Дунялалда буго гIага-шагарго кIиазаралда щунусго батIияб тайпаялъул къверкъ. Гьез гIумру гьабула киса-кибего: хIоразда, лъаразда, хьуцIазда, рохьазда, хIатта чIобогояб авалахъалдацин. Къоркъоца лъабго батIияб къагIидаялъ хIухьел цIала – тIомолъанги, гьуърулъанги, кIалдисанги. Къоркъол щибаб тайпаялъул рукIуна жидерго хаслъаби.Бищунго кIудияб къверкъ дандчIвала Африкаялда. Гьелъул цIайи лъабго килограммалде, халалъи кIикъого сантиметралде бахуна. Бищунго гьитIинаб къоркъоца гIумру гьабула Америкаялъул Цолъарал Штатазда,...

