Нусго, азарго… кверазда гьоркьосаги, эбелалъул гьумер бихьулеб гьечIониги, лъимада ратIа гьаризе лъалеб куц эбелалъул кверал. ГIадалъ кьабураб тIилгIан бакIлъана Разиятие гьитIинав МахIачица, мадугьалихъ йигей Раисатил доваса векерун вачIунаго, «Баба, Раисатил ругел хIеренал квералин» абурал рагIаби. — ЛъикI рагIула. Квералги чурун, кваназе гIодов чIа, — ян абуна гьелъ. Гьелъухъ гIинги тIамичIого, цIидасанги байбихьана...

