«МагIу кквезе кIвечIо, мугIрул рихьидал»

Гьаб анкьил байбихьуда нижер редакциялде гьоболлъухъ рачIун рукIана Турциялъул тахшагьар Анкараялда гIумру гьабун ругел яцал – 80 сониде яхарай ПатIимат ва гьелдаса кIиго соналъ гьитIинай Зекие.
 
Турциялъул магIарулал – гIажаибаб рекIел бухIи рещтIуна рекIелъ щибаб нухалъ гьелгун дандчIвалаго. Умумузул аслу цIехолел, Шамил имамасул заманалдаса нахъе чияр улкаялдаги рукIун магIарул мацI цIунарал гьезде батIиябго адабги бижула. Зекие цееги кIицIулниги ячIун йикIун йиго Дагъистаналде. ПатIимат тIоцее щун йиго. Цересел нухаз, жидерго умумузул наслу цIехон, гьей щун йикIун йиго ГIахьвахъ ва Хунзахъ районаздеги.
 
 
 
Умумузул аслу цIехон
 
 
Зекие:
 
— Нижер эмен Сейфулагьил эбел-эмен ГIахьвахъ районалъул ЦIолодаса ва Рацилъа руго. Гьениб гIезегIанго гIагарлъиги батана. Эбелалъул умумул Хунзахъ районалъул ГьоцIалъа рачIарал ругин бицунеб батана. Амма жеги гьелъул мухIканлъи лъачIо, гьеб цIехейги буго нижер мурад. Цебесеб нухалъ росгун цадахъ щун рукIана ГьоцIалъе, гьениб нижер гIагарлъиялъул гIуж батичIо. 
 
 
— Турциялдаги гьанирги руго Дагъистаналдаса доре рачIарал умумузул цIех-рех гьабулел магIарулал. Гьезулгун бухьен бугищ?
 
 
— ГьечIо. Бокьила гьезул кумек щвани нижер эбелалъул гIагарлъи балагьизе.
 
 
— Анкараялдаги руго гIезегIанго магIарулал, гьелгун дандчIвалищ?
 
 
ПатIимат:
 
 
— Ругин бицуна, амма нижеда гьел лъаларо. Нижго гIумруялъго лъималги рукъги тIубан къватIирего рахъичIо, гIадамазда гьоркьоре щолароан. ЛъебергогIан сон буго ниж рии-
риидал росулъе унаго. Гьениб нижерго ах-хуралде руссун лъабго-ункъо моцI бала. Дир бетIергьанчи ТIалхIатги магIарулав вуго. Гьесги бицуна магIарул мацI. Росасул эбел 
Жавгьарат ва эмен МухIамад гьев цIакъ гьитIинаб мехалъго хун руго. Эбел ЦIунтIаса йикIанин абулеб бати гурони, ТIалхIатидаги жиндирго умумузул кьучI кисан бачIарабали 
лъаларо. Лъималазда дагьабго гурони лъаларо нилъер мацI. Жидеда малъичIогоян рукIуна гьанже абулел. Сверухъ кирго туркал ругеб бакIалда гьез къватIиб рагIулеб мацI хехго босана.
 
 
Эбелалъул гIагарлъиялъул рахъалъ нижеда лъалеб жо буго, Турциялде гочарав гьелъул эмен ГIумарил лъабго вац Дагъистаналдаго хутIараллъи. Гьезда цIаралги рукIун руго ГIали, ХIасанбег ва МухIамад-Гъабит. Гьезулги наслаби гIун ратиларищха гьанир.Эбел хвараб мехалъ ПатIи-матил букIун буго 4 сон, Зекиял 2 сон. Цоги хъизанги гьабичIого, жинцаго гIезарун руго Сейфулагьица лъимал.
 
 
ПатIимат:
 
— Нижер инсул эбел Асиятида турк мацIго лъалароан, магIарул гурони. ГьитIинаб мехалъ нижер рокъобги магIарул гурони мацI букIунароан. КIодоэбелалъ гIодулаго бицунаан нижее Дагъистаналдаса Турциялде жалго гочиналъул. МугIрул къотIун, рохьал чIван, лъелго рачIун руго гьел, лъабго моцI нухдаги бан. Къад рахчулел рукIун руго, къаси нухда 

унел рукIун руго. Балъгоял сухъмахъал балагьун унев цевехъанасе гIарац кьолеб букIун буго. Росги хун хутIарай гьезул эбел, гIурусаз ясазе гIакъуба кьелин, васалги гьез рагъде рачун инин хIинкъиялъ, лъималгун Турциялде гочун йиго. Гьелгун цадахъ батIи-батIиял росабалъа гIемерал магIарулалги рукIун руго. ГIемерисел Сивас вилаяталда чIун руго, нижер кIодоэбелалъул хъизан Токъаталда рещтIун руго. Гьеб вилаяталда кIудияб кIиго росу гIун буго магIарулазул. Токъат вилаяталда бугеб магIарулазул Замаир росулъ чIун руго гьел. Гьанже гьеб росдада цIар Акбудай хисун буго. «ХъахIаб ролъ» абураб магIна буго гьелъул. ЛъикIаб бачIин кьолел ракьал руго гьенир. КIудияб бакI кьун букIун буго магIарулазе росу гIуцIизе, яшав гьабизе. Гьеб дагь-дагьккун турказе бичун, гьанже рекьулел ракьал дагь руго. Нижер эбел Умижат Токъат вилаяталъул Манамах росулъ чIарал магIарулазул яс йикIун йиго.

 
 
 
Бахъухъги белъуна, хинкIалги рала
 
 
— Нилъер гIадатазул хутIелго бугищ гьанже нужер рукIа-рахъиналда?
 
 
 
Зекие:
 
 
— Бахъухъги белъуна, хинкIалги рала, каршги гьабула, магIарул мацIги бицуна — гьеб бугоха хутIун. Цебе росулъ киназго хурзал рекьулаан. Лал тIамулеб мехалъ балагьеназда 

ан. Гьанже гьеб алатги музеялда лъун буго доба.
 
 
 
— ПатIимат, тIоцее гьание щведал, мугIрул рихьидал, щиб асар гьабураб ракIалъе?
 
 
— Цо хIикматаб рохелги пашманлъиги бачIана гьулчун рекIелъе. МагIу кквезе кIвечIо мугIрул рихьидал, гIемер гIодана. Гьал мугIрузухъ балагьун гIорцIуларого, умумузул ракьал-
даса урхъиго буссунарого йиго дун, — ин абуна ПатIиматица шакъраххунаго. — АхIул ГохIде щведалги чвахана магIу. ЦIакъ лъикIаб иш гьабун буго гьенибе тIаде нух къайги. Гьеб ра-

гьун букIарабаниги кIвелароан дол биял тIураб ракьалда хIетIе чIезе. Дун цIакъ разиго йиго гьаб сапар гьабизе Аллагьас дие къуват кьеялдаса, щукру гьабулей йиго. Лъеберго соналъ цебе дида макьилъ бихьана дунго Дагъистаналде щун. Сверухъ гIурччинхариде щуб ккараб рогьалил гIуж букIана, цо борхалъудаса мугIрузухъ балагьун йикIана дун. Макьу тIубана АхIул ГохIде щведал. Ниж гьанире унел рукIин лъайдал, дир яс йикIана йоххиялъ гIодулаго кIалъалей. Дир гIумруялъулго анищ букIаралъулха умумузул ракьалде 

щвезе. Жеги цIикIкIараб чIалгIен букIана гьанибе нижер чIахIиязул.
 
 
ПатIиматил щуго лъимер буго, Зекиел лъабго. Гьезулги наслаби гIолел руго Турциялда, Германиялда, Индонезиялда.
 
 
Зекие:
 
 
— ГьитIинаб мехалъ кидаго кIодоэбелалъ бицунеб букIиналъ батила, макьилъ бихьулаан дида Дагъистан. Макьу бицине нечолаан, гIумруялъ бихьичIеб бакI дуда макьилъ 

кин бихьулеб абун дидаго тIад релъанхъилин. Дол, макьабалъ рихьарал мугIрул, гIорал ратана дида гьанир хIакъикъаталдаги.
 
 
 
Баркала Путиние, дин гьабизе эркенлъи кьуралъухъ
 
 
Исанасебги сапаралдаса гьаниб гьудулзабаз ва гIагарлъиялъ гьабураб хIурматалдаса кутакалда разиго ругоан ПатIиматги Зекиеги. Гьел щун руго ЦIолоде, Рацилъе, АхIул ГохIде, Дербенталде. Гьоболлъи бан буго Кокрекалда, ЦIияб ЦIолода, Гъизилюрталда бугеб инсул гIагарлъиялъухъ. Дагъистаналда гьезул щулияб гьудуллъи буго Казбек районалъул Гуниялдаса, Дагъистаналда машгьураб, Ильясовазул хъизаналъулгун. Турциялда цIаларай жидерго ясалдаса лъан руго Ильясовазда Сейфулагьил ясал, гьезул хъизан-лъимал. 2004 соналдаса нахъе, божараб гIагарлъи гIадин, бухьеналда руго гьел.
 
 
 
— Цеесала магIарухъе рахунаго нухал цIакъ хIинкъарал рукIана. Машинаялда унаго кIкIалахъеги балагьун, дунго хваниги кIваричIин, цадахъ ругезе къварилъи ккогегиян гьару-
лей йикIана, — ян ракIалде щвезабуна ПатIиматица. — Гьанже санагIатал, гIатIидал нухалги руго, гIадамазул яшавги берцинлъун буго.
 
 
 
— Гьанирго чIезе бокьилищ гIумру гьабун?
 
 
ПатIимат:
 
 
— Бокьиларищха нилъерго ракьалда, нилъерго гIадамазда аскIоб. Амма лъимал-хъизанал дора ругелъул. Доба яшавги тун гьел гьанире рачIинаро, амма бихьизе киназего бокьун буго. Гьаниб бугеб ахIвал-хIал бихьизегIан нижеда кколаан Дагъистаналъул халкъ гIакъубаялъулъ, мискинго, гIурусаз къварид гьабун бугилан. Нижеда гьедин бицунаан мактабалдаги. ЛъикIаб магIишаталда руго нилъер гIадамал гьанир. Баркала Путиние, гьес халкъалъул тIалаб гьабулеб буго. Дин гьабизе эркенлъи кьун букIин бихьулеб буго, Шамил имамасул суратал, цIар гьукъун гьечIо. Гьелдаса йохана дун.
 
 
 
Наслабазда аслу кIочене тоге
 
 
Зекие:
 
— ТIубараб дунялго цо хъатиниб гьун бугелъул, кир ругониги рес буго кIалъазеги рихьизеги. Нижер гIелалда Дагъистан лъазе рес букIинчIо, чIахIиязул ракIалдещвеязулъ, 

макьилъ гурони. Гьанже рес буго магIарул, гIурус мацIал лъазаризе, цоцахъе гьоболлъухъ хьвадизе.
 
Дагъистаналъул мугIрузда, магIарулазда салам бицеян абун букIана Турциялда бугеб гIагарлъиялъ. Нижеца гьаб газеталдаса киназдего салам битIулеб буго. МагIарулал сах-
саламат рукIине бокьила, рагъ-кьалалдаса цIунаги Дагъистан. Зодоса рахIмат, кодоса баракат камугеги нилъер халкъалъул.
 
 
 
— Нужеца бицунеб магIарул мацIалда хIайранлъун руго ниж. Рахьдал мацI лъаларел магIарулазул гIисинаб гIелалда, гьезул эбел-инсуда щиб абилеб?
 
 
ПатIимат:
 
 
— ГIурус мацI лъазеги бицинеги ккела. Гьаниб кIудияб хIукуматалъул хъвай-хъвагIай гьеб мацIалда бугелъул. Амма дир ракI къварилъана магIарул мацIго бичIчIуларел лъимал гьанир ратидал. Гьалгощинал чагIи магIарул мацIалда кIалъалеб бакIалда, магIарул халкъалда гъорлъ гIолел лъималазда гIурус гурони мацI лъалеб гьечIо. Гьелдаса
пашманлъана дун. Наслабазда жидерго аслу кIочене тогеян гьарилаан дица магIарулазда. Берцинаб мацI буго нилъер, дунялалда гIумру бугебгIан мехалъ гьаб мацI цIунун букIине бокьила. Цоги, виза гьечIого ине рачIине рес бокьилаан. Гьаниса доре эркенго рачIине рес буго, амма нижее визаялъул рахъалъ захIмат буго. Турциялдаса гьанире рачIине изну кьоларого букIуна бокьараб мехалъ. Нижее, херал чагIазегицин гIемер мех бана виза кьоларого. Гьеб бигьа гьабуни бокьилаан Россиялъул хIукуматалъ.
 
 
Иргадаз бицунеб гьезул харбихъ гIенеккун чIалгIунеб хIал букIинчIо кIиго сагIаталъ бицаниги. Нижецаги къокъго бицана гьезие магIарул газеталъул тарихалъул. Газеталъе кьучI 
Шамил имамасул васасул ясалъ лъейги цIакъ рекIее гIуна гьезие.
 
 
Ахиралдаги. Нижехъа бегьанагIан мухIканго кьуна ЦIолода наслуялъул Сейфулагьил ясаздаса щварал гьезул наслуялъул баянал. Гьезие цIакъ бокьун буго эбелалъул гIагарлъи батизе. Турциялда яги Дагъистаналда гьезул хIакъалъулъ щибниги лъалев чи ватани бокьилаан нижехъе редакциялде хъвани.