Пьесаялда релълъараб жо КIиабилевб пардав Къалъул гIуж. Цо берцинаб къайи-свери.Динияб къагIидаялъ ретIа-къарал мусудуз сверун ккун вуго гIезегIан куц-мухъ бугев, хъахIаб расалъ цебего расен лъуниги, гIолохъанлъиялъул жан жеги чорхолъа инчIев Дон-Жуан, Дагъистаналъулги Чачаназулги къоролруччабазул гIащикъ, Нагорный Дагъистаналда цохIого цо бугеб Гаремалъул хважаин Сасикьа шагIир СайгидахIмад АхIмаднабиев.ТIалхIатовасул къокъаялъ ахир заманалъул Камалил Баширинги абула гьесда.…Дагьа-макъавго гIинкъав вукIин...

