Эбел-инсуца бицараб хабар цо-цо мехалда лъималазда гIаксалда бичIчIула
Кумекалъейилан гьабураб малъа-хъвайцин лъималаз рикIкIуна жалго хIакъир гьарилъун ва хъачIлъилъун. Гьединлъидал бокьун буго, лъималазда кIалъалеб мехалда, гьезие тарбия кьеялъул мурадалда гьезда киданиги абизе бегьуларел рагIабазул хIакъалъулъ бицине.
ЧIаха, цо дада вачIинегIан
Гьедин абураб мехалда, лъимералда рагIула: «КватIичIого дуе гIадлу гьабизе буго, амма дир гIайибалдалъун гуребха», — ян. Эбелалъул рагIабаздасан лъимералда бичIчIула, къаси рокъове вачIунаго, дадаца сайгъат бачIунареблъи ва, жинца малъараб гьабунгутIиялъухъ, хIеренай бабаца гуреб, кьварарав инсуца «тамихI» гьабизе бугеблъи.
Щай бегьулареб гьедин абизе? ТIоцебе абуни, гьелдалъун эбелалъ лъимералда бичIчIизабизе буго, гьелъие гIадлу гьабун эбелалъухъа бажарулареблъи ва гьелда лъалареблъи щиб гьабизе кколебали. КIиабизе бугони, гьединал рагIабаз бижизабула инсул хIакъалъулъ квешаб пикру. Щивав инсуе гурелъулха бокьулеб жив вахIшияв инсан кколин абураб пикру лъимадул рекIелъ рещтIинабизе. Жив вачIиналдаса лъимер бохизе бокьула инсуеги.
Цониги жо гьечIо дур
Щиб рагIулеб лъимералда? «Дур ругелщинал жал хIакъикъаталда ккола дир. ХIатта дур расанкIабицин! Лъан букIа – нагагь рокъоса къватIиве ани, щибниги босуге цадахъ».
Лъимералда ракIалде ккезе бегьула, малъараб гьабуларев чи вугониги, жиндир ихтияр гьечIин эбел-инсуца жиндие гьарурал сайгъатазул бетIергьанлъун вукIинеян абун. Буго улбуз хIалтIизабулеб цоги къагIидаги – «гьабсагIаталда дур киналго расанкIаби нахъе рехила дицаян» лъимералда лъазаби.
Щай бегьулареб гьедин абизе. Лъимал хIинкъизарула гьединаб лъазабиялъ. «Щай дир щибниги гьечIеб? Дир бусен, велосипед, тIахьал лъолеб шкаф… гьеб кинабго дир кколарищ?» — гьеле лъимадул пикраби. КIиабизе абуни, гьедин абулеб мехалда нилъеца лъимералда бихьизабула рокъоб бугеб хирияб къайи нилъее инсанасул рекIел асаралдаса хиралъун ругеблъи.
Дунги дадаги гIумруялъго
хIалтIулел руго дуе гIоло
Щиб рагIулеб лъимералда. «Вабабай, гьез дие кьуна гIумру, дицайин абуни, дарсалцин лъазаричIо жеги. Гьелде тIадеги, гьезде ццим бахъунги вуго. КигIан мекъаб гIамал бугеб дир?! Гьадинал лъикIал эбел-инсуе мустахIикълъуларо дун» — гьеле лъимадул пикраби.
Лъабго бакIалдаги хIалтIун, нужее гIоло хIаракат бахъулеб буго нижеца, дуцайин абуни, бакъанида бече рокъобе бачинчIо! Вацгун вагъана! Гьел рагIабазги тIамулел руго эбел-инсул тIокIлъи бичIчIизеги лъималаз гьезие баркала кьезе кколеблъи лъазеги.
Щай бегьулареб гьедин абизе. Гьединаб бадибчIваялъ лъимералъул ботIроде бегизабула гIагарал чагIазул гIумруялъулги сахлъиялъулги рахъалъ кIудияб жавабчилъи. Гьелде тIадеги, гьелдалъун эбел-эмен рихьула ракI гIатIидаллъун ва лъимал – вахIшиял чагIилъун.
Дуца малъараб гьабунгутIиялъ
хвалде рехула дун
Гьедин абула эбелалъ ццим бахъараб мехалда ва ракI къварилъун бугони. Гьел рагIабазул магIна буго эбел ГIизраил малаикасул къурбан кколин абураб.
Щиб рагIулеб лъимералда. «Вай, Аллагь! Эбел хвезе йиго. Кин гьеб ккараб? Дица инкар гьабуна кваназе…».
Щай бегьулареб гьедин абизе. Жиндир рекIел асаралъулги свакалъулги жавабчилъи бегизабула гьеб киналъулго жаваб кьун бажарулареб лъимералъул гъуждузде. Гьел рагIабаз цин лъукъула лъимадул ракI ва хадубккун гьелде кIварго кьоларо. Хасго цо къоялда жаниб чанцIулго «эбел холей йигони».
(Хадусеб букIине буго)