10 марталда Москваялда, РФялъул хIукуматалъул председателасул заместитель Виктория Абрамченкогун дандчIвана ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликов. Гьез гьоркьоб лъуна республикаялъул северияб рахъалда ругел ракьал ракъдаллъиялде сверулел рукIиналъулги чанго соналъ бацIцIад гьабичIого тараб Терек гIурул тIину хIабтIил цIеялъулги суал. Гьелда бан Сергей Меликовас рахIатхвей загьир гьабуна их щведал гIорги къватIибе кIанцIун, сверухъ гIумру...

