«Киданиги кколароан васас дие гьерсал рицинилан»

Красноармейскиялдаса 23 сон барав МухIамад (цIар хисизабун буго), гьудулзабигун цадахъ, Сириялде ана. Гьев вукIана эбелалъул цохIо ву­гев вас.

Гьесул эбелалъулгун ккараб гара-чIвари бахъулеб буго гьаниб гъор­кьехун.

 

 

– Дун киданиги божуларо гIарцухъ гIадамал чIвазе анин дир вас дове- йин абулеб жоялда. Гьев лъица вата­ниги махсараде ккун вуго.

Гьесие кутакалда бокьун букIана цIализе лъугьине. Масала, Сириялде иналде кIиго соналъ цебе Египетал­де цIализе ине бокьилаанин вукIана гьев. Амма дун данде чIана.

 

МухIамадица гьитIинаб мехал­даго байбихьана Къуръан цIализе. Цинги гьоркьоб къотIун букIана гье­сухъа гьеб. Гьединлъидал, байбихьа­раб жо лъугIизабизе кколилан, дица­го ракIалде щвезабуна гьесда.

Дицагоги цIалана Къуръан. ГьабсагIат дида бокьарав чиясе жа­ваб кьезе кIола диналъул рахъалъ. Дун таризайизеги чангияз хIал би­хьана. Гьединал чагIазда дандчIван ватилаха гьевги.

 

…ПалхIасил, гьел ун ратана 2015 соналъул 24 июналда. Жал кватIичIого нахъ руссиниланги абун батана. Нахъ руссине ракIалда букIунги батула. Жиндиего йокьун гьарарай ясги йикIиндал гьесул.

Васас дида абуна жив магIарухъе зигараялъ унев вугилан. Гьеб ме­халда гIорхъи бахун къватIиве унев ватилин лъидаха ккелеб букIараб? Загранпаспортцин букIинчIелъул гьесул. Амма битIун 20 июналда щун букIун буго гьесие гьеб.

 

ГIорхъи бахиндал, бичIчIун буго­ха гьезда жалго къорикье ккараблъи. Амма нижеда, рокъосезда, лъазе то­леб букIинчIо. Жал цIалдолел ругин гьанир, кватIичIого нахъ руссинилан абулаан щибаб нухалда.

 

 

– Дуда кин лъараб гьудулзаби­гун цадахъ вас къватIив вугеблъи?

– Доре щун чанго къоялдасан гьел жалго кIалъана.

Ахирисеб нухалда 2015 соналъул 11 ноябралда аудио битIун бачIана гьес.

 

Дида ккола, гьединал васазул гIакълу хисизабулин психологияб тIадецуйги гьабунилан.

Дун гьанже зама-заманалдасан уна школазде лъималазе экстремизм какун хабар бицине. Нилъеца гье­динаб хабар моцIида жаниб цоцIул бицунеб батани, экстремистаз гьеб хIалтIи щибаб къойил, щибаб мину­талъ гьабулеб буго.

 

 

– Гьесул хьвада-чIвадиялъухъ балагьун, Сириялде инехъин вукIин бичIчIулеб букIанищ?

– Киса букIунеб?! Гьеб бихьизе то­ларелъул гьединал чагIаз. Дове ине анкь хутIараб мехалдацин устара­сухъе инилан чIун вукIана гьев.

Уйилан ккун, кутакалда йоххун дунги йикIана.

 

…Васас дие киданиги гьерсал ри­цунароан. Гьединлъидал, дида ки­даниги кколароан гьес гьединаб жо гьабилилан.

ГIарацги кьун руссинарулин гье­лилан абулаха. Амма дида лъала гьесухъ гIарац букIинчIолъи. Хьи­тал гьарулеб бакIалда хIалтIулев вукIана. Цинги кIиго моцIица хIалтIичIо гьев, лъикIаб харж кьолеб гьечIилан. Цогидаб бакIалде гIарзаги кьун, чIун вукIана, гьез хIалтIизе вачIаян ахIизегIан.

 

Амма хадуб лъана гьес планшетги телефонги бичун, 20 азарго гъурущ данде гьабун букIин. Гьелъухъ жин­диего билетги босун буго.

Гьеб къоялъ дун хIалтIуда йикIа- на. Рокъой йикIана яц. Гьелъ бицана МухIамад рокъовеги вачIун, жаниб ретIел лъураб чIегIераб къвачIаги босун анилан. Гьудуласул эмен хун, магIарухъе зигараялъ унев вугилан­ги абунила.

 

Гьелдаса хадуб дица ахIана ва­сасухъе. ИнчIо ахIун. Цинги ккана магIарухъ бухьен лъикIаб батилари­лан. Гьедин ана чанго къо.

КъватIисеб улкаялде гьев уневи­лан ккезего ккечIо.

Гьев дове иналде анкьалъ цее дир яцгIал авариялде ккун, дун гьелда аскIой больницаялда йикIана. Гьеб ме­халда тIаса квер босун тун вукIана гьев.

 

 

– Гьеб мехалда вусса-сверизавун ватилиланищ дуда кколев?

– Гуро. Гьелде щвелалдего гьавун вукIараб къагIида.

Хадуб дида лъана, гьудулзабиги цере ун, дир вас гьезда хадув арав­лъи. Инадай–инародайин щакдару­левги вукIун ватила гьев. Лъаларо.

 

 

– Гьел цоязул къисмат кин кка­раб?

– Цояв чIвана. Цогидав кив вуге­вали лъаларо.