Новость на родном

Кумек хехго щвела

Гьал къоязда республикаялде вачIун вукIарав РФялъул Северияб Кавказалъул ишазул рахъалъ министр Сергей Чеботаревги ДРялъул бетIер Владимир Васильевги гIахьаллъана МЧСалъул ситуативияб центр рагьиялъул тадбиралда. Ситуативияб центр рагьана 29 декабралда МахIачхъалаялда. Централъул гIаммаб гIатIилъи буго 3500 квадратияб метр. Гьенир рукIине руго: «112» цогояб номералде кIалъараб мехалда кумекалъе рахъине кколел киналго хъулухъал. Гьенибго букIине буго ДРялъул МВДялъул ГИБДДялъул...

Новость на родном

ХIурматиял магIарулал!

РакI-ракIалъ баркула нужеда тIаде щвараб цIияб, 2020 сон. Аллагьас баракатаб ва талихIаб батаги гьаб.Араб сон нилъее букIана батIи-батIиял лъугьа-бахъиназдалъун бечедаб. Республикаялъул бетIер Владимир Васильевасул нухмалъиялда гъоркь гIумруялде рахъинаризе кIвана батIи-батIиял миллиял проекталгун программаби.Гьаб соналдаги дагьал гьечIо республикаялъул халкъалъул гIумру-яшав лъикIлъизабиялъул мурадалда гьаризе тIаде росарал масъалаби. Хьул буго цадахъ лъугьун нилъеда гьел тIуразаризе кIвелилан.Гьарула щивав чиясе,...

Новость на родном

Майдан цIи гьабуна цIияб соналде

Исана ноябралда байбихьун букIана тахшагьаралъул аслияб майдан къачIазе. ЦIияб сон тIаде щвелалде, гьеб къачIанги бахъана. ЦIигьабун къачIараб майдан рагьиялъул рохалилаб тадбирги тIобитIана ва гьебги байбихьана багIараб чIоло къотIиялдасан… Гьелдаса хадуб рагьана «РакIалдещвеялъул ах – гIумруялъул ах» абун цIар кьураб, КIудияб ВатIанияб рагъул бахIарзал ракIалде щвезариялъул ахги. Гьениб республикаялъул щибаб районалъул ва шагьаралъул вакилзабаз чIана 54...

Новость на родном

Мадугьалзабазулгун бухьенал щулалъила

МухIарамкент районалда рагьана цIияб кьо. Гьеб бана Самур гIоралда тIад, 2013 соналда Азербайжаналъги Россиялъги гьабун букIараб къотIиялда рекъон. Кьоялъул буго 325 метр халалъи 17 метргун бащдаб гIеблъи. Кьо бана Россиялъги Азербайжаналъги бащадго гIарацги хIалтIизабун. Кьо рагьиялъул тадбиралда гIахьаллъана РФялъул экономикияб цебетIеялъул министр Максим Орешкин, ДРялъул бетIер Владимир Васильев, Азербайжан Республикаялъул премьер-министрасул заместитель Шагьин Мустафаев.БагIараб чIоло...

Новость на родном

Живго гIатIиракьалда,ракI – гIагарал мугIрузда

Шабанов МухIамад гьавуна 1963 соналда Шамил районалъул ТIелекь росулъ. 1970-1980 соназда цIалана Гъизилюрт шагьаралъул №4 гьоркьохъеб школалда. ЦIалана Гагарин шагьаралъул зооветеринарияб техникумалда, Бизнесалъулгун правоялъул халкъазда гьоркьосеб институталда, ДГУялъул юридикияб факультеталда, РФялъул президентасда цебе бугеб Россиялъул пачалихъияб хъулухъалъул академиялда. ХIалтIизе байбихьана 1980 соналда. ХIалтIулев вукIана Гъизилюрт районалъул батIи-батIиял идарабазда ва хъулухъазда. 1994-1999 соназда вукIана Гъизилюрт шагьаралъул...

Новость на родном

Муфтиясе – Гьудуллъиялъул орден

РФялъул президент Владимир Путинил Указалда рекъон, Гьудуллъиялъул орден кьуна ДРялъул муфти, шайих АхIмад-хIажи-афандие. Дагъистаналъул гIалимзабазул Советалъул председатель гьеб шапакъаталъе мустахIикълъана рухIиялгун культуриял гIадатал цIунаралъухъ ва церетIезаруралъухъ, гьединго халкъазда гьоркьоб гьудуллъи-вацлъи щула гьабиялъул мурадалда гьабулеб бугеб хIалтIухъ.Гьал къоязда Дагъистаналъул бетIер Владимир Васильевас тIобитIараб данделъиялда, муфтиясул каранда гьеб орденги бан, регионалъул нухмалъулес абуна:«Нилъер республикаялда гIумру гьабулеб буго...

Новость на родном

ЧIагояб шагьаралъул гIурччинаб рагIад

ЦIияб Хушет поселокалда бугеб «Декоративные культуры» ЗАО ккола гьаб заманалда къанагIат гурони гьечIел магIишатазул цояб. Гьал къоязда гьелъул директор Халид Халидбегов вачIун вукIана редакциялде гьоболлъухъ ва гьесулгун гьабураб гара-чIвари бахъулеб буго гъоркьехун. — Халид, кида ва щиб мурадгун гIуцIараб дуца нухмалъи гьабулеб магIишат-питомник?— Декоративиял гъутIбузул, хъархъазул, тIугьдузул рекьулел материалал гIезариялъул мурадалда, 1977 соналдаго гIуцIун букIана...

Новость на родном

Бергьенлъигун тIадруссана

13-15 декабралда Севастополалда тIобитIараб «IT-Fest» информациязулал технологиязул регионазда гьоркьосеб тIоцебесеб фестивалалда гIахьаллъана Россиялъул «Кванториум» абурал лъималазул технопарказул цIалдохъаби. Гьенир гIуцIун рукIана батIи-батIиял тайпабазул къецал: «InBio» (биология ва экология, гьединго гьел гIелмабазда цIех-рехал гьарулаго, инновациялъулал технологиял хIалтIизари), «InCity» (гIакъилаб шагьар, шагьаралъул инфраструктура гIуцIулаго, цIиял технологияздаса пайда боси), «InEducation» (нейротехнологиялда, геймификациялда, рикIкIадасан цIали гIуцIиялда ва цогидал рахъазда...

Новость на родном

МугъчIвай гьабула халкъалда

МухIамад КIудиямухIамадов ккола Гъуниб районалъул КIуяда росулъа. Дагъистаналъул пачалихъияб педагогияб институталъул физкультурияб факультетги лъугIизабун, чанго соналъ хIалтIана Гъизляр районалъул Цветковка росдал школалда учительлъун. Нухмалъи гьабуна Гъизляр шагьаралъул автовокзалалъе. Гьесул бажари-гьунар бихьидал, КIудиямухIамадов тIамуна МахIачхъалаялъул Северияб автовокзалалъул нухмалъулевлъун.   МухIамад ккола ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатги, ДРялъул транспорталъул мус-тахIикъав ва РФялъул транспорталъул хIурматияв хIалтIухъанги. Гьал къоязда ниж...

Новость на родном

Цоцада пикраби лълъурлъузе гьарун, гьелдаса пирхараб канлъухъе рилълъа

16 декабралда «ХIакъи-къаталъул» редакциялда данделъун рукIарал интеллигенциялъул вакилзабазда гьоркьов мацI батIияв чи гIицIго информациялъул, бухьеналъул ва массовиял коммуникациязул министр Сергей Снегирёв гурони вукIинчIо. ХутIарал рукIана батIи-батIияб хъулухъалда ругел ялъуни батIи-батIияб гьунаралъул бетIергьабилъун кколел магIарулал. Масала, промышленносталъулгун энергетикаялъул министр Сайгидпаша ГIумаханов, академик Шамил ГIалиев, халкъазда гьоркьосеб Шамилил фондалъул нухмалъулев ГIалиасхIаб Хархачаев, медицинаялъул гIелмабазул доктор АхIмад ГIазизов,...