Палиж унти богорокъобгицин лъугьине бегьула
Дагьал церегIан къоязда Дагъистаналъул РЦИБялда (инфекциялъу-лал унтабазул республикаялъул центр) сахгьаризе регизаруна ботулизмалъ унтарав чанго чи. Тохтурзабазул баяналда рекъон, унтаразул талихI ккун буго жиндир заманалда гьел больницаялде рачIин.
Сундасаха бахунеб ботулиналъул инфекция? Кин гьелдаса цIунилел?
Ракьулъ бижулеб инфекция
Роол ахиралда бачIин жанибе буссинабулелъул кколеб тохлъиялъул хIасилалда лъугьине бегьула ботулизм унти. ГIемерисеб мехалда овощазул консервал къалаго рацIцIалъи цIуничIони, ай овощалги лъикI чуричIони, цIарагIалъе стерилизацияги гьабичIони, гьенибе ккезе рес буго къуватаб загьру — ботулотоксин. Ботулизм лъугьунеб инфекция букIине бегьула ракьулъ, гьединлъидал овощазулъе яги кванилъ хIалтIизарулел хурдузулъе ккун батизе бегьула гьеб загьру.
Ботулотоксин батизе бегьула хIадур гьабулелъул рацIцIалъи цIуничIеб кIкIуйдулъ бежараб ччугIилъ, гьанал тушенкаялъулъ, бакьазулъ, овощазул консервабазулъ ва гIурдахIаназулъ. Гьеб загьруялде данде хехго дару гьабичIев чи хвезеги рес буго. Гъоркьиса ботулизм унти тIибитIун букIана Украинаялдаги, нус-нус чи больницаялде ккана ва чанго чи хвана. Гьединлъидал Дагъистаналъул СахлъицIуниялъул министерствоялъ лъазабулеб буго республикаялда кколел ругин ботулизмалъул инфекция бахиналъул хIужаби ва хасалиде овощазул консервабазул нахърател гьабулелъул цIодорлъи гьабеян.
Ботулизм ккола инсанасул ва хIайваназул нерваби палижалъ кквеялъул захIматаб унти. Латин мацIалдаса буссинабуни, «ботулизм» абураб рагIул магIна ккола — «бакь» абураб. Цогидал бактериязул загьруязде дандеккун «ботулотоксин» ккола бищунго къуватаб: гьеб загьруялъул цо микрограмм квенгун цадахъ ургьибе ккарав чиясул чорхол къуват лъугIизабизе бегьула, дару гьабизе кватIани – хвезеги рес буго. Бактерий чIаго хутIула ва цебеса цебе уна гьавацин гьечIеб бакIалдаги. Бактерияз гIумру гьабизе ва кIудиял гIезе бищунго дандекколеб бакIлъун буго жаниб гьава хьвадулареб консервабазул банка. Нагагь овощазулъе яги цогидал кванил нигIматазулъе ботулизмалъул асар ккун батани, 120 градусалдаса цIикIкIараб температураялъ гурони гьеб чIваларо, рокъор консерваби къалаго гьединал шартIалги гIуцIун бажаруларо. Ботулизмалъул микроб хIинкъула къанцIаялдаса ва цIамудаса. Масала, лъикIаблъун рикIкIуна банкаялъуб къалеб нигIматалъул цо проценталъул къадаралда къанцIа (уксусная эссенция) гъорлъе гьабизе.
Унтул хасиятал
Ботулизм релълъараб гьечIо цогидал чехь-бакь биххиялъул унтабазда. Гьеб инфекциялъ я риххизаруларо, я лагIдезаруларо. Байбихьуда унтаразул дагьабго ракIбагъаризабулеб букIуна, амма лагIизаруларо, кванирукъ унтула. Гьеб микроб чорхолъе ккун чанго сагIаталдасан яги чанго къоялдасан, раккула унтул квешал хасиятал: бетIерсвери, берзул канлъи хашлъи (кIи-кIи бихьи, беразда накIкI лъей, кьерал ратIарахъунгутIи, берал хъвалисин), къулчIиялъулъ ва кIалъаялъулъ захIмалъаби, кIал бакъвай, бакьал гьорой, гъиз свари, ччорбал загIиплъи. Медицинаялъул кумек щвечIони, лъугьине бегьула ботулизмалъул цIакъго захIматал хасиятал – хIухьел цIазе кIунгутIи ва ракIчIей.
Кин цIунилел?
1. Овощазул консервабазул банкаби хIадур гьарурабго холодильникалъур цIунизе лъикIаб буго. +6 градусалдаса цIикIкIараб хинлъи бугеб бакIалда цIунизе бегьуларо консервал. Нагагь ботулизмалъул микроб банкаялъубе ккун батанигицин цIорораб бакIалда гьеб кIудияб гIоларо ва кванилъ хIалтIизабуниги гьелъ инсанасул сахлъиялъе зарал гьабичIого къватIибе бачIуна.
2. Ламадуралъул, хъабхъил ва цогидал гъорлъ органикиял кислотаби гьечIел овощазул яги пихъил консервал къалелъул, лъикIаблъун рикIкIуна кванилъе гьарулел органикиял кислотаби (къанцIадул яги лимоналъул) хIалтIизаризе.
3. ГIурдахIаназул квен яги консервал гьарулелъул, бухIараб лъеца чуризе ккола. Гьезул консервал рокъор гьаризе лъикIаб гьечIо.
4. Нагагь консервабазул банкаялда къараб тIалъел къватIибе бурун бачIун батани, гьениб цIунараб нигIмат кваназе бегьуларо. Бурун бачIанщинаб банкаялъуб ботулинияб загьру батуларо, кин букIаниги, гьелдаса цIунараб лъикI букIина.
5. Нагагь банкаялъул ахада хъахIаб гор лъугьун бихьани, гьенирги лъугьун ратула микроогранизмал. Гьединго сахлъиялъе зарал гьабизе бегьула кьер хисарал яги турараб гIадаб махI бахъарал консерваз.
6. Кьер яги махI хисарал консервал боцIуегицин кьезе лъикIаб гьечIо. Ботулотоксин гъорлъ бугел консерваби ратIарахъизе захIматаб букIуна. Щайгурелъул гьеб загьру гъорлъ бугел консервабазул яги цогидал нигIматазул я кьер, я махI хисичIого букIинеги бегьула.
7. Киналго нигIматал цого хъорщода къачIазе бегьуларо. ЛъикIаблъун рикIкIуна гьанае, овощазе, пихъие, чадие батIа-батIаго хасал хъарщал хIалтIизаризе.
Тохтурасул малъа-хъвай
Ботулотоксин борхьил загьруялдаса 375 нухалъ къуватаблъун рикIкIуна. Чехь-бакьалъул унтиялдаса байбихьун нервабазул система хвеялде щвезегIан зарал гьабула гьелъ. Ботулизмалъул аслиял гIаламаталлъун ккола берал рагьизе, щибго къулчIизе кIунгутIи, хIухьел цIаялъул тартиб хвей.
ГIадамазде цоцаздаса ботулизмалъул инфекция бахунаро, гIицIго квандасан гурони.
Ботулизмалъул гIаламатал ра-ккидал, унтарасе тIоцебесеб кумек гьабизе бегьула хехаб кумек тIаде щвелалдеги. Масала, кванирукъ жаниса чуризе бегьула. Гьеб иш бигьаяб жолъун рикIкIаниги, гIемерисез гьенир гъалатIал риччан ратула ва унтарасул хIал жеги захIмалъизабула.
Кванирукъ жаниса чурулелъул, тIоцебесеб иргаялда, лъим хинлъизабула черхалъул цIа-каналда рекъон; цебе-хадуб 2-5 стакан хинаб лъел гьекъела (гьитIинаб лъимадуе лъим дагьаб кьезе ккола); лагIизе бачIинабила; бацIцIадаб лъим лагIизегIан гьебго жо такрар гьабила; инсанасул ригьалда дандекколеб энтеросорбент (кванирукъалъул ва бакьазул хIалтIи рукIалиде ккезабулел дарманал) кьела унтарасе.
Кванирукъ жаниса чурулелъул цIорораб лъим хIалтIизабизе бегьуларо, гьелъ «загьруяб квен» бакьазухъ хехго тIибитIизабула; бегьуларо кванирукъ чуризесеб лъелъе марганцовка базеги, гьеб лъелъ лъикI жубан гьечIони, бакьалда бухIараб ругъун лъезе бегьула; лъавудаса арав чиясулги кванирукъ чуризе бегьуларо.
ПатIимат СултIанмухIамадова