Анищалъул цIваялъул канлъухъе
Унго-унгоги, гIолохъанлъи, дулъ бугебщинаб гьунарги, гучги, гьелчейги, къеркьейги, рорженги. Дулъ гьелегьун беролел пикрабазги анищазги тIаса бищула гIицIго тIадегIанлъи. Дуца щивав гIолиласухъе кьола жиндирго анищалъул цIва. Гьеб цIваялъухъе нух бахъулаго, гIолилал тIуркIуларо, гьезда лъаларо захIмалъи щибалиги. Доба борхалъуда бугеб гьеб цIваялъ гIолилазухъе ритIун рачIуна жиндихъе щвезелъун гьез тIуразаризе кколел тIадкъаял. Цинги байбихьула жиндирго анищалъул цIваялъухъе щивасул бугеб тIадегIанаб къеркьей. Гьединал лахIзатаз каранда ракIги басандула, биги гьелегьуна, анищалги кьурдула. Ва гьеб киналъулго хIасилалда анищалъул цIваялъ гIолилазул гIумруялъе канлъиги кьола. Ва гьеб канлъухъе гьел роржуна къисматалде данде.
Гьеле гьединаб талихIаб канлъухъе, жиндирго анищазул куркьбаздаги рекIун, йоржуней йиго гьайбатай магIарулай Хадижатги. Гьелъул къисматалъул хIайранаб къисаялъ пана гьаюна дун. Гьелъ рачунел хIасратал бакъназухъ гIенеккидал, рухIдаллъизе бачIана къисматалъул согIаб кIичIикье ккезе доб хIикматаб цIваялъ течIей гIолилалъул къеркьеялда. Жибго гьеб цIваги Хадижатил каранда ракIлъун кенчIелеб буго.
Дагъистаналдаса тIоцеесей художник-мультипликатор
Дагъистан тун къватIибехун гIумру гьабун йигей цоги магIарулай! МугIрузул улкаялдаса тIоцеесей художник-мультипликатор! Гьелъ рахъарал суратазухъ ялагьун гIорцIулейго гьечIо. Гьезул кумекалдалъун бицунеб буго гIолилалъ гьитIинаб ватIаналде бугеб жиндирго кIудияб рокьулги, магIарул тарихалде бугеб гьайбатаб гIищкъуялъулги, жиндирго анищалъул цIваялъухъе гьабураб бигьаяб гуреб, амма тIадегIанаб рорженалъулги хIакъалъулъ.
Гьаюна Хадижат МухIамадова МахIачхъала шагьаралда Гъуниб районалдаса Иманшапил ва Хунзахъ районалдаса Зульфиял хъизамалъе. ГьитIинай Хадижатил сахлъиялда бан, гьелъул ункъо сон бугеб мехалда, хъизан гочана Тула шагьаралде. Гьениб ясли-ахалдаго тIатине лъугьана Хадижатил пагьму-гьунар. Цинги — шагьаралъул №65 школалда цIали. Хадижатихъе учительзаби рокъорего рачIунааан – гьелъие захIмалъулеб букIана къойил школалде ине. Амма гьелъул эркенаб заманцин букIунароан – Хадижат свакалей йикIинчIо суратал рахъун. Киналго лъималазе бокьулелъул суратал рахъизе, рокъосезги гьелде байбихьуда кIудияб кIварго кьолеб букIинчIо. Амма соналдаса соналде цIубалеб букIана суратал рахъизе гьелъул бугеб пагьму. Къого сон базегIан, къеркьана Хадижатги Хадижатил пагьмуги согIаб унтигун. Амма гIолилалъул гIумруялде бугеб гIащикъаб рокьул кутак бергьана больницабазул палатабаздаса. Гьенибги батана гьелда къуват. Гьеб гьелъие кьолаан суратаз ва доба хъахIилзобазда жинца кунчIи кьеялъухъ балагьун чIун бугеб анищалъул цIваялъги. Хьвадизе лъугьана аскIобго бугеб ИЗОстудиялде, гIахьаллъулаан школалда ва шагьаралда тIоритIулел суратал рахъиялъул къецазда ва выставкабазда. Заманалдасан шагьаралда тIобитIана Хадижатил суратазул выставкаги. Цадахъго — гIемерал шапакъаталги, дипломалгун грамотабиги. КунчIана гIолилалъул цIва. Ва дагь-дагьккун гьеб гвангъизе байбихьана. Хадижатица сапар бухьана гьитIинго бижараб анищалъухъе – гьелъие бокьун букIана художник-мультипликаторлъун яхъине.
2009 соналда гьей лъугьана В. Д. Поленовасул цIаралда бугеб художествияб школалде. Амма школа лъугIизабизе санагIалъи ккечIо, гьаб нухалдаги сахлъиялда бан. Дагьабго сахлъи щулалъидал, гьелъ цоги нухалда хIалбихьана цIализе лъугьине. Гьанжесала – Репинил цIаралда бугеб Санкт-Петербургалъул академиялде. Гьаб нухалдаги согIаб къисматалъ хIалбихьана гIолилалъул анищалда цебе хIетIе кквезе – академиялъул тIасиял тIалабазде яхине гьелъие захIмалъана. ЗахIмалъаби дандчIванагIан, бокьулеб букIана гьелъие жиндирго анищалъухъе щвезе.
Цоги нухалда хIалбихьана цIализе лъугьине. Гьаб нухалда – Москваялъул пачалихъияб кинематографиялъул институталда цере рагьарал лъагIалил курсазде. Гьездаго цадахъ дистанционнияб къагIидаялда цIалун лъугIизабуна 11-абилеб классги.
Школа лъугIун хадуб Хадижат лъугьана А.С. Даргомыжскиясул цIаралда бугеб Тулаялъул искусствабазул колледжалде. Ва гьеб лъугIизабуна 2018 соналда.
ГIолилалъ анищалъул цIваялъухъе гьабулеб сапар гьоркьоса къотIизе толеб букIинчIо. ЦIваялъ гьей жиндирго канлъухъе ахIулей йикIана.
ХIалтIизе лъугьана Санкт- Петербургалда бугеб анимационнияб киноялъул «Мельница» киностудиялде. Гьанибго цIидасанги сахлъи гьечIолъиялъ квалквал гьабизе байбихьана. Амма гьединал квекIеназ Хадижатил рекIелъ гIумруялде бугеб рокьул цIа дагьабги гьелегьинабулеб букIана. Гьелда ракIалдецин кколеб букIинчIо нахъе къазе. ГIолилалъул жиндирго хIалтIуде бугеб рокьиги адабги бихьун, гьелъие кумек гьабизе байбихьана киностудиялъги. ГьабсагIаталъги Хадижат гьений хIалтIулей йиго.
Ясалъул анищалда куркьбал рижиялъе, тIоцебесеб иргаялда, кумек гьабуна эбел-эмен Иманшапицаги Зульфияцаги. Ахир-къадги Хадижатие къисмат гьимараб Санкт- Петербургалда гIумру гьабулеб буго гьезул хъизамалъ.
Бокьула Хадижатие гIагараб Дагъистан. Гьелъул тIабигIаталъухъги гIадамазухъги рокьи ккарал суратал гIемер руго гьелъул. Санайилго гIадин жиндирго эбел-эменгун, яцал Эмилиягун ва Меседгун гьей щола Дагъистаналде. Гьелъул хIалхьоларо гIагараб ватIаналъул берцинлъиялдаса, ва гьелъ гьеб берцинлъиялъул гIадамазе бицине тIамула жиндирго суратал.
Гьединго, Хадижат гIахьаллъула ТIолгороссиялъул творческиял проектаздаги.
— Дие цIакъ бокьула художник- мультипликаторасул бигьаяб гуреб хIалтIи. Гьеб кIвар цIикIкIараб ва захIматаб букIиналъги батила дида дирго гIузрабиги кIочарал ва дирго цIваялъухъе йоржинеги бажарараб, — илан абуна Хадижатица.
Гвангъулеб, кунчIулеб буго гIолилалъул цIва, гьелъул анищазе цIаги кьолаго.
Гьарула гьеб цIадуе гьелегьинги, цIваялъе беричлъиги, анищазе тIадегIанлъиги.