ГIолохъанал улбуз цIакъго тIадчIей гьабула лъималазул сахлъи цIуниялда. ЧIахIияз яги тохтурзабаз малъаралъухъги киназго гIинтIамуларо. Гьез социалиял гьиназдаса тIаса рищула бищунго цIакъал «тохтурзаби», цIикIкIун божула сон-церекъад улбуллъун рахъарал блогеразда, пайда босула Интернеталда кьурал «гIакълабаздаса». Ахир-къадги гIадатияб поликлиникаялъул тохтурасухъе ккараб мехалда суалазул цIадги базабула педиатразде. Улбуз бищунго гIемер цIехолеб 10 суалалъе МахIачхъалаялъул лъималазул №5 поликлиникаялъул педиатр ПатIимат Шамсудиновалъ кьуна гьадинал жавабал.
— Щай гIисинал лъималазе прививкаби гьарулел? Гьезул чорхолъ эбелалъул ургьисанго щвараб иммунитет букIунарищ?
— Прививкабаз лъимадул сахлъи вирусазул унтабаздаса цIунула, гьелде данде кколеб иммунитетги гIуцIула. Вакцина гьабун хадуб лъимер ургъунго (искусственно) «унтула». Гьеб ккола захIматаб унтуца лъимер дагьабго «унтизабулеб» къагIида. Гьединго вакцинаялъ кумек гьабула бахунеб унтудаса сахлъиялъе зарал лъугьинчIого рорчIизеги.
— Грипп ва ОРВИ. Гьезда гьоркьоб кинаб батIалъи бугеб?
— Гьел унтаби байбихьуда ратIарахъун бажаруларо. Вирусал чорхолъе риччаралдаса пневмонияги ккезе рес буго, гьединлъидал рахунел унтабаздаса цIунизе хIаракат бахъизе ккола.
— Лъимадул цIа-кан 37-ялдаса цIикIкIун бугони, амма 38 градусалдаса тIадеги бахунеб гьечIони, цIа гIодобе ккезабизе бегьулищ?
— 38 градусалде щвезегIан цIакан бахун бугони, лъимадул черх унтуде данде къеркьезе тезе ккола. Дару кьечIогоги лъимадул гьединаб цIа-кан гIодобе ккезабизе бегьула. ТIоцебесеб иргаялда, лъимадуе цIикIкIун лъим кьезе ккола. Ромашкаялъул лъим (отвар), куракул лъим, морс ва цогидалги лъамалъабаз кумек гьабулеб гьечIони, дару кьезе бегьула. 38,5 градусалдаса цIикIкIун цIа-кан бахун, лъимерги бечIан, загIипго бугони, цIа-кан гIодобе ккезабулел дараби кьезе ккола. Панадол, Нурофен дараби, Цефикон свечаби лъикIаллъун рихьизарула нижеца. 38 градусалдаса цIикIкIун цIа-кан бахунеб бугони, гьелъ лъимадул сахлъиялъе зарал гьабула, ччорбал рукIкIине бегьула. Лъабго къоялъ лъимадул цIа-кан бахун бугони ва хадуб рукIалиде бачIани, гьениб щибгIаги хIинкъизе ккараб жо гьечIо. Лъабго къо ун хадубги лъимадул цIа-кан гIодобе ккечIони, антибактериалияб терапия гьабизе ккола.
— Лъимадул цIа-кан бахун бугони, 38 градусалдеги бахинчIеб, чIамучIаб унти бугони, лъимал къватIахъе рачине яги школалде ритIизе бегьулищ?
— 37 градусалдаса цIикIкIун цIа-кан бахараб лъимер школалде битIизе бегьуларо. БацIцIадаб гьаваялда тира-свери буго 37-37,9 градус цIа-кан бугеб лъимадуе бихьизабураб кIиабилеб дару. Тира-сверизеги бегьула, амма гIадамал ругеб бакIалде гьоркьоре къачIого, батIаго. Гьесдаса унти бахине бегьулелъул.
— Минералияб лъим лъимадуе ингаляция гьабиялъе хIалтIизабизе бегьулищ?
— Боржоми, Рычал-су гIадаб минералияб лъеда гъорлъ щелочь букIуна. Гьеб хIалтIизабизе бегьула ингаляция гьабулелъул. Гьелъ хIацIу лъама гьабула, лъимадуе бигьалъула.
— Лъимадул пневмония букIиналъул тIоцересел гIаламатал кинал кколел? Кин гьеб унтудаса лъимал цIунилел?
— Щуго-анлъго къоялъ халатбахъун лъимадул цIа-кан бахунеб бугони, хIалценги захIматго бугони, гIемерисеб мехалда пневмония ккун батула. Чанго къоялъ цIа-кан гIодобе кколеб гьечIони, тохтурасухъе ине ккола. Бидул анализалдалъун, хадуб рентгеналдалъун тIатинабула пневмония.
— ЛъагIел тIубараб лъимадуе каранзул рахь яги смесь (бакъвараб рахьдал нигIмат) хIажалъулищ гьелъ чIахIиязул квен квине байбихьун бугони?
— Цо-цо улбуз лъимадуе каранзул рахь кьола кIиго яги лъабго лъагIел тIубазегIан. Лъимадуе лъагIел тIубаралдаса нахъе эбелалъул рахьалдаса кIудияб пайда щоларо. Гьеб ригьалде рахаралдаса нахъе лъимералъ гIицIго эбелалъул чорхолъа кальций, Д3 витамин, ай эбелалъул сахлъиялъе хIажаталщинал витаминал росун уна рахьгун цадахъ. Гьединлъидал гьанжесел гIемерисел педиатраз лъикIаблъун бихьизабула лъимадуе лъагIел базегIан каранзул рахь кьей.
Смесь лъимералъ жинцаго инкар гьабизегIан кьезе бегьула. ЧIахIиязул квен кунел лъималаз смесь гIицIго радал макьидаса рорчIидал ва къаси кьижулелъул гурони гьекъоларо. Лъимер гIураб къагIидаялда кваналебги бугони, карщалги ва гьелде тIаде смесалги гьекъолел ругони, гьеб цIакъ лъикI буго. Цо-цояз лъималазе смесалъул бакIалда гIакдал рахьги кьола цебе умумузги кьолеб букIанин абун. Цо лъимадуе данде кканиги, кIиабилелъе гьеб дандего кколаро.
— Маннаялъул карщил лъимадуе пайда букIунарин абула гьанжесел тохтурзабаз. Дур кинаб пикру бугеб?
— Гьеб карщ кьун гIезаюна дунги, дида лъалелщиналги. Гьанже байбихьун бугоха гьелдаса пайда гьечIин абизе. Гьелъул зарал дида бихьичIо.
— БагIарараб заманалда подгузниказдаса лъималазе кIудияб зарал бугин абула.
Квачарабин, багIарарабин гьавабакъалъухъ балагьичIого, ясал-васал батIалъи гьабичIого, лъималазе подгузниказдаса зарал букIунин дица абуни, гьел ретIичIого толаро гIадамаз. Нилъер улкаялда гьел ричичIогоги, къватIире риччачIогоги толаро. Киназдаго бичIчIула подгузниказ лъимадул сахлъиялъе зарал гьабулеб букIин, амма гьелдаса инкар гьабизе кIоларо нилъеда. Гьеб гIадамазе бигьалъиялъе ургъараб къагIида бугелъул. БагIарараб заманалда подгузникалъ батIи-батIиял инфекциял ракIарула, пеленочный дерматит лъугьуна. ЛъикI букIина подгузникал росулелъул, гъорлъа гьава хьвадизе рес бугел, жиндаса квешаб махI гьечIел тIаса рищани.
— Лъимадуе къаси кьижизе щай захIмалъулеб?
— Лъимадуе макьу щунгутIиялъе гIемерал гIиллаби дандчIвала: гьелъул чехь-бакь хIунс-хIунсулеб букIин, цIакъго гIорцIун яги бакъун букIин, хIалуцин, хехдари. Цоцо мехалда лъимер макьидасаги борчIун гьабугьинан гунгудизе ва шуршудизе жубала. Гьеб мехалда лъимер кодобе бачине ва квер хъвазе бегьуларо. Биччанте лъимер жибго гIодобе биччазе ва кьижун ккезе ругьунлъизе.
П. СУЛТIАНМУХIАМАДОВА