#1. Кицаби ва абиял

АбизегIан рагIи – дур лагъ, абун хадуб – мун гьелъул лагъ.

 ***

Багъарараб хIатIида хIарщ рекIунеб
***

Ах сайигъат гьабурав инсуе васас цIолбол кIолкIона кьечIебила.

***

Билълъун унаго лълъар кквеч1они, лъутун унаго рач1 кквезе щоларо.

***

ГIабдаласулгун гьудуллъиги гьабуге, гьойдулгун махсароги гьабуге.

***
Дун хвелилан давлаялда хадув чи унарев, дун тIадго кквелилан цIогьор къватIиве вахъунарев.

***

КIиябго бералда чияр лъимал рихьараб мехалъ, цояб бералданиги нилъерго лъималги рихьизе ккола.

***

Лъади чиярай лъикIайлъун йихьулейила, чу нилъерабго цIакъаблъун бихьулебила.

***

Росдал хабар гIабдаласда гьикъе, рукъалъул хабар лъималазда гьикъе.

***

ХIамие жиндирго гьагIи берцинаб, хIелкие жиндирго гIегIеди берцинаб.

***

ХIарщуда хIетIе хъвазе теларилан лъугьарав магIарулас хIарщулъ дегIен чIезе ккарабила.