Федералиял проектаздаса пайда босулеб буго ЦIунтIа районалда школал цIигьаризе. ГьабсагIаталда гьениб бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ нижее бицана лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулев ГъазимухIамад Абакаровас. Баян: ГъазимухIамад Абакаров гьавуна ЦIунтIа районалъул Берих росулъ. ЛъугIизабуна ДГПУ ва щвана «лъай кьеялъул ва экономикаялъул менеджмент» абураб махщел. ХIалтIана Шаури росдал школалда тарбиячилъун, лъималазул...

