Раисат ГIусмановалъ нухмалъи гьабулеб «Бесдалал гьечIеб Дагъистан» гIуцIиялъ гьал къоязда гьоболлъухъ ахIун рукIана исана школалде, тIоцебесеб классалде рачине ругел лъимал. Гьезда гьоркьор рукIана Украинаялда Россиялъ тIобитIулеб хасаб операциялда, Сириялда, яги нагагьаб балагьалдалъун, унтун ва цогидал гIиллабаздалъун умумул хварал лъимал. Тадбир гIуцIун букIана МахIачхъалаялда, «Дербент» рестораналда. Гьелъул азбаралда Раисат ГIусмановалъ...

