24 цIияб ФАП

 

 

  Исана сон байбихьаралдаса республикаялда рагьун буго 24 цIияб фельдшеразулгун акушеразул пункт (ФАП). Мисалалъе, гьал къоязда социалиял гьиназде рехун рачIана, Табасаран районалъул Чулат росулъ квешго басралъун букIаралъул бакIалда рагьараб, киналго санагIалъабаздалъун къачIарб цIияб ФАПалъул минаялъул суратал.

 

   Гьединалго, гьанже заманалъул киналго шартIалги ругел цIиял ФАПал рагьун руго республикаялъул батIи-батIиял росабалъ. Жеги анкьго росабалъ ругел медпунктазда рагIалде рахъунел руго ремонталъул хIалтIаби.

   Капиталияб ремонт гьабун къачIалел руго жеги рикIкIадал районазда ругел 60-ниги фельдшеразулгун акушеразул пунктал.

   Амма… Буго гьениб цо аммаги. Цо-цо бакIазда гьел ФАПал къачIазе тIаде росарал, ДРялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялъулгун контрактги хъварал подрядчиказ рекIкI гьабурал хIужабиги тIатун руго республикаялда.

  Мисалалъе босани, гьединаб хIужа тIатана Шамил районалъул ЗанатIа росдал сахлъи цIуниялъул минаялда хурхун. Гьеб росулъ ФАПалъул мина букIана цIакъго басралъун, биххун иналде ккун. Гьебги хIисабалде босун, занатIисезул фельдшеразулгун акушеразул пункт бачун букIана «Здравоохранение» абураб миллияб проекталда гъорлъе. Амма хIалтIи гьабизе къоял тIаде щведал, подрядчик вахчарун, вихьизе чIун гьечIо. Басрияб ФАПги хутIун буго зодихъе гьакIкIан. Гьанже гьеб къачIазе республикаялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялъ къотIи-къай хъвазе валагьулев вуго цIияв подрядчик. Хьул буго гьесниги бихьинчиясда рекъечIел жал гьариларин, занатIиселги цIияб ФАПги щун рохизе ратилин.