«Лъарал лъикIлъи бичIчIизе, гIор къулчIизе ккана дица»

 
 
2012 соналъул ноябрь моцIалда РГВК телеканалалдасан ГъазимухIамад ГъалбацIовас Фазу ГIалиевалъулгун гьабун букIараб гара-чIвари
 
 
 

— ЧIужугIаданалъ хъварабги бихьинас хъварабги бокьараб жанралъул асаралда гьоркьоб батIалъи букIунищ?

 

Дица цо макъалаялда (гIурус мацIалда хъвараб) хъван букIана, чIужугIаданалъ хъвараб бугин абун, цIаличIого добехун тIехьги рехуларо, бихьинчиясул бугин абун, квешаб тIехь цIализеги цIалуларо. БатIалъи гьечIо. Дие лъикIал асарал ругелдаса нахъе, бихьинчияс хъван ратаниги, чIужугIаданалъ хъван ратаниги батIалъи букIунаро.

 

— Масала, дур хабаралда буго, нухдасан уней цо яс, цIадукьеги ккун, гьелъие гъал бакIлъанилан. Гьеб жо бихьинчиясда хъвазе кIвелаандай? Масала, дир ботIролъе бачIинароанха, гъал бакIлъанилан хъвазе.

 

Мусаца гьелдасаги квешал хъвалаан (елъулаго). БатIалъи буго лъикIабги квешабги асаралда гьоркьоб. Щайха, гьедин батани, сордо борчIун цIалулел Цветаева, Ахматова? Гъозде данде щолел бихьинал –поэтал гIемер гьечIо.

 

Фазу, дуца гIемераб жамгIиябги политикиябги хIалтIи гьабуна, политикал ругел бакIазда кIалъазе яхъана. Политикаялъги жамгIияб хIалтIиялъги творчествоялъе кумекищ гьабулеб яги квалквалищ?

 

— Дун политик гуро. Дица кидаго абула, дун политик гурей, жамгIияй хIаракатчIужу йигин. Политикаялъ руччаби ракъвазарула. Гъозул чорхолъ бугеб хIеренлъиги хIасралъаги, жидедаго лъачIого, дагь-дагьккун гъозулъа тIагIуна. Гъол лъугьуна политикаллъун. ХъачIлъи цIикIкIуна. Дида ккола, жамгIияб хIалтIиялъ хъвадарухъанлъиялъе кIудияб кумек гьабунин. Дихъе гIемер рачIуна гIадатал магIарул руччаби. Гьезухъ гIенеккараб мехалъ, дида ккола гьаздаса гIакъилал руччаби кирниги ратиларин ва дун гьазулъеги киданиги яхъунарин. Цо-цояз бицараб жоялъ дие асар хъвазе хIадурараб сюжет кьола. ГьагъадигIанги жаниса рацIцIадал, ракIрагьарал, щибниги жидеего тIалаб гьабичIого дуниял гьабулел ругел руччаби, нилъер гьанир цIакъ гIемер руго. Гьезул щивасул гIакълу, цIадул хIенхIал гIадин уна дир рекIелъе. Цинги, гьел хIенхIалги ракIарун гьелъул гьабула кIудияб цIа — дирго асарал.

 

— Жакъасеб магIарул литератураялда хадуб халкколеб батила дуца. ГIолохъанал хъвадарухъаби сундулъ мекъи кколел ругел?

 

— Гьезул гъалатI буго, гъварид гьабичIого, жидедасаго цере рукIарал, кIуди-кIудиял хъвадарухъабазул асаралги расги лъаларого, цIализеги цIаличIого, цоцазда релълъарал асарал хъвазе лъугьунел руго гьел. Эбелила, кетуйила, гIакайила, чуйила… Дихъе гIемер рачIуна гIолохъанал шагIирзабаз жидерго асарал. Гьел цIалидал, дида ккола дица гьеб цIалун букIанилан. Гъварилъи гьечIо, гIумру гьечIо. Дица гIолохъанал шагIирзабаздехун, хасго ясаздехун юссун. КIиго кваркьи букIине ккола шагIирасда: цо кваркьи — бихьинчилъи, живгоги, жиндирго цIарги цIунизе бахIарчилъи, цоги кваркьи — ВатIаналде, магIаруллъиялде, хъизан-лъималазде бугеб рокьи. ГIадамалги гIумруги лъачIого, валлагь, дица хъвалилан хъвараб жо цоцазда релълъинчIого хутIулеб гьечIо. Гьеб гIадамазеги къваригIун гьечIо. Кинабго цIакъго релълъараб бугинги абизе бегьиларо, амма гъозда батулеб гьечIо гIадамазе бокьулеб хIалалъ хъвазе жо. Масала, гIадамазул къисмат, цоязда бихьараб, цогиязда бихьичIеб къо…Нилъер гIумруялда ккечIеб жо жидерго творчествоялде рачараб мехалъ, гIадамазе гьеб къваригIун букIунаро. ГIадамазе къваригIуна, нилъеца хъвараб жоялдасан, жидерго къварилъиги дагь гьабизе, гIатIилъиги цIикIкIинабизе.

 

— Гьебни дида абулеб гIадаб жо бугин ккола дуца…

 

— ГьечIо. Дур дурго нух буго, дуца проза цIакъ лъикI хъвала.

 

— Литератураялда жаниб дуца хIалтIизабичIеб жанр хутIичIо. Драматургиялъулги дурги щиб ккараб?

 

Дида кутакалда лъикI лъала руччабазул хасиятал. Дир лъимерлъи ана росулъ. Дир кIодо йикIана тIалъиялда цIар рагIарай маслихIатчIужу. Гьелдасан дида цIакъ гIемераб жо лъана. Эбел 26 сон бараб мехалъ, къороллъуда хутIана. Гьелде аскIоре рачIунаан, рагъда росал чIварал гьейго гIадал къоролзаби. Гьез цоцазда бицунеб толеб жоги, гьезул щиялъул хасияталги дир рекIелъ кидаго хутIана. Дида кIолаан драматургиялъул даража кутакалда борхизабизе. ТIоцебесеб курсалда хъвана дица кIиго пьеса ва битIана нилъер культураялъул министерствоялде. КIиябго лъуна батIи-батIиял миллатазул театраз. Дир кIиабилеб пьесаялъул кIудияб успех букIана. Гьеб бихьараб мехалъ, дун чIезаюна. Дун чIезайизе кIолел чагIи рукIана дора. Гьебмехалъ дицаги гьеб жибго тана, гIурус мацIалдаги магIарул мацIалдаги проза хъвалеб мехалъ, дие гьеб щайилан.

 

— Мунагьал чураяв Расул нилъедаса ватIалъидал, дуе щиб камураб? Гьесул творчествойищ, гIадан хIисабалдайищ, ракьцояв ялъуни нилъер литератураялъул лидер хIисабалдайищ?

 

Дирги Расулилги кинаб гьоркьоблъи букIарабали гIемеразда лъала. Цодагьалъ цебегIан, къватIисан уней дида рихьана гъала-гъважа балеб кIуниялда аскIоре ран гIемерал тIахьал. Дида гьениб бихьана дие бищунго бокьулеб гьесул «Чаша жизни» абураб тIехь, тIад ккалги чIван, биччун. Дица рокъобеги босун, бацIцIа-бакун, бакъвазеги гьабун, гьаниб буго гьеб тIехь. Дие Расулил кучIдулги кутакалда рокьула, амма киналго гуро. Гьел киналго дида рекIехъеги лъала. Расул вукIана пагьмуги гьунарги кьун вижарав кIудияв шагIир. ГIакълуги, гъварилъиги, борхалъиги кинабго букIана гьесул гIисиналги чIахIиялги кучIдузулъ. Амма дица гьесда жиндагоги абун букIана, кIудиял поэмаби дур гIемер лъикIал лъугьунарилан. Цо нухалъ, дару босизе аптекаялде щварай дида шкафалда тIад лъун бихьана ХIажи МахIачевасул суратги тIад бугеб «ЧIегIераб ящик» абураб Расулил поэма. Дица гьеб рокъобеги босун цIалана. Дидаги Расулидаги гьоркьоб гьогьен ккун гIемерал сонал ун рукIана, амма гьеб поэмаги цIалун, Расулихъе кIалъана дун. Дида кIвечIо кIалъачIого чIезе. ПатIиматица абуна, тIуртIудулел квераз хъванин гьес гьеб поэмайилан ва гьесухъе кьуна телефон.

 

МугIрул тун, рахъ-рахъалъ рехъенги биххун,

ХутIарав вехь гIадин вуго дун жакъа.

Мун- хадув вачIунев, дуда дандчIвачIищ,

Дир соназул рехъен рахъ-рахъалъ араб?

Самолет бухIарав, парашют гьечIев,

Пилот гIадин вуго гIодов унев дун.

ГIолохъанав гьудул, дуда батичIищ,

Дир чIаголъиялъул чIегIераб ящик?

 

Доб мехалъ Наби цIакъ унтун вукIана. Гьесухъеги кIалъан, гьениса мухъал дица гьесие рекIехъе цIалана. Набица абуна, кIиго сагIаталдасан поэма гьанибе щвезабейилан. Хадуб, гьебги цIалун гьевги гIодана.

 

Расулица ахирияб поэмаялъ бихьизабуна, жинда гIадин поэма хъвазе Дагъистаналда лъиданиги лъалареблъи. Дие гьеб кутакалда бокьула, гьеб гIурус мацIалде буссинабунги бажарунаро.

 

— СССРалъул заманалда кIудияб кIвар кьолаан идеологиялде. ТIехь бахъаралъухъ гонорар кьолаан хъвадарухъанасе. Жакъа гIадин букIунеб бугони, нилъер магIарул литератураялъе мукъсанлъи ккелебдай?

 

Хъвалел чагIи дагьлъиларо, лъикIаб литератураги букIинаро. Дудаго бихьулеб гьечIищ, кигIан гIемер гIала-гъважа къватIибе бачIунеб бугебали. ТIаделъун, гIемераб заманги хвезабун, лъикIал тIахьал хъвазе дол пакъирзабазул рес букIунаро, гьел кир ругониги хIалтIизе ккола. Доб заманаялъ гIадин миллияб литература киданиги тIегьан букIинчIо. Нилъехъе щолаан цIализе цогидал республикабаздаса хъвадарухъабазул тIахьал, съездазде араб мехалъ цоцазда баркулаан. Доб мехалъ кутакалда рес букIана хъвадарухъанлъун вахъине. ГьабсагIаталда, мун лъикIав шагIир вугинги абун, гьесие гьабулеб щибго кумек-квербакъи бихьулеб гьечIо дида. Дагьлъила лъикIаб литература, гIемерлъила къватIул литература.

 

— Советияб заманалдаги, улка биххун хадубги дуда гIемерал политикал дандчIвана. Гьезда гьоркьов унго-унголъунги литератураги бокьулев, гьебги бичIчIулев чи ватанищ дуда?

 

БичIчIулиш бичIчIуларищали дида абизе кIоларо. Амма дида лъала, нилъехъе кьолел Хъвадарухъабазул союзалъул членлъиялъул билетал хисана Брежневасе тIоцебесеб номер кьезе гIоло. Гьес хъвачIищха трилогия. Дида бицана, гьес рекIехъе цIалулаанин Симоновасулги цогидазулги кучIдул. Гьаб заманаялъул бицани, дие кутакалда вокьула Путин. Ельциница тIад малалги чIун босун кIкIалахъе рехана нилъер пачалихъ, цинги, вачIун Путиница абуна, Россия букIанила, бугила, букIинеги бугила. Гьес гьел рагIаби абулеб рагIараб мехалъ, асда литература лъалеб бугилан кутакалда йохана дун. Дида лъала, МухIамадгIалие кутакалда Пушкин вокьулеблъи, рекIехъеги лъала. Дица гьесул юбилеялде сайигъат гьабуна «Пушкин в одном томе» тIехь. Гьединго, МухIу Гьиматовичги вуго гIемер литератураги цIалулев, гIемераб жоги лъалев чи.

 

— ЖамгIияб хIалтIи гьабулаго, духъе чанги чи вачIун ватила кумек гьарун. Дуца гьабураб кумек лъачIел, баркалайилан абичIел гIадамал гIемер дандчIванищ дуда?

 

— Дица гьезул баркалаялъухъ щибниги гьабуларо. Дир мурад букIуна, щиб гьабунги, рескъотIарал руччабазе кумек гьаби. Нижеца лъиданиги гIарац гьаруларо. ХIамзат МухIамадовичас босана нижее кIиго компьютер, ХIажи МахIачевасги босун лъуна нижее цоги компьютер. Гьеб буго гьез жидеего бокьун гьабураб кумек. Дица кидаго абула, гIарцул цIар бахъун дида аскIове чи вачIунгейилан. Нижехъ гIарац букIунаро, дунги гьардезе унаро. Масала, бачIуна гIарза. Гьениб бугеб гIузру тIубазе кумек гьабизе кколеб идараялде кIалъала дун гьеб суал тIубаян. Гьедин, гIемерав чиясе кумек гьабуна дица.

Гьезда гьеб бичIчIараб-бичIчIичIеб дида лъаларо, амма дора-гьанисан баркалаялъул ругьелал гIемер щола.

 

— Пушкиница, Толстояс, Чеховас, Достоевскияс кьураб къиматищ дуе бокьилеб яги халкъалъ кьурабищ?

 

— Гьел дуца рикIкIанщинал кIудиял шагIирзаби дир творчествоялъе къимат кьезе хабалъа рахъинаро. Рахъаниги, бищун цебе дие бокьила, дирго рукъалъ дун кIодо гьайизе. Нилъер кици буго «Гъанситудахъ хан гьечIо», — ян абураб. Гъанситухъан байбихьизе ккола ханлъи. Хъизан-лъималаз кIодо гьаюни, гъолдасан уна хадуб. Дие бокьила эбелалъул рахьдада цадахъ дие бачIараб, дие хирияб, дида лъикI лъалеб, дица жинда кучIдул хъвараб, дирго магIарулаца къимат кьезе. Дун гIемерал шагьаразде щвана, чанги бакIалда кIалъазе яхъана. Амма кие аниги, тIадеги рахъун, халатбахъараб хъатчIваялдалъун къабул гьаюла гьез дун. Гьез гьединаб къимат кьезеги, узухъда, бокьила дие. Амма тIоцебесеб къимат кьезе бокьила диего хириял магIарулаз.

 

— Дуца цо бакIалда хъван буго лъарал лъикIлъи щвезе, гIор къулчIизе кканин жинцаян. Дуца дурго гIумруялъе кинаб къимат кьелеб букIараб?

 

— ТIоцебе абуни, дун йиго гIемераб къварилъи бихьарай чIужу. Щуго сон барай чIужу дун йигеб мехалъ, хвана дир эмен. Дун рокъой ясазда гъорлъ бищунго кIудияй йикIана. Кинабго гьабулеб гIайибги эбелалъул диде букIунаан, кьабгIулеб зарги диде букIунаан, дидасан цIикIкIун тIалабги гьабулаан щибго. ТIоцебесеб классалдаго дида бихьана дилъго балеб бугеб жахIда. ЛъикI цIалун, гIемер еццун, ХIамзатил гIемер цIалун. Дица доб мехалъ декломировать гьабичIеб кечI хутIун букIинчIо ХIамзатил. Дир учитель вуго гьев.

КIиго лъимерги тун росасдаса ятIалъана. Чияр лъималги рачун цоги чиясе инги бигьаяб иш гуро. Гьеб кинабго бихьичIин телаан дица. Хадуб, бищун дие вокьулев вас дихъа Аллагьас вачун ана. АльхIамадуллилагь, гьедин хъван букIун батила. Хадуб, дир кодов, гьагъадигIан дун хирияв рос хвана. Гьеб кинабго дица къулчIизе ккана. ТIаде бачIараб къо лъимлъун къулчIулин магIарулазин гьечIищха Расулил кочIолъги.

Дун диего кутакалда йокьула. Дунго йокьиялъ кьола дие дирго цIар цIунизе бихьинчилъи, доз-гьаз гьабунщинаб жо дицаго гьабизе бегьунгутIи бичIчIи, дун киназулго берзукь йикIунелъул, дагьазда рихарай ятаниги, гIемеразе йокьулелъул Дагъистаналда.

Дица бакI ккун букIаго абила, Фазу ГIалиева Дагъистаналъе кутакалда камизе йиго. Дидасаги лъикI асарал хъвалелги рахъаги руччаби, амма дица гIадин ракI-ракIалъ руччабазе кумек гьабулей, гIадамаздаги гурхIулей, дица гIадин ракIбацIцIадго руччабазе кумек гьабулей чIужугIадан гIемер ятизе гьечIо. Дун камизе йиго нужее кидаго.

 

— Дур пикруялда, сунца инсанасул гIумру бечед гьабулеб-релъиялъищ гIодиялъищ?

 

— ГьакIкIан кIалгун, кидаго релъанхъулел рукIунел чагIи тIубарал рукIунаро. Бечед гьабуларо магIуялъги гIумру, амма гъваридго ургъизе тIамула гIодиялъе. Щибниги бихьилареб гIадин нилъ ругеб мехалъ, цо жо бихьидал, нахъа ругездаги хIинIкъизе бачIуна, гъваридго бичIчIула, нилъедаги гьеб хъвалеблъи. Дир бералда цебе, бищун дагьалдасан 50 чиясда бихьана бадибчIвай. Дица кидаго лъималазда абула, киназдаго гъорлъ лъикI рукIаян. Нилъерго гIадаб ракI букIуна гIадамазулги. Лъилниги рекIелъ ругъун лъезе бегьуларо. Дуда цониги нухалъ йихьанищ дун лъилниги асар какулей. Дие бокьараб жо дица беццула, бокьичIеб жоялъе юцIцIун чIола. Щивас жиндирго гьунаралда рекъон хъвала.

 

— Дур гIумруялда жаниб, гьабизе бокьунги букIун, гьабичIого хутIарабищ гIемер бугеб яги гьабизе кIварабищ?

 

Дунго унтараб, гьаб ахирияб заманаялъ дида ракIалде ккана, хъвадарухъанасе кIиго гIумру кьезе кколеб букIун бугин. Цо гIумру-гьесда кинабго бичIчIизе, цоги- хъвадаризе.

Дир кIудияб анищ букIана яс щвезе. Дие ясги щвечIо, амма ясалъухъ урхъун дун васазги течIо.

 

— Нусазул ясал лъугьинчIищ?

 

— Кутакалда лъикIал нусалги руго дир, лъиданиги абизе рагIиги гьечIо. Амма нусалги ясал кколаро. ГIапица (дир эбелалъ) абулаан кигIан лъикIила дур яс гьечIей, дуда гьей росасе кьезего кIвелароанин.

Гьеб анищ тIубачIо дир, амма дица анищалъ ургъун букIаралдаса гIемер жо гьабуна дица хъвадарухъанлъиялъухъ.