БахIарчилъиялъул нухазухъе

МугIрул ругебгIан мехалъ, мугIрузда кIоченаро

 

Нахъеги – магIарухъе

Гьале иргадулаб нухалъги магIа­рухъе сапар бухьана. Гьаб нухалда – Гъуниб районалъул Сугъралъе. Каранда жаниб гьунарого бугеб ракI­ги кечI ахIизе лъугьана. Саналги анагIан, ботIрол расазда савуги кко­леб гIужалда, цIакъго хиралъу­леб букIун буго магIаруллъиги мугI­рулги. Сундухъха кьелеб гьелъул бер­цинлъиги беричлъиги!
Нижеда, «ХIакъикъат» газета­лъул хIалтIухъабазда, цадахъ рукIана тIоцебесеб нухалда магIарухъе щолел ругел республикаялъул миллиял газетазул ва журналазул мухбирзабиги. Гьел пана гьарун рукIана цIумазул борхалъиялда бугеб магIа­рул­лъиялъ. Гьездасаги цIакъ паналъун йикIана дунгоги, тIоцебесеб нухалда магIарухъе щолей йигей гIадин. ГIажаибго берцин бугоан гьеб гьаб нухалдаги.
Байбихьана ХIамзатил Расулил асаразулъ жинца хасаб бакI кколеб Гъуниб район. Киса-кирего – рорхатал мугIрулги, хасалихълъиялъул кьер чIвазе байбихьараб тIабигIатги, тIабигIаталъе кинидахъ кечI ахIу­леб бугеб гIумруги, гIумруялъухъ гIа­щикъ­лъи бергьарал щобалги, иццалги, гIадамалги. ТалихIги гIажаибго сасараб буго гьаниб, лъие­ниги квалквалги гьечIеб. Нижеде дандего бачIана къункърабазул кечIги.
Гьаб нухалда гьез ахIулеб бугин кколеб букIана некIсиял умумузул бахIарчилъиялъул хIакъалъулъ. Гьелъ нижее цоги нухалда гьурщана 1741 соналъул 15 сентябралда Дагъистаналъул халкъазул вацлъиялъги, цолъиялъги, гьудуллъиялъги Ираназул шагь Надирги гьесул боялги щущахъ риххизариялъул хIакъалъулъ. Бидуца хъвараб гьеб бахIарчияб тарих ракIалдещвезабизелъидалха ине ругел магIарухъе. Щвезе руго Сугъралъе ва гьелда аскIоб бугеб шагьас ханжар дализе биччараб, гьесул чу галадараб ХицIиб магъилъеги.

БахIарчияб тарихалъул
кIудияб кесек

ТIоцее Сугъралъе щолей дун дагьайго хIинкъун йикIана росулъе рачIунел сверабаздаса. Унго, гьезул борхалъи! Гьале росу. Гьенире ниж щолаго, рагIана къадекакде гIадамал ахIулеб будунасул роцIараб гьаракь. Балагьун бер гIорцIулареб гьайбатлъи. Цоязул азбарал цогидазул тIохаллъун кколел минаби сокIкIун руго мугIрул каранда. Доб кIудияб мегIералъул тIогьие яхани, квер базе щолеб бакIалда ругел накIкIалги. Бокьун букIана цо дагьаб мехалда маргьаялъул яслъун лъугьине. НакIкIахъеги йоржун, гьелги ккун, гьулакалда гIадин, гьелчезе. Гьале гьал накIкIаз ячинагури дун магIаруллъи бихьизе. Гьенисан, биччан гьаракьгун, ахIила цинги дица чIахъаги магIаруллъийилан. Гьале доб магIарулазул тарихалъул кIудияб кесек. ЦIидасанги нахъехун регулел руго тарихалъул тIанчал. Гьале чIваданалде сверулеб бугеб наиб Хуршил МухIамадил мина. Росдаде дандбитIун бугеб кIудияб мугIрул каранда рукIарал вахIшиял рагъазулги бицана нижее. Цебе росу букIун буго мугIрул ахалъуда бугеб кьурул каранда — селабакь. Гьеб бухIун буго ва росу цIидасанги бан буго МугIрул каранда, рекьизе ракьалги цIунун, цоцазда аскIор цун. Гьелъулги гьесул бетIергьанасулги хIакъалъулъ бицана ГIали Камаловас. Минаялъул цо бутIа кьун буго росдал библиотекаялъе. Гьенире жаниреги лъугьана ниж. Жеги хутIун ругоан библиотекаялъул цIалдолелги. Столалда сокIкIун ругоан магIарул мацIалда къватIире рачIунел газетал ва журналал.
Хадусеб сапар нижеца гьабуна росдал музеялде. БахIарчиял умумузул рукIа-рахъинги, хьвада- чIвадиги, гIамал-хасиятги – гьеб киналъулго хIакъалъулъ бицана нижее музеялда ругел тIагIалабазги хъвай-хъвагIаязги. Сугъулдерил тарихалъул хIакъалъулъ бицана тарихалъул учитель, гIемерал соназ росдал школалда директорлъун хIалтIарав АхIдуханов МухIамадица ва музеялъул директор ГIумаров ХIамзатица.
Гьезул къисабазухъ гIенеккарай дие рахIат толеб букIинчIо пикрабаз зама-заманалдасан гьабулеб гьужумалъ. Божизе захIматаб хIакъикъат. Гьеб кинабго уяб бугилан гъулбасунеб букIана даимал нугIзаллъун жал ругел мугIрузги. Дагъистаналъул киналго халкъазул бутIа жиндилъ бугеб Надирида тIад босараб бергьенлъи хутIизе буго умумузул бахIарчилъиялъул мугьрулъун. Жакъасеб гIелалъе ватIан бокьиялъул кIудияб мисаллъун.

КIиго бахIарчилъиялъул дандчIвай

Дагъистаналъул халкъазул цолъиялъул исанасеб байрам цолъана цоги бахIарчилъигун. Халкъазда гьоркьосел террористал Дагъистаналдаса нахъе хъамуралдаса тIубана 20 сон. Жеги бакъвачIеб магIуялъ цоги нухалда ахIулеб, гьарулеб буго нилъе­да рагъул кьогIлъи тIокIалъгIаги лъа­зе биччагейилан. Киехун ялагьа­ниги, рихьулел рукIана бидул лъалкIалги улбузул, яцазул, лъудбузул магIуялъ бухIизабураб ракьги. Гьеб ракьалда хIетIе чIолелъулги, рекIелъ хIунсараб гIадаб асар гьабулеб букIана.
— Гьенирги рукIун ратилин жаназаби, гьаб цояб рахъалдаги рукIун ратилин, — абураб хIинкъиги бачIунеб букIана рекIелъе. КIиго кIудияб ба­хIарчилъиялъул дандчIвай. Гьеб кинабго букIине букIинчIо, киналго цо гIадин, цолъун рукIинчIелани.
КIиго батIияб гIел, кIиго батIияб наслу, кIиго батIияб бергьенлъи. Амма гьеб киналъулго буго цохIо магI­на – щиб заман бачIаниги, щив бе­тIерлъуде, нухмалъуде вачIаниги, халкъ цолъун бугони, гьеб кидаго тIа­дегIанлъиялда букIуна. Лъидани­ги, киданиги кIвезе гьечIо нилъ къур­кьизаризе. КIиго бергьенлъия­лъул, кIиго бахIарчилъиялъул гIа­хьал­чагIи. Гьел хутIила нилъееги нилъеда хадур рачIунезеги ватIан бокьиялъул кIудияб мисаллъун. ЦохIо мугIрузда берчIвараб гIола, рекIелъе бихьинчилъиги бахIарчилъиги рещ­тIи­не.
Росдал гимназиялъул директор Хачалова ПатIиматица мугIрул чIужу­гIа­даналъул недегьаб гьимигун гьуинаб хабаргун къабул гьаруна ниж. Гьекъолаго чайгун, кидаго гIадин, бицана школалъулги, гьелъул гIузрабазулги, гIун бачIунеб бугеб гIелалъулги, магIарул мацIалъулги хIакъалъулъ.
Умумузул адаб ккурал лъимал­ги ратана гьенир. Кидаго ниж лъалел рукIарал кинигин, нижеда цIе­холдана гьел, кумек хIажат бугебищиланги гьикъулеб букIана. Кинабго — магIарул мацIалда. Гьеб мацI дагьабги кIарчанго букIана сугъулдерил мацIги гьоркьобе жубайдал.
Нилъ хIинкъизе ккараб хIал гье­чIо магIарул яхI-намусалъулги, гIа­дан­лъи-гIадатлъиялъулги, хьва­да-чIва­диялъулги, адаб-хъатиралъул­ги. Гьеб кинабго жеги цIунун буго ма­гIарухъ.
Халкъазул цолъиялъул
цоги гьитIинабго мисал

Дагъистаниязул цолъиялъул цоги мисаллъун ккола сугъулдерил хабзалалъ МухIамад Ярагъиясул хоб бу­кIинги. Гьенибго зияратги буго. Би­хьулеб буго гьелда хадуб хъулухъ гьабулеб букIинги. Гьенире зияраталъ гIадамалги рачIунел руго. Нижги щвана гьенире.
БахIарчияб дир магIарул халкъ. Дуда бихьанщинаб къо, дудаса бе­цIцIанщинаб би, дуца тIурабщинаб гIетI. Амма дур магIу къабуллъичIел мугIруз жакъаги чIухIадго бицуна дур къиса. Дур бахIарчилъиялъе гурони бутIрул къуличIел гьезул тIогьазда пахруял ва чIухIарал цIумаз гурони тIавап гьабичIо ва гьабизе гьечIо. Гьел цIумазул сипаталда буго дир гIагараб магIарул халкъги.

Щибаб ганчIил буго
жиндирго къиса

Гьалеха ниж Сугъралъ росдада аскIоб бугеб ХицIиб магъилъ. Гьаниб щибаб ганчIил буго жиндир­го къисаги тарихги. Гьанир эхетун ругел сияз, сихIкъотIун чIаразул ракIал сороледухъ, черхалда гъаргъар баледухъ, бицунеб буго Ираналъул ша­гьасде данде Дагъистаналъул хал­къалъ гьабураб къеркьеялъул хIа­къалъулъ.
БахIарзал ракIалдещвезарулеб лахI­зат. КIалъазе рахъана ва магIарул хал­­къа­лъул бахIарчилъиялъул хIа­къалъулъ бицана Дагъистаналъул Жур­налистазул союзалъул предсе­датель ГIали Камаловас, росдал та­ри­халъул музеялъул директор ХIамзат ГIу­маровас, Сугъралъ росдал бе­тIер ХIусен ГIалибеговас, Гъу­ниб районалъул бетIерасул за­мес­титель МухIамад ГIисаевас, жамгIияв хIаракатчи Денга Халидовас, профессор МухIамадхан Му­хIамадхановас, Россиялъул халкъазул Ассамблеялъул Дагъистаналда бугеб отделениялъул нухмалъулев Зик­рула Илясовас, республикая­лъу­л ХIинкъи гьечIолъиялъул сове­талъул секретарьлъун хIалтIарав АхI­маднаби МагьдихIажиевас, бу­хьеналъул, информатикаялъул ва коммуникациязул министрасул тIо­цевесев заместитель МухIамадбег АхIмадовас, республикаялъул ма­гIа­рул мацIалъул учительзабазул ассо­циациялъул председатель Баху Му­хIидиновалъ.
Гьелдаса хадуб росдал школалъул цIалдохъабаз бихьизабуна литературиябгун музыкалияб композиция.
— Ниж руго бахIарчиял умумузул бахIарчиял наслаби, — ян абулеб букIана гьезул церерахъиназ. Гьезул гьаялъеги гьеб къоялда нугIлъи гьабулеб букIана долго мугIруз. Гьезул рагIаби тасдикъ гьарулел рукIана ба­хIарчилъиялъул махI бахъараб Хи­цIиб мегъалъ.
Гьениб бижараб харил щибаб су­малда жегиги бугоан бидул ва ба­хIарчилъиялъул махI. Гьединал ру­кIана нилъер умумул. БатIияллъун ру­кIине рес нилъерги гьечIо.

Къо-мех лъикI, ХицIиб мегъ

Гьеле гьединаб пайдаяб сапаралдалъун кIодо гьабуна нижеца Дагъистаналъул халкъазул цолъиялъул къо. Гьелъул хIакъалъулъ бицина дица дирго цIалдохъабазеги. Бицина бидуца лъалъараб магIарул ракьалъул. Бицина жакъаги гьезул ба­хIарчилъиялъе бутIрулги къу­лун ругел рорхатал мугIрузул хIа­къа­лъулъ. БичIчIизабила цIалдо­хъа­­базда, мацIалдаса инкар гьа­­­буни, гьеб бахIарчилъиялдаса нилъ махIрумлъизе рукIинги. Ра­кIал­­дещвезабила ХицIиб магъилъ би­жараб бергьенлъиялъулги.
Гьеб кинабго – Дагъистаналъул халкъазул цолъиялъул хIасил.
Къо-мех лъикI, БахIарчияб мегъ, къо-мех лъикI, умумуз жидер эркенлъиялъе гIоло би тIурал, гIумру кьурал кьварарал мугIрул. Дир гьаракь дандерижилъун багъулеб бугин кколеб букIана ХицIиб мегъ цIунун ругел мугIрузда…

ХадурагIи

ЛъугIана Дагъистаналъул халкъазул цолъи кIодо гьабураб, ба­хIарчилъиялъеги багьадурлъиялъеги бутIрул нилъеца санайил къулулеб байрам.
Амма цо гьадинаб пикруги бачIана ботIролъе — щай нилъ цоцазухъе раккизе бегьулареб ракълилаб заманалдаги, ай кидаго. Щай цолъизе бегьуларел, миллатазул хаслъиги мацIалги, гIадаталги цIунулелъул!? Щай бегьуларел цолъизе, миллаталъул вакил борхалъуде унелъул, гьелъул гIаксалда, гьесул гIунгутIаби ралагьизе лъугьинчIого. Лъица квалквал гьабулеб бугеб нилъее даим цолъун рукIине!?
Рагъалищ даим къваригIине ругел, нилъ цолъизе ккани. Ракълилаб цолъи дагьабги берцинаб гьечIищ!? ГIумру тIегьалеб буго, гьелда та­ли­хIалъул махI буго, ракълилал кучI­­дузул цIураб сверухълъиялда тIи­­битIун бугеб гьайбатлъи. Гьеле гье­дин букIина, кидаго цолъун ру­­гони. РачIа цолъизе лъималазе ва­тIан бокьизабиялъулъги, рачIа цо­­лъизе гIумруялъул гIидраялда тIугь­дузул махI букIиналъе гIологи, рачIа цолъизе…
РачIа цолъизе нилъерго гIаммаб рукъ Дагъистаналда даимаб рии букIиналъе гIоло…
Шамай Хъазанбиева