ГанчIиде сверараб, гIанси лъугьараб Эбелалъул ракI. Бугебдай дунялалда дур багьа борцунеб роцен!? ГIазул хIулабигIан хIеренабги, махх-чарангIан къвакIарабги, кьурабигIан согIабги, сариналгIан недегьабги. Жиндир къвакIиялъеги, къуваталъеги дунялго мукIурлъараб, бищунго бахIарчиял бихьиназги жиндие бутIрул къулараб, даим намусалъул асирлъуда ругел руччабазе мугъчIвалеб дарманлъунги кидаго батулеб. Лъимадул ургъелаз дунялго цIолеб, гьелъул къварилъабаз гьитIин гьабулеб. Абадиялъего херлъизе рес гьечIел дунялалъулго...

