текст (15 тIамач). ЛъикIав вас вукIана. ЛъикIал чагIи гурони дида дандеги ккечIо.

Кутакалда пагьму бугев вас вукIана ГъазимухIамад ГъалбацIовги. Гьанже гьесул тIахьал цIалулей йикIуна дун. ЧIаго дунялалда хьвадулев вугев чияс хъван буго хвараб мехалда жинда бихьизе бугебщинаб жо.

Гьеб 62 соналда жаниб цониги нухалда ракIалде ккечIо хIалтIудаса нахъе ине. ЦIакъ лъикIал ракIалдещвеял хутIана дир радиоялъул хIалтIуда хурхун. Гьений хIалтIизе лъугьун кIиабилеб сон букIун батила, Гумбет районалдаса чияс буртинадул хьитал ритIун рачIана дие, мун гьитIинай ясги йихьулила, воре, хIатIал квачазе чIогеянги хъван. Я жиндирго яги росдал цIарги букIинчIо. Лъие баркала кьелебалицин лъаларого дунги йикIана.

Цо кополаб лъугьа-бахъиналъулги бицинин. Гъоб мехалда радиоялдасан гимн биччалаан сардилъ сагIат 12-ялдаги радал анлъгоялдаги. Макьилъго гIадин рагIизе лъугьана дида гимн ахIулеб. Вуйгь, абун кIанцIун тIадеги яхъун, екеранаха хIалтIуде эфир байбихьизеян. Щвана дое, бухана нуцIа, рагьуларо. Ахирги яккун ячIана хъаравул. Щиб лъугьараб жойилан, йиххана гьей. Щибинха ккелеб, радалисеб передача байбихьилалда цебе гимн ахIулеб рагIичIищилан абуна дица. АхIун лъикIха, сордо бащалъунлъидал бугебан, квер хьвагIана гьелъ. Гьанже нахъюссунги кин инеян, гьениб жанахIалъуб букIараб диваналдеги яхун, кьижанаха рогьинегIан.

Гьединго Расулил яцалъул вас МухIамад вачIунаан цо-цо мехалда радиоялде кучIдул цIализе. Микрофон свинабун гьечIолъиги лъачIого, дица гьесда абун бугоан, МухIамад, метерги вачIахаян. Хадуй дун киназго гIад-хочI гьаюлей йикIана дуца МухIамад киве ахIулев вукIаравинги абун.

— Рогьалилъ байбихьулел гьел передачабазде цо нухалданиги кватIичIищха мун?

— Цониги нухалда кватIичIо! ТIадежоялъе, цо заманалда рукъалъ Редукторный посёлокалдаги йикIана. Бензовозалда рекIунгицин щолаан радиоялде. Рогьалилъ, сагIат щугоялда яхъун остановкаялда чIедал, цо-цо мехалда бачIунароан автобус. Щиб гьабилебали лъаларей гIаданалъ, дица, квералги хьвагIун, чIезабулаан цебе батараб транспорт. КIиябго нухалда цого чияс чIезабун букIун бугоха дие машина. Гьединлъидал гьев вуго дида абулев гьадигIан хехго къватIие яхъине ккани, дуде бачIараб балагь щибдила, уборщицалъунищдила мун хIалтIулей йигей?

Дежурствоялда рукIунел милицабазги чанги щвезаюна дун. Гьел ругьунлъун рукIунаан дир ригьалде.

Радиоялде чанги рачIунаан лъималаз хъварал кагътал, ПатIимат-ада, дуца гьел передачаби дагьалъ нахъа байбихьизе бегьуларищинги абун.

— Щай?

    — Гъол рогьалилъго тIаде рахъинарулел рукIунха эбел-инсуцаги кIудабазги. ПатIимат некIого яхъун, хIалтIилей йигин, нуж щиб гьабулел чагIи жеги бусалъго рукIинеян хIалхьи толеб букIун гьечIо дозие.

   Телевидениялда хIалтIулеб мехалдаги къотIносан унаго дунги лъан, лъималазул читIир букIунаан хадуб.

   Валлагь, киназго къимат гьабулаан нижер хIалтIул – гIадатиял гIадамазги тIадегIанал хъулухъазда ругезги. Передачаги лъугIун рокъое унелъул, нухда гIемер дандчIвалаан росдал магIишаталъул институталъул ректорлъун вукIарав МухIамад Жамбулатов. Гьа, жакъа сундул хIакъалъулъ дуца магIарулазе бицарабилан гьикъулаан гьес кидаго. Ясалъул яс цIализе лъугьунелъулги кIудияб кумек гьабуна гьес.

     Кидаго кIочонаро Шагьрудин Шамхаловас гьабураб гIаданлъиги. ХIурматиял шапакъатал кьезе хIукуматалъул минаялде ахIун рукIана ниж. Гьеб тадбир лъугIун хадуб Шагьрудиница дида гьикъана тIокIаб щиб дуе хIажат бугебилан. Дун намуслъулей йикIин бихьидал, нижер радиокомитеталъул нухмалъулев МухIамад ХIамидовас абуна ПатIимат хIалтIудаса рикIкIад йигин, гьединлъидал гьелъие гьаниб аскIобегIан рукъ хIажат бугилан. Шагьрудиница гьеб суал тIубазе байбихьана гьеб параялъго. Нахъисеб къоялъ гьес дун йитIана гьанжего гьанже бан бахъараб мина бихьизе («Космос» тукада дандбитIараб бакIалда – авт.). Гьелдаса нахъе гьениб жаниб гIумру гьабулеб буго дица. ХIал алжаналъуб батаги гьесулги дир нухда ратарал баракатал гIадамазулги.

Гара-чIвари гьабуна Зульфия ХIАЖИЕВАЛЪ.