1988 соналъ бахъизе байбихьун букIана «Аргументы и факты» абураб газета. Байбихьудасаго цIар ана гьелъул. Доб заманалда «АиФ» рикIкIунаан лъикIаб газеталъун. Гьединлъидал нижеца, студентазги, гьеб гъираялда цIалулаан. Дун абуни «Аргументы и факты» газета цониги гьоркьоса биччачIев ва политикияб рахъалъ гьелъул битIахъегояб кумекалдалъун гIуцIарав чи ккола. Унгоги хIасилги къокъго кьолел, кьучIаб баянги щолел макъалаби рукIунаан гьелда. Гьанже интернеталде гъорлъе ккедал, дица тана «АиФ» цIали ва жибго гьебги гIемерисеб рекламаялъ ккун буго ва цебе гIадин лъикI лъугьунеб гьечIо.
Сундуе гьаб цеберагIи гьаниб букIараб? Чанго соналъ цеве магIарухъе щведал, ЛъаратIа районалъул КIособ росдал годекIанив дида ватана «къвал цIурал» газеталги аскIор лъун гьел цIалулев чи. Гьев вуго гIумруялъ газетал цIаларав, гьанжеги гьездехун рокьиги свинчIев херав чи, росдал школалъул мугIалим. Цогидал газетазда цадахъ («Черновик», «Новое дело», «Молодёжь Дагестана») гьесухъ бугоан «ХIакъикъат» газетаги. Дица гьесда гьикъана: «ХIакъикъат» газетаги цIаланищха дуца?» — ян. Гьес дие жаваб гьабуна, жинца «ХIакъикъат» гIемериселъ гьадинго бегун толила, гьенир жинда дагьал гурони цIализе гIадинал ва ракIалда хутIулел жал ратуларилан.
КигIанго бокьичIониги, гьев херасул пикруялда тIад рекъечIого гIоларо. Гьединаб букIана ахираб заманалда аваразул басма, гьелъул иш букIана багьа бахун къадру гIодобе ккун. Гьелъ кутакалда дагьлъана цIалдолелги, «ХIакъикъат» хъвалелги, гьабулеб букIинчIо гьелъул къиматги.
Цоги рехсон тела гьелъие нугIлъиялъе мисал. МахIачхъа- лаялъул вокзалалда гIагарда, (В. Эмировасул къватI батилин ккола) буго гIемерал цадахъ, учузго (оптом) газетал ричулеб бакI. КъотIноб букIуна гьениб гьабулеб даранги. Цо пуланаб къоялъ, циндаго цIадги бан, газетал жанире росун ругоан гьенир. Гьенире ричизе кьурал «ХIакъикъат» газетал абуни, къватIирго тун ругоан? Гьебги квеш букIун, жанивеги лъугьун, къватIиб пачка газетазул хутIун бугилан абидал, вичарухъанас жаваб гьабуна: «Гьелъул кIвар гьечIо, бокьун батани мунго босун а», — йилан.
Гьедин букIана ва гьеб лъиениги балъголъилъун кколаро. ЦохIо багьа тIаде бахиналда ва цIалдолел дагьлъиялда банги гуро «ХIакъикъаталъул» къадру хвараб ва гьеб хъвалелги бокьулелги дагьлъарал. Газет-журналазул тираж битIахъего бараб буго гьезул хIажалъиялда. Газетаз информациял кьолеб, гьезие гIоло газета босулеб заман цебего ана. Гьединаб хIажалъи жакъа гIадамазул гьечIо. Информациял кьолел каналал ва информациялъулал алатал гIемерал руго ва газетаздаса гьел, кIочон тезе заман щведал гурони, цIалулелги гьечIо.
Гьединлъидал газетазда рукIине ккола анализ гьабурал, хIасилал рихьизарурал, цIалдолезул мурадазде рекъон кколеб рекIелгъеялъулал ялъуни культуриябгун маданияталъулаб гIумру бихьизабулел макъалаби. Гьединаб, киназего пайдаяб ва мухIканал баянал кьураб буго исана къватIибе бачIараб лъабабилеб номералда Пайзула Пайзулаевасул «Дагъистан республикалъун лъазабуралдаса 100 сон» абураб макъала. Щаклъи гьечIо гьеб цIалдолезе къабуллъун букIиналда. Дицаги гьеб хIисабалда цIалана. Дунгоги тарихалъул лъай щварав чи вукIаниги, гьелдаса дие щвана цIияб баян. Мисалалъе, лъана Гъизляралъул ракьал Дагъистаналде гьоркьоре жеги 1922 соналъго рачун рукIараллъи. Дида кколаан гьелги араб гIасруялъул бащалъиялда журазарунин Дагъистаналдеян.
Божула тIадехун рехсарав херав цIалдолесги ва гIемерал цогидазги гьеб макъала гьоркьоб биччангутIиялда. ЦIакъго лъикI букIинаан гьениб картаги темаялда рекъараб, тIаде журарал ракьал кьераздалъун рихьизарураб букIарабани. Гьеб мехалда берзулаб ва тексталъулаб информация цадахъ щвелаан цIалдолезухъе.
Дица абула хъвалеб макъала букIине кколин кIиго даража бугеб: гъираялда цIалулеб ва цIияб жо жиндаса лъалеб. КIиябго гьеб цадахъ гьечIого букIине бегьула, амма цоябниги гьечIони, макъала цIалуларо ва цIалун ракIалда хутIуларо.
Гьанже аваразул басма тIубанго цIилъулебги хисулебги буго ва гьелъ разиги гьаризе руго нилъ. Баккана, цебегоялдаса камун букIараб, «Бахьикъос». Гьелъул цIалдолез цIидасан газета балагьизе ва хъвазе букIиналдаги щаклъиларо. ЛъикIаб хIалтIи буго бацIцIадаб авар мацIалдаса сверарал хъвай-хъвагIаязда ва гьединго жидералго мацIазда гьурмал гьариги. Гьезие батIаго гIорхъичIвайги букIине ккелареб батила, цIакъго гIемерлъулел гьечIони. ГIадамазул гъира букIина жидерго мацIалда жидерго гIумруялъул ва гIадамазул бицинеги цIализеги. Щаклъи гьечIо гьединал гьурмал гIуцIиялъулъ гIадамаз гъираялда гIахьаллъи гьабизе букIиналда. ЛъикIаб иш буго редакциялда собкоразул штатал мурадалда рекъон хIалтIизариги. БакIаздаса гIумру бихьизабиялъе гьел бакIазул хIалги гIадамалги лъалел хIалтIухъаби хIажалъула. Гьедин хъварал макъалаби гIемерго мухIканал ва камилал лъугьуна.
«АиФ» газеталъул биценалдалъун гьаб байбихьиялъул мурад букIана, лъикIаб газеталъул къадру гIодобе кколареблъи ва багьаялда бараб жоги гьениб гIемераб букIунареблъи бихьизаби. Реклама гIемерлъун, магIна дагьлъун лъугьиндал, миллионал гIадамаз хъвалебги цIалулебги букIараб «АиФ» гьанже киосказда босунгутIиялде ккана. Гьелдаго релълъун, къватIазда бичиялде ва хIалица хъвазабиялде ккун букIараб «ХIакъикъат» цIилъизабиялде тIаделъаразе дица гьарула тавпикъги къуватги.