МатIугIан бацIцIадаб ГIусманил гIумру

80 сон тIубана нижер гьудул ГIусман Демеше­вас. Гьев гьавуна 1940 соналъул ичIабилеб июнал­да ЧIарада районалъул ЦIенеб росулъ учителасул хъизамалда.

 

 

Росулъ школа гьечIолъиялда бан, араб гIасруялъул къоабилел соназул ахиралда росдал лъимал хьвадулел рукIана ГIумар Демешевасухъе рокъоре. Гьев вукIана росулъа тIоцевесев учитель. ЦIенеб щвезегIан гьесухъе цIализе хьвадулаан КIулзеб, Шугъинуб ва цогидал росабалъа лъимал­ги.

 

 

ГIусманил букIана захIматаб гIумру. Гье­сул лъимерлъи ана рагъда хадусел ракъул ва ресукълъиялъул соназда. 11 сон бараб мехалда хвана гьесул эмен ва рукъалъул магIишаталъул ургъел бегана лъималазул гъуждузде. Эбел-ин­суца гьитIинго куцана гьезулъ хIалтIуде рокьи. ГIусманил кIудияв вац МухIамад ва яцал Шамси­ятги ПатIиматги хIалтIулел рукIана росдал колхозалда. Дояркалъун хIалтIулей йикIарай 21 сон барай ПатIимат 1966 соналда мустахIикълъана ЗахIматалъул БагIараб Байрахъалъул орденалъе ва кIиго соналдаса гьелъие кьуна ВЛКСМалъул ЦКялъул ХIурматалъул гIаламат.

 

Школалда цIалулаго, ГIусманил анищ букIана юристлъун вахъине. 1959 соналда гьес лъугIизабуна ГIириб росдал гьоркьохъеб школа. Амма юридикияб факультеталда къабул гьарула­роан хIалтIул хIалбихьи гьечIел гIолилал.

 

 

ГIусман хIалтIизе лъугьана ЧIарада районалъул прокуратураялда секретарьлъун. Прокурорлъун вукIана КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчи, Гъу­ниб районалъул ЧIохъа ГIумар-ХIажи Багъдулов.

 

1961 соналда ГIусман цIализе лъугьана Сара­товалъул юридикияб институталде. КIиабилеб курсалдаса гьев ана Советияб Армиялда хъулухъ тIубазе. Лъабго соналдаса тIад вуссана институ­талде ва, 1968 соналда гьебги лъугIизабун, гьев витIана Буйнакск шагьаралъул низам цIунулел идарабазул отделалда следовательлъун хIалтIизе.

 

 

1973 соналда вищана Хунзахъ районалъул хал­къияв судьялъун.

 

ГIусман куцан вукIана цевехъанлъун вукIине. Школалдаги армиялдаги гьев вукIана комсомо­лалъул гIуцIиялъул секретарьлъун.

 

 

Нухмалъулесул пагьму гьесулъ загьирлъана Гъуниб районалъул прокурорлъунги республикаялъул прокуратураялъул отделазул­гун гIуцIабазул нухмалъулевлъунги хIалтIулеб заманалда. Гьес кидаго ритIухълъи цIунана, мах­щалил рахъалъ тIоцевесев учительлъунги гIумрудул гьудуллъунги вукIарав, ГIумар-ХIажи Багъ­дуловасул хIалтIул къагIидабазе.

 

Доб заманалда Гъуниб букIана батIи-батIиял росабазул вакилзабаздаса гIуцIараб ва ишалъе цIикIкIараб пайда бугеб районалъул нухмалъи: КПССалъул райкомалъул тIоцевесев секретарь, рагъул гIахьалчи ва прокуратураялъул идараба­зул ветеран Сугъралъа ХIажи ГIинчилов, райи­сполкомалъул председатель Гьонодаса Набиюла МухIамадов, районалъул прокурор ЧIарада райо­налдаса ГIусман ГIусманов, КГБялъул отделени­ялъул начальник Болъихъ районалдаса Жавпар Рамазанов, судалъул председатель ЦIумада рай­оналдаса Астемир ГIумаров, РОВДялъул началь­ник ЛъаратIа районалдаса МухIамад Юсупов ва гь.ц. Щибаб шаматкъоялъ районалъул нухмалъулел унаан иргадулаб росулъе, хал гьабулаан бакIалъул хIалтIул ва, хIажалъи бугони, райко­малъул бюроялда цебе лъолаан гьениб тIатараб масъала. БукIана кьварараб гIадлу.

 

 

50 соналъ хъулухъ гьабуна ГIусман Демеше­вас низам цIунулел идарабазда, амма цохIониги бадибчIвай щвечIо гьесие хIалтIул рахъалъ. Гьев вукIана махщел камилав, ракIбацIцIадав ва жин­дир пикруялдаса сунцаниги кьуризавун бажару­ларев инсанги, сахаватав гьудулги, хирияв гьал­магъги. ХIалтIухъабазде букIунаан кьварараб тIалабчилъи – гьединабго бербалагьи букIана жиндехунгоги. Гьес киданиги гьабичIо намусалъ къабул гьабулареб хIукму. Жиндир гIумру би­гьалъизабулеб ва рес цIикIкIинабулеб нух бала­гьизеги лъугьинчIо гьев.

 

Гьелгуниял соназ хIалтIарав ГIусманил гIумру ана мухьдахъ ккурал яги хIалтIулебгIан заманалъ жанив вукIине пачалихъалъ кьурал рукъзабахъ. Республикаялъул прокуратураялде хIалтIизе вачIараб мехалда гьесие кьуна лъабго рукъ бугеб квартира – гьениб гьабулеб буго гIумру жакъаги. МахIачхъала шагьаралъул исполкомалъ гьесие кьуна дачаги, амма гьенибги мина бачIо гьес.

 

 

Низам цIунулел идарабазда хIалтIулеб заманал­да гьесие щварал шапакъаталгун каранда ралел гIаламатал ва сайгъатал рикIкIун хIал кIвеларо. Гьев вуго «ЗахIматалъул ветеран», «Прокурату­раялъул идарабазул ветеран», «ДРялъул низам цIунулел идарабазул мустахIикъав хIалтIухъан». МустахIикълъана «Законалъе ритIухълъиялъухъ» абураб, каранда балеб, I-себ даражаялъул гIаламаталъеги.

 

Машгьурав хъвадарухъан Бальзакица абула­ан, юристал релълъарал ругин тохтурзабазда­ги рухIиял церехъабаздагиян. ГIусман кидаго вукIунаан хIалтIуда – гьатIанкъояздаги байрам­къояздаги. Нижеда, гьесул гьудулзабазда, кида­го гьев ватулаан хIалтIуда. Разиго кумек гьабу­лаан гьес гIолохъанал ишцоязеги, малъа-хъвай хIажалъун вачIарасеги.

 

 

2000 соналда ГIусман Демешевас хIалтIи тана. Амма хIалхьиялда чIечIо гьев – байбихьана гIолеб гIелалъе тарбия кьеялъулги ветераназулги жи­гарчилъиялъулъ гIахьаллъизе. Гьев хIалтIана А. Герценил цIаралда бугеб университеталъул Дагъ­истаналъул филиалалъул директорасул замести­тельлъунги прокуратураялъул пенсионеразулги ветераназулги жамгIияб гIуцIиялъул Дагъиста­налъул регионалияб отделениялъул советалъул председательлъунги. Гьел хъулухъазда вукIаго, гьев мустахIикълъана «ГIолилазул мустахIикъав насихIатчи» абураб къадруяб цIаралъе.

 

ГIусманица гIезабуна ва, лъикIаб лъайгун тар­бия кьун, гIумруялъул нухде тIамуна ясги кIиго васги. Инсул нух тIаса бищана кIиявго васас. Яс Анжела йиго лъималазул тохтурлъун.