Миллаталъул чапаралдаса инкар гьабуге

Хириял миллатцоял!

Киналго басмабазе подписка гьабулеб заман тIаде щвеялъ, бокьун буго гьабсагIаталда хас гьабун гьеб суалалда тIадчIей гьабизе.

 

Нилъер жакъасеб гIумруги, миллаталъул политикиябгун социалияб цебетIеялъулъ кколел ругел хиса-басиялги, гIун бачIунеб гIелалда нилъер умумузул тарихгун маданиятги бихьизабиялъулъ хасаб бутIа лъола «ХIакъикъат» газеталъул редакциялъги.

 

Цогидал газетаздаса батIияб жо щиб гьелъ гьабулеб бугебин ракIалде кканиги, буго цо хаслъи «ХIакъикъаталъул» хIалтIулъ. Щибаб анкьалъ цIалдолезда гьеб кIалъала гIицIго рахьдал мацIалда – рекъав Тимурги Ираналъул шагьги Дагъистаналдаса къватIире гъурал умумузул мацIалда, КIудияв ГIумаханги, имам Шамилги, наиб ХIажимурадги, ХIамзатил Расулги, Фазу ГIалиеваги, Мусаясул Халилбегги ва дунял тун къватIибги магIарулазул къадру борхизабурал жеги аза-азар миллатцоял кIалъалел рукIараб мацIалда.

 

Гьезул ирсилал рукIиналдаса чIухIуларел чагIи къанагIат ратила нилъеда гьоркьор. Аллагьас хъван батани, гьеб асар нилъелъ хутIила жеги гIезегIан гIасрабаз. Амма гьелъие гIоло нилъеца цIунизе ккола нилъерго хаслъи. Гьелъие чара гьечIого къваригIуна нилъерго мацI букIин. МацI бугогIан мехалъ миллатги букIуна. Гурони нилъ сверула кидаяли киргизазул хъвадарухъан Чингиз Айтматовас хъварал гIадал манкуртазде – жалго раккараб, рачIараб бакI жидедаго лъаларел къавмазде.

Гьединал пикрабаз рахIатхвезабизе байбихьана I5 декабралда Шамилхъалаялъул почтамталдаса щварал тарихазухъ балагьидал. Гьезда рекъон, жакъа къоялде УФПСалдасан «ХIакъикъат» газета хъван буго I 398 чияс.

 

Цо талихIалъ, жеги «Дагпечаталдасан» гьабулеб подпискаги буго, жеги редакциялдасан бащдаб багьаялде хъвалел газеталги руго.

 

ПалхIасил, подписка лъугIизе жеги къоял ругониги, жеги цониги газета хъвачIел росабиги руго Шамилхъалаялъул почтамталдаса бачIараб сияхIалда. Масала, Болъихъ районалъул Щодрода, Зило, ГIалахъ. Гъуниб районалъул микьго росулъ хъван гьечIо жеги цониги «ХIакъикъат». Гьел ккола – Сугъралъ, Щулани, БацIада, Къорода, Кудали Гьонода, Коммуна, ХIоточI.

 

15 декабралдехун бищун гIемер нилъер газета хъван буго Хунзахъ районалда – 255, хадуб – Шамил районалда.

 

Амма 25-30 соналъ цебе букIараб къадаралъухъ балагьун, гьебги мукъсанаб буго. Щайин абуни, бищун хIабургъарал I990 соназул байбихьуда Хунзахъги Шамилги районазда букIунаан 2 500 азарго газета. БичIчIула, гьелъие батIи-батIиял гIиллабиги руго. Цин бугони, доб мехалда цохIо гьеб газета гурони букIунароан цIализе. Гьанже интернеталъ нахъе цулел руго газет-журналалги тIахьалги. КIиабизе бугони, къо бахъанагIан рахьдал мацIаздаса рикIкIалъулел руго. Лъабабизе, почалъул цо-цо хIалтIухъаби хашго хIалтIулел ругин абурал гIайибалги рагIула. Ункъабизе, нижги цIалдолезе бокьараб куцалда, тIад магI чIвазе бакI гьечIеб къагIидаялда хIалтIулел ратиларо.

 

Нижерго рахъалдаса абуни, нижеца яхI бахъила газета нужее бокьараб куцалда гьабизе. Нужецаги ниж рехун тоге!

 

Цо млн магIарулав вугеб миллаталъе 5 000 экземпляр ралъдалъе тIинкIараб къатIра гIадаб жо кколаребищ? (5 000 экз. ккола пачалихъалъ бихьизабураб план).

 

Гьединлъидал хьул буго нилъер миллаталъул чапарлъун, вакиллъун, миллат цолъиялъе аслулъун кколеб магIарул цого-цо бугеб республикаялъулаб басма — «ХIакъикъат» газеталъе 2023 соналъе подпискаги гьабун, декабралъул ахиралде ахIвал-хIал хисилилан.

 

Газеталъул рахъалдасан хадубккунги нужее кумекалъе нижги хIадурал руго.

 

P. S.

 

ЛъагIалие газеталъул багьа ккола 1 290 гъурущ. Бащдаб лъагIалие – 645 гъ. «Дагпечаталъул» киосказдасан босизелъун хъвалеб бугони, лъагIалие газеталъул багьа бахуна 408 гъурщиде. Нужеца абураб бакIалде газета щвезабизе редакциялъухъаги бажарула (самовывоз). Гьеб мехалда гьелъул багьа бахуна 600 гъурщиде.

 

Адабгун – редактор