Вьетнамалда, Ханоялде унеб поездалъул вагоналъул гIодор чIолеб бакIалда гъоркь бахчун батана «къираласул кобраби» абурал борхьазул цIураб ункъо хъап. Маххул нухлул хIалтIухъанасул рагIабазда рекъон, гьелъул хIакъалъулъ лъазабун буго рихха-хочарал поездалъул пассажираз. Гьенире ахIарал транспорталда хIинкъи гьечIолъи букIинабиялъул хъулухъалъул хIалтIухъабаз хъапал рагьидал, гьезда бихьана борхьазул кIалазда скотч седон букIин ва гIадамазе гьезул хIинкъи гьечIеблъи. Хъапазда жаниб чан...
