ХIасилал гьаруна, масъалабазул бицана

 

  РАНалъул Дагъистаналда бугеб федералияб цIех-рехазул централда (ДФИЦ) гьаруна 2021 соналъул хIалтIул хIасилал.

   Гьениб 2021 соналда гьабураб хIалтIул хIакъалъулъ бицана ДФИЦалъул директор Ахъай Муртазаевас.

   ДФИЦалда вуго 422 гIелмияв хIалтIухъан: РАНалъул член – ункъо, гIелмабазул доктор – 70 ва гIелмабазул кандидат – 193. ГьабсагIаталда цIех-рех гьабулеб буго 39 темаялъул ва ДФИЦалъул хIалтIухъабазе щун буго 22 грант.

   — Гъоркьиса ДФИЦалъул гIалимзабаз хIадурана ва басмаялде бахъана 38 монография, «Web of Sciense»абураб сияхIалда ругел жур­ налазда бахъана 133 макъала, Scopu­ sалъул сияхIалъул журналазда – 62, РИНЦалъул сияхIалъул журналазда – 32, ВАКалъул журналазда – 239 ва цогидал журналазда – 171. Кинабниги бахъун буго 703 гIелмияб макъала, — ян бицана А. Муртазаевас.

   ДФИЦалда бахъулеб буго микьго журнал. Гьезда гьоркьоб А. Муртазаевас рехсана «ЦIадаса ХIамзатил цIаралда бугеб МацIалъулгун адабияталъул ва искусствоялъул институталъул вестникги».

   Бигьаяб букIинчIо 2021 сон: хIал­ тIулъ дандчIвалел масъалабазде тIаде жубана пандемиялъул ба- лагьги. Кин бугониги, ДФИЦалъул гIалимзабаз лъикIаб хIалтIи гьабуна. Гьелъул хIасиллъун ккана гIелмиял цIех-рехазе квербакъулел програм- маби хIадури. ЛъикIал хIасилазухъ РАНалъул ДФИЦалъул Геология­ лъул институталъул бетIерав гIел­мияв хIалтIухъан Василий Черкашин мустахIикълъана «ДРялъе гIоло гьабураб хъулухъалъухъ» абураб орденалъе. Республикаялда тIобитIараб «2021 соналъул бищун лъикIав гIолохъанав гIалимчи» абураб конкурсалда «Бищун лъикIав гIелмабазул кандидат» абураб цIар щвана ИЯЛИялъул гIалимчIужу Наида Вагьизиевалъе ва Тарихалъулгун археологиялъул ва этнографиялъул институталъул гIалимчIужу Элвира Загьировалъе. ДРялъул бетIерасул гранталъе мустахIикълъана Хадижат Арсланова ва Шамил Гьиматов. МухIамадхан МухIамадхановасе кьуна Россиялъул гIелмабазул академиялъул ХIурматалъул грамотаги ДРялъул Пачалихъияб премияги. Жеги анцIгониги гIалимчиясе щвана республикаялъул министерствабазул ХIурматалъул грамотаби ва Баркалаялъул кагътал.

   ДФИЦалъул директорас рехсана хIалтIулъ дандчIварал квекIеналги: гIураб къадаралда гIарац кьунгутIи, институтазул къайи-алат басралъи, махщел камилал гIалимзаби дагьлъи, кагътил хIалтIи гIемерлъи.

К. Сулейманова