Нилъер продукциялъе — тIадегIанаб къимат

 

 

     23 августалда «Дагъистан» РИАялда журналистал дандчIвана республикаялъул росдал магIишаталъул министр Мухтарбий Аджековгун.

Гара-чIвариялъул байбихьуда РИАялъул нухмалъулев МухIамад МухIамадовас ракIалде щвезабуна исана июлалда республикаялда тIобитIараб гастрономиялъулаб фестиваль:

— Республикаялда тIобитIараб гьеб фестивалалда гIахьаллъана батIи-батIиял улкабаздаса шеф-поваралгицин. Гьез цIакъ тIадегIанаб къимат кьуна нилъер гьаниб гIезабулеб гIиял гьанае. Масала, гьезул цояс абуна Дагъистаналдаса гIиял гьан тукабаздагицин бичизе лъезе кколарила, гьеб бикьа-къотIун, тукабазде щвелалдего, лъугIизе кколилан.

Мухтарбий Аджековас тIадчIей гьабуна республикаялъул росдал магIишаталда, арал соназда дандеккунгицин, ругел церетIеязде.

Масала, гьесги тасдикъ гьабуна М. МухIамадовас бицараб:

— Дагъистаналда гIезабулеб гIи­ял гьан битIула Москваялде, Санкт-Петербургалде гуребги, Россиялъул цогидал шагьаразде ва батIи-батIиял регионазде. Санайил Дагъистаналда гIезабула 30-35 тонна гIиял гьанал. Гьелъул 18 тонна нилъерго гьаниб хIалтIизабула, — ян бицана министр Мухтарбий Аджековас.

Гьединго министрасул рецц-бакъалъе мустахIикълъана пиринчI гIезабулелги.

— Гъоркьиса пиринчI бекьун букIараб батани, 27 азарго гектаралда, исана гьеб бекьун букIана 30 азарго гектаралда. Гьеб гIезабиялъулъ кIудияб бутIа буго ракьал лъалъалезулги. Арал соназде дандеккун, ракьал лъалъаялъул хIалтIиги лъикIаб даражаялде бачун бажарана. Гъизляралъул ракьазда гIезабураб пиринчI Россиялдаго бищун лъикIаблъун рикIкIунеб буго.

  Гьединго абизе бегьула исана букIанин куракул сониланги. БакIарун буго гьелъул 35 азарго тонна. Гьеб бичана Россиялъул цогидал регионаздаги. Республикаялда тIобитIана куракул фестивальги, — ян абуна Мухтарбий Аджековас. 

Хасалил мучIдузда гIияца хасел тIамиялъулги хIасилал лъикIал ругилан абуна министрас. Чахъдада хадуб кьегIер цIунизе кIвеялъул процентги 96-ялде бахун буго.

  Рохьихъанлъи цебетIеялъулги лъикIал хIасилал ругин абуна гьес.

Амма жакъа къоялде аслияб кIвар кьезе ккараб суал пихъал ва овощал цIунулел бакIал цIикIкIинаризе ккеялъул бугилан абуна М. Аджековас.

   Цогидал регионазде данде­ккун, нилъер гьанир гьединал бакIал цIакъго дагьал руго. Бищун дагьалдаса 150 азарго тонна цIунизе рес букIине кколеб буго республикаялъул. Жакъа къоялъин абуни, нилъер рес буго гIицIго 25 азарго тонна цIунизе.

Росдал магIишат цебе тIея­лъулъ бищунго кIвар цIикIкIа­раб бутIа лъола техникаялда цадахъго хIалтIухъабазги. Гьездехун кинаб бербалагьи гьабулебилан суал кьуна журналистаз.

  — Нижеда бихьула гьезул хIал­тIи. Кьола гьезие республикаялъулги федералиябги даражаялъул шапакъатал. Ма­сала, дагьаб цебегIан республикаялда тIобитIараб АПКялъул конференциялда ДРя­лъул ХIукуматалъул председатель ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас росдал магIишаталъул микьго хIалтIухъанасе кьуна шапакъатал.

Зама-заманалдасан республикаялъул бетIер С. Меликовасги батIи-батIиял шапакъатаздалъун кIодо гьарула гьел, — илан жаваб кьуна М. Аджековас.

Гьикъана министрасда гарцIазул гьужумалъул, цIолбохъанлъиялъул, ракьал лъалъаялъул хIакъалъулъги.

  ЦIолбохъанлъиги соналдаса соналде цебетIолеб бугин, тIадеги цIолбол цIиял ахалги гIезарулел ругин, гарцIалги, цересел соназде дандеккун, гIемер рукIинчIилан абуна министрас.

Амма цо-цо бакIазда ракьал лъалъаялъул хIалтIи букIине кколеб даражаялда гьечIин абулеб букIана журналистаз.

Гьеб иш лъикIлъизабиялъе пачалихъалъулги республикаялъулги кумекалдалъун ресал ралагьулел ругин абуна Мухтарбий Аджековас.

Шамай Хъазанбиева