1957 соналда бахъараб сурат. МахIачхъалаялъул медучилищеялъул художественнияб хIаракатчилъиялъул гIахьалчагIи Гьаб сурат редакциялде битIун бачIана газеталъул цевегосев гьудул, мухбир, гIемерал соназ Гъизилюрт шагьаралъул больницаялда хIалтIарав ТIалхIат Ахъбердиевас. Гьелъие гIиллалъунги ккун буго Хунзахъ районалъул ТIануси росулъа НурмухIамадова СаихIатица жиндирго кIодоэбел Сапинатил хIакъалъулъ хъвараб хабар газеталъ лъазабураб конкурсалде битIи. Бихьулищха – Сапинатги ТIалхIатги цадахъ цIалулел рукIун...

