Исана июлалда байбихьизе буго коронавирусалъ унтарал гIадамазул сахлъи цIунизе къеркьарал тохтурзабазе психологияб кумек гьабизе. Гьелъул хIакъалъулъ «ХIакъикъаталъул» бетIерав редактор ГIумахан ГIумахановасулгун гьабураб гара-чIвариялда бицана «Журавли» абураб ГIелмиябгун сахлъи цIуниялъул комплексалъул (НОК) генералияв директор, М.В. Ломоносовасул цIаралда бугеб Москваялъул пачалихъияб университеталъул (МГУ) профессор, Гъуниб районалъул Шангъодаса МухIамад ХIабибовас.
— МухIамад, дуца загьир гьабуна нужер сахлъи цIуниялъул комплексалда тохтурзабазе кумек гIуцIизе бугин абураб пикру. Щай дуда гьеб ракIалде ккараб?
— КIиго моцIгIан заманалъ ниж хIадурлъулел руго тохтурзабазул реабилитациялъе. Улкаялъул машгьурал тохтурзабазухъе цо чанго анкьалъ цебе ругьел битIана, дора хIалтIарал тохтурзабиги рачун, Каспиялъул рагIалда бугеб нижер комплексалда хIухьбахъизе рачIаян. Нилъеда лъала: цIияб унтиялъул хасият жеги лъалелдего, тохтурзаби хIалтIана, свакги кIочон, кIвахIги тун, жидер сахлъи цIуниялъул санги гьабичIого, хIатта гIумруялъе хIинкъи букIинги лъалаго. Гьеб унтиялъ камиял ккезаруна щивасул хъизамалда, коллективалда. Нижедасаги ятIалъана гIагарай гIадан ПатIимат АсхIабова — МахIачхъалаялъул больницаялъул «багIараб зонаялда» хIалтIулаго, унтизеги унтун, 52 сонил ригьалда.
Жалгоги унтилин ва рокъосездеги жидеца унти бачIиналъул хIинкъи цIикIкIараб, ай тIасан борчIараб захIматаб ахIвал- хIалалда хIалтIарал тохтурзабазул психикаялде букIана аслияб тIадецуй. Бигьаяб жо гуро щибаб къойил — цоцин гурев, цадахъго чанго унтарав холевлъи бихьизе — гьединаб хIужаялъ бакIаб асар гьабула ракIалъе. Гьелъги унти ккезабуна гIемерисел тохтурзабазулъ. Гьединлъидал гьезие чара гьечIого хIажат буго реабилитация. Кин гьеб кумек гIуцIилеб? Гьеб масъала нижеца дандбана Россиялъул гIелмиялги медицинаялъулги центразул хIалтIухъабигун ва хIадурана реабилитациялъул цадахъаб программа. РакIалде ккола, Каспиялъул рагIалда эхетараб, санагIатал шартIалги ругеб комплексалда тохтурзабазул сахлъи тIадбуссинабиялъе цIикIкIараб пайда букIинин абун. Нижеца разиго къабул гьарила тIолабго улкаялдаса тохтурзабиги медицинаялъул цогидал хIалтIухъабиги.
— Дагъистаналдаса гуребги, тIолабго Россиялдаса тохтурзаби рачIине ратила комплексалде. Чан чиясе бакI бугеб гьениб? КигIан заманалъ гьел рукIине рес бугеб комплексалда?
— Тохтурзаби къабул гьаризе руго тIоцебесеб июлалдаса сентябралде щвезегIан. Цадахъго 60 чи вачIине рес буго. Гьез комплексалда базе бегьула 7-10 къо. Нижеца гьабураб хIисабалда рекъон, кIиго моцIида жаниб щунусгониги тохтурасе кумек щвела. Бокьилаан, реабилитациялъул болжал цIикIкIинабизе, амма гьеб гIицIго нижеда бараб иш гуро. ГIарцул рес рекъани, бокьун буго реабилитациялъул программа лъабго соналъ гIумруялде бахъинабизе.
— Цо нухалда дие рес щвана нужер богорокъов кваназе. Гьеб букIана 27 улкаялдаса гIахьалчагIи данделъараб ТIолгодунялалъул конгресс тIобитIулеб мех. Реабилитациялда ругел тохтурзабазе чIобого кьезе бугищ гьениса квен, яги гьез жидерго гIарцухъищ босизе кколеб гьеб? Спонсоразул кумек щвезе бугищ нужее яги кинабго «Журавлиялъул» сурсатазухъищ букIине бугеб?
— Кинабго — квенги, реабилитацияги, рукъзабахъ рукIинги — тIаде босулеб буго «Журавли» абураб НОКалъ. Спонсорал гьабсагIаталда гьечIо — хьул буго гьел рукIиналде. Спонсорал щвечIониги, кинабго гIуцIизе буго тIадегIанаб даражаялда — гьелда щаклъизецин бегьуларо. Реабилитациялъул аслияб бутIа ккола кванил режим гIуцIи. «Журавли» НОК Питаниялъул централъги нилъергун къватIисел улкабазул нутрицологазулгун ва диетологалгун дандги бан, гIуцIун буго кванил къагIида, тартиб. ГьабсагIаталда нижер бухьен буго 27 улкаялъул махщелчагIазулгун. Нижер руго тIадегIанаб классалъул бажари бугел богогьабиги технологалги. Квенги буго татуяб, тIагIамаб ва чорхое зарал гьабулареб.
— ТIоцебесеб июналдаго бегьулароанищ реабилитация байбихьизе?
— Тохтурзаби жеги эркенлъун ратуларо, карантин жеги лъугIун гьечIелъулха.
— Бицунеб буго «Журавлиялда» РакIалдещвеялъулгун реццалъул парк балеб бугин абун. ГIадамал хвасар гьарулаго хварал тохтурзабазе балеб памятникищ гьеб? Яги КIудияб Бергьенлъиялъул 75-сонилаб байрамалъул хIурматалдайищ балеб бугеб?
— Улкаялъул президент Владимир Путиница 2020 сон лъазабуна РакIалдещвеялъулги реццалъулги лъагIеллъун. Гьединлъидал нижецаги паркалъе лъуна гьебго статус. Гьениб букIине буго «Матерям журавлей мира» абураб «кечI ахIулеб» фонтан, Дунялалъул кIиабилеб рагъда хварал лъималазе памятник. ХIадурулеб буго коронавирусалъ унтарал гIадамал хвасар гьарулаго хварал тохтурзабазе мемориалги. Парк рагьизе буго лъагIалил ахиралде.
— Нужер НОКалда гIемер рукIуна халкъазда гьоркьосел гIелмиял дандеруссинал. Коронавирусалъул темаялда гьединаб данделъи гIуцIизе ракIалда бугищ?
— Бокьун буго тIасияб соналда COVIDалъул бицунеб гIелмияб конференция тIобитIизе. Гьелда бан гьабун буго хасаб хитIабги. РакIалда букIана 2020 соналъул 2-5 сентябралда «Биомехатронные системы» абураб темаялда ТIолгороссиялъул конференция тIобитIизеги — гьелда гIахьаллъизехъин рукIана къватIисел улкабаздаса гIалимзабиги. Коронавирусалъул инфекция тIибитIиялда бан, 2021 соналде бахъизе ккана гьеб. Гьеб ишалъулъ нижее квербакъулеб буго МГУялъул Искусственнияб интеллекталъул институталъги механикаялъулгун математикаялъул факультеталъул гIелмияб къокъаялъги.
— Дида рагIана, коронавирусалъул унтиги пневмонияги бугев 250 чи къабул гьавизе рес бугилан абун нужеца март моцIалдаго ДРялъул хIукуматалде хитIаб гьабунилан…
— ГIажаиблъизе ккараб жо гуро гьеб. Нилъеда бихьулеб букIана дунялалдаго коронавирус хехго тIибитIулеб бугеблъи. БатIи-батIиял улкабазда гIемерлъулеб букIана унтаразулги хваразулги къадар. Больницабазда гIолел рукIинчIо унтарал регизаризе бакIал. БичIчIулеб букIана Дагъистаналдаги унти хъинтIичIого хутIулареблъи: ахирал соназда цIакъго гIемерлъана цIализе яги хIалтIизе, ялъуни унтуе дару балагьизеян ва дунял бихьизеян абун, республика тун къватIире сапарал гьарулел дагъистаниял. Гьединаб ахIвал-хIалалда, дир пикруялда рекъон, цIакъ хIажат буго власталъулги, бизнесалъулги, гIалимзабазулги, тохтурзабазулги, хIатта щивав инсанасулги цолъараб ва цокIалаб хIаракат. Жидехъа бажарараб кумек гьабизе хIадурал ва гIадамал хвасар гьаризе гъира барал гIадамал гIемер руго нилъер.
— МухIамад, реабилитациялъе нужехъе рачIина, гIицIго вирусологал гурелги, терапевтал, кардиологал, неврологал ва цогидал махщелчагIи. Жакъа гIемер чиясе хIажат буго психологияб кумек, гIемер руго, унтаразул тIалаб гьабулаго, рекIелъ унти ккарал. Бегьулародай гьезухъе консультациялъе рачIине ресукъал хъизамаздаса гIадамал? Бажарилародай гьезухъа гьединал гIадамал чIобого къабул гьарун?
— ЦIакъаб пикру буго гьеб, гьеб масъала дандбазе ккела реабилитациялде рачIине ругел тохтурзабазда. Коронавирусалъ квелъ бараб Дагъистаналъул халкъалъе кумекалъе инкар гьабиларин ккола гьез.
— Реабилитациялде рачIине бегьулищ тохтурзабазул хIакъалъулъ макъалаби хъварал ва больницабазда бугеб ахIвал- хIалалъул хIакъалъулъ бицарал журналистал, хасго телевидениялда хIалтIулел ва, передачаби рахъулаго, коронавирусалъул унти жиделъе ккарал?
— ЛъикIаб пикру буго гьеб! БитIараб буго: гIумруялъе хIинкъи бугеб къокъадулъе ккола журналисталги. Ниж хIадур руго реабилитациялъе бачIараб щибаб къокъадулъе цо чанго журналистги ккезавизе. Гьебги дандбазе ккела хадубккун.
— КIудияб баркала, гара- чIвариялъе заман батаралъухъ! Гьарула лъикIабщинаб ишалъулъ икъбал.