ГIаймакиса гьитIичалги рачина цIияб школалде

 

 

 

 

 

   Дагьаб цебегIан тIобитIараб пресс-конференциялда ДРялъул лъай кьеялъул министр ЯхIя Бучаевас абуна: «Капиталияб ремонт гьабиялъул программаялда гIахьаллъана 192 школа. Жакъа къоялдехун, 70 бакIалда цIараб заманалдаса цебего гьарулел хIалтIаби рагIалде рахъинарун руго, хутIараб 110 мина гIага-шагарго 20-25 августалдехун хIадур букIине буго», — ян.

   Амма киналго бакIазда гуро цIараб заманалде хIалтIаби лъугIулел ругел. Масала, МахIачхъалаялъул цо-цо школал 60-65% гурони цIалул соналде хIадурун гьечIо. Кин бугониги, лъималазе квалквал кколареб хIалалда гьел школаздаги тIоцебесеб сентябралъ букIине кколеб хIалалда цIалул къо байбихьизе бугин абула.

   Риидалил каникулал байбихьаралдаса нахъе капиталияб ремонт гьабулеб буго Хьаргаби районалъул ГIаймаки росдал байбихьул школалда.  Щибаб къойил гIадин школалда хIалтIаби унел куцалъухъ балагьизе щолел рукIана росдал ва районалъул  администрациязул хIалтIухъаби. Гьабизе бугебщинаб хIалтIи бихьидал, кколеб букIана цIалул сон байбихьилалде гьеб хIадурун бахъинарин абун. Амма цIараб заманалде хIалтIаби рагIалде рахъунел руго.

   «Развитие образования» абураб пачалихъияб программаялда рекъон цIидасан банин школалъе минайин абизе бегьула: чIабаралде бетон тIуна, къадал рохьана, гордал-нуцIби хисана. Гьединго къватIисан школалъул минаги къачIана. Бихьизабураб заманалде школа къачIан лъугIанин, кьищни-къул бакIариялъул, рацIцIалъи гьабиялъул хIалтIи хутIун бугин абуна районалъул нухмалъулесул заместитель АсхIабгIали Маликовас.

   Дагьал церегIан къоязда районалъул администрациял­да тIобитIараб терроралда данде­чIеялъул комиссиялъул данделъиялдаги рорхана гIемерал кIвар бугел суалал. Аслияб суал букIана 1 сентябралде цIалул идараби хIадуриялъул. Районалъул лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулев МухIамад ГIусмановас кIвар буссинабуна цIа ккеялдаса цIуниялъул, видеонаблюдениялъул, сигнализациялъул рахъалъ школал хIадур рукIине ккеялде.

  «Развитие образование» абураб пачалихъияб программаялда ва «Образование» абураб миллияб проекталда рекъон гIемерал школал къачIана ва цIи-цIиял школал ралел руго республикаялда. Амма лъабго сменаялъул цIали кинго лъугIизабизе бажарулеб гьечIо. Хьул буго гIагараб заманалда жаниб гьеб гIунгутIиги тIаса инин.

ПатIимат МухIамаева