«Точка» буго, «Рост» гьечIо

Дарсал кьеялъе аслиял алатал — доска, мел ва указка

 

Шамил районалъул Гьолокь росу буго лъабго районалде унеб шагьранухда аскIоб. Росу буго гIезегIан кIудияб, ва, гьениве щведал, пикру букIана росдал школаги батилин гьаб заманалъул алатаздалъун хьезабураб ва гьелда рекъон цIалдохъабазе лъайги кьолеб. Амма хIакъикъат батана батIияб.

Машгьурав профессор МухIамад Макъсудовасул цIаралда бугеб школалъул тарихалъул, гьениб бугеб ахIвал-хIалалъул, цIияб цIалул соналде гьабун бугеб хIадурлъиялъул, гIолел-гIоларел рахъазул бицун нижеца гара-чIвари гьабуна школалъул директор ГъазимухIамадов ГIалиханилгун.
— Росабазул школазул директорзабазул гIарз букIуна лъимал дагьлъун ва учительзаби гIоларого ругин. Гьеб рахъалъ нужер школалда иш кин бугеб?
— Жакъа школалда вуго 152 цIалдохъан ва 33 учитель. Лъабгониги специалист вуго ингилис мацIалъул. Учительзаби гIемерлъун, гьезие гIураб нагрузка кьезе рес гьечIолъи буго квеш ккараб жо. Байбихьул классазул учительзабазул гурони, тIубараб нагрузка бугев учитель къанагIатги гьечIо.
— Районалъул цогидал школазда дандеккун цIалдохъабазе лъикIаб лъай кьеялъе школалда кинал ресал ругел?
— 1960 соналда бараб мина буго гьаб. Гьелдаса нахъе (59 сон) школалъе гьабун букIинчIо капиталияб ремонт. ТIох басралъун букIиналъ, цIад балеб мехалда, классазда лъим чваххулел бакIазда гъоркь тIарсал лъезе кколаан. Къадал жагъаллъун, чердак турун, гордал басралъун, школалда жанире лъугьинего хIинкъараб хIал букIана. Хасало, классазда букIараб квачаялъ, цIалдохъабиги учительзабиги пальтобиги ретIун рукIунаан. Гьеб ахIвал-хIал бихьидал, районалъул бетIер ХIасанов МухIамадица абуна: «Нуж кингIаги гьанир хIалтIулел рукIарал?» — ан. Гъоркьиса гьес, «100 школа» абураб программаялде гьоркьобеги бачун, школалъе ремонт гьабиялъе хIукуматалъул грант щвезабуна. Гьеб гуребги, ремонт гьабизе гIарцулаб кумек гьабуна ресалда ругел росуцоязги. Жакъа нижер гIадин чIухIун къачIараб школа дида шагьараздацин бихьичIо. Кинабго буго берккеялда хIинкъараб хIалалда.
— Материалиябгун техникияб рахъалъ школа кин хьезабун бугеб?
— Гьеб рахъалъ иш квеш буго. ГIемерисел алатал руго 30-40 соналъ цере росарал. Ахирал соназ школалъе батIияб-цIияб жо щибго щвечIин абизе бегьула. Цоги предметазулни киб гурин, физика, химия гIадал кIвар бугел предметазулги гьечIо кабинетал гIуцIиялъе чара гьечIого хIажатал алатал. ГIелмияб хIалбихьиги (эксперимент) гьабичIони, хIажатал берзул алаталги гьечIого, кинаб хIасил букIинеб гьел предметал кьеялъул?! Жакъа школалда хутIун руго басралъарал, нусго нухалъ къачIарал, лъайкьеялъе цIакъ мукъсанаб гурони пайда гьечIел алатал. Къокъго абуни, школалда дарсал кьеялъе ругел аслиял алатал ккола доска, мел ва указка. ГьечIо цониги интерактивияб доска.
— Дагъистаналдаго лъала гьакьадерил волейболисталги лъетIа­хъабиги…. ЦIалдохъабиги росдал гIо­лилалги спорталде машгъуллъизариялъе кинал ресал гIуцIун ругел?
— Нижер росдал волейболистазул цIарал Россиялдаго лъала. Дагъистаналъул волейболалъул командаялда гъорлъ кидаго хIала ункъо-щугониги гьолокьисев. Россиялъул росабазул командабазул волейболалъул къецазда росдал командаялъ тIоцебесеб бакI босана. Нижеда бищунго захIмалъараб ва унтараб жо ккола я росулъ яги школалда спортзал гьечIолъи. Гьелъул хIакъалъулъ хъвачIеб бакI течIо, амма щибго хIасил кколарого буго.
— Лъималазе захIматалъулаб тарбия кьеялъе ва гьезие кинаб бугониги махщел щвеялъе кинал ресал ругел школалда?
— Мастерская хвана, алатал рекана-тIагIана. Кверзул махщалиде лъимал ругьун гьариялъе кинабгIаги рес гьечIо, гьединлъидал захIматалъулаб тарбия кьей цIалул тIехьалдаса теория малъиялдалъун тIубазабула. Ахикь ва бахчаялда цIалдохъаби хIалтIизе ругьун гьария­лъулги пайда камилищха.
— Лъималазул цIала-къалиялъул рахъ босани…
— ХIасилал квешал гьечIин абила дица. Гьелъие нугIлъи гьабулеб цо мисалги бачина. Араб цIалул соналъул хIасил гьабулаго, школалъул цIалдохъабаз ЕГЭ, районалдаго бищунго лъикI (гьоркьохъеб хIисабалда 75-80 балл) кьуна. Школа лъугIун арал киналго лъимал лъугьана цIалул заведениязде. ОГЭялъулги ккана гьединалго хIасилал. Гьел хIасилаздаса ниж рази руго.
Нижеца хIаракат бахъула районалда тIоритIулел олимпиадабазда ва конкурсазда гIахьаллъизеги. Амма араб цIалул соналъул хIасилаздаса ниж рази гьечIо. Гьелъие бугеб аслияб гIилла ккола, харж мукъсанаб букIиналъ, гъеж гурун хIалтIизе учителасул гъира балеб гьечIолъи. (ТIубараб ставкаялда (18 сагIат) учителасе моцIрое щолеб буго ичIазарго, уборщицаялъе 12 азарго гъуруш). Гьеб кколарищ учитель хIакъир гьави? ТIадежоялъе къотIизабуна гъира базабиялъеян кьолеб букIараб гIарацги. Оклад цIикIкIинабуна лъикI хIалтIулесеги, квеш хIалтIулесеги цого хIисабалда. Харж кьеялъул гьеб къагIида мекъи бугин рикIкIуна дица.
— Щибха букIине бугеб школалда исана батIияб-цIияб жо?
— «Точка роста» абураб проек­тал­да рекъон, школалда цIияб къа­гIидаялда гIуцIизе ккола захI­маталъул ва ОБЖялъул дарсал кьея­лъул хIалтIи. Гьезие хасал кабинетал къваригIунин абун, тIоцебесеб сменаялда хIалтIулел рукIарал цо-цо классал кIиабилеб сменаялде рачине ккана. Гьеб мурадалда кIиго класс-рукъ эркен гьабуна, амма гьезда жаниб лъезе гьечIо гьел предметазе къваригIунеб цониги алат.
— Щибха бугеб школалъул коллективалда цебечIараб аслияб масъала?
— Коллективалъул аслияб масъала ккола цIалдохъабазе лъай ва тарбия кьеялъул даража борхизаби, ЕГЭялде ва ОГЭялде лъикI хIадурлъи ва, гьеб мурадалда, ТIолгороссиялъул хIалбихьиялъулал экзаменазул хIасилал лъикIлъизари.
— ЦIалдохъаби ватIан бокьиялде ругьун гьариялъул хIалтIи школазда рехун тун бугин абизе бегьула. Гьеб хIалтIи нужеца кин гIуцIун бугеб?
— БитIараб буго, ахирал соназ гьеб хIалтIи тIаса-масаго тун буго. Цебе рагъул гIахьалчагIи ахIулаан школалде, НВПялъул дарсазги гьелъие квербакъулаан. Ветеранал хвана, НВПги тарихалде ана…. Школалда буго рагъул гIахьалчагIазул хIакъа­лъулъ бицунеб стенд. ХIасил-калам, нижер школалдаги гьеб хIалтIи кколеб даражаялда гIуцIун гьечIо.
Гьелдаго цадахъ материалияб­гун техникияб база мукъсанаб букIи­налъ буго школалъул хIалтIи нахъе ккезабун. ЛъикIаб лъай кьеялъе школалда чарагьечIого къваригIуна кабинеталъулаб система. ЦIигьабун къачIараб школаги бугелъул, цIакъ бокьилаан Лъайкьеялъул министерствоялъ ва районалъул тIалъиялъ гьеб рахъалъ нижее кумек гьабуни.
— Кин гIуцIун бугеб авар мацI малъиялъул хIалтIи? Авар ма­цIа­лъул дарсазда учительза­баз пайдаго босулищ «ХIакъи­къа­талда» ра­хъарал методикиял ва тарбия кьеялъул темабазул макъалабаздаса?
— Школалда руго авар мацIалъул дарсал рачунел специалистал: хIал­­бихьи бугей учительница МухIа­мадова Жавгьарат ва гIоло­хъа­най учительница ГIумарова Ха­жа. Буго авар мацIалъул кабинет, тIоритIула батIи-батIиял кон­курсал, авар мацIалъул анкьал, машгьурал шагIирзабазул къоял. Гьолокьа вукIана Расул ХIам­за­товасул гьудул, машгьурав кочIо­хъан МухIамад ГIумаров. Гьев ра­кIал­дещвезавиялъул мурадалда тIори­тIула дандеруссинал.
Учительзабаз хъвала «ХIакъи­къат», гьеб нижее бокьула ва гъи­раял­да цIалула. Гьенир рахъулел ма­къалабаздаса учительзабаз жидеего пайда босулин дица абиларо. Амма кIвар кьечIогоги толаро.
Нури Нуриев