ГIемерал сонал руго дида Кавсарат ШугIайбова ва гьелъул рос Нажмудин МухIамадов лъалелдаса. Гьел кIиялго руго тохтурзаби. Кавсарат ккола Хасавюрт районалъул больницаялъул бетIерай тохтур, Нажмудин — Бамматюрталъул участкаялъулаб больницаялъул бетIерав тохтур. Гьезул вас АхIмадги эбел-инсул нухдасан ана — Дагъистаналъул пачалихъияб медицинаялъул академияги лъугIизабун, гьев вахъана стоматологлъун. ХIалтIулев вуго Муцалаулалъул амбулаториялда. КIудияв вас Рустамицайин абуни, тIаса бищана полициялъуласул захIматаб, амма хIурматияб махщел. Гьев ккола Чачан Республикаялъул, Ножаюрт РОВДялъул цIех-рехазул отделалъул начальниклъун.
Гьеле гьединаб буго гьеб хъизан. Щивас тIаса бищана жиндирго рекIее бокьулеб хIалтIи.
Амма, цогидазде дандеккун, Кавсаратил нухда квалквалал гIемер рукIана. ЗахIмалъабаздаса хIинкъичIого цеехун иналъ, сундухъго балагьичIого, тIад чIун гьабураб цIалул ва хIалтIул хIасилалда щвана гьей мурадалде.
Лъимерлъиялдаса нахъе анищ букIана Кавсаратил тохтурлъун яхъине.
— Дир эмен боцIул тохтурлъун хIалтIулев вукIана. Дун гIемер унаан гьевгун цадахъ фермаялде, школалдайин абуни, кидаго йикIана санитаркалъун. Школалде унаан гъажалда хъахIаб чалуги бухьун, багIараб хъанч тIад бахъараб гьединабго сумкаги гъежде рехун. Щибаб къойил хал гьабизе кколаан цIалдохъабазул рацIцIа-ракъалъиялъул. Гьеб дие цIакъ бокьулаан. Школалда лъолел спектаклязда тохтуралъул яги медсестраялъул роль гIицIго дица хIалаан. Гьелъие дица рокъоса инсул хъахIаб халгIат босулаан ва, квараз бухьа-къан, рекъезабулаан диего,- ян ракIалде щвезабулеб буго Кавсарат ШугIайбовалъ.
ГIагараб Кокрекальул гьоркьохъеб школалда микьго класс Кавсаратица лъугIизабуна лъикIал къиматазда ва, цIалдохъабазул кьерда цееги яхъинаюн, гьелъие кьуна Реццалъул грамота.
Кьабуна ахирисеб цIумур. Нахъа хутIана школалъул сонал.
Тохтурлъун яхъине бугеб анищалъ яс киданиги рехун толей йикIинчIо. Дагъистаналъул медицинаялъул училищеялде цIализе росаразул сияхIалда гъорлъ жиндирго цIар бихьараб рохалилаб къо — 1970 соналъул 25 август, Кавсаритида гIумруялъго рекIелъ хутIана. Жиндирго беразда божуларого, чанго нухалъ тIад-тIадюссун хал гьабуна гIолилалъ медсестрабазул отделениялде цIализе росаразул сияхIалъул.
— КигIан халаталха рукIарал тIоцебесеб сентябралде щвезе хутIарал гьел къоял! Берцинго кьижизецин кIолеб букIинчIо. Кидаго гIадин, кIудияб гъира-шавкъалда тIаделъана цIалуде, — ян бицана Кавсаратица студентлъиялъул соназул хIакъалъулъ.
Гьединаб таваккалаб ва тIадчIараб цIалуца лъикIаб хIасилги кьуна. Лъабго соналдасан бергьенлъиялда лъугIизабуна Дагъмедучилище ва Кавсарат ШугIайбовалъе щвана багIараб диплом. Гьелда цадахъ рохел гIахьал гьабуна эбел-инсуца, гьудул-гьалмагъабаз, лъале-хъвалез.
Кавсаратида ракIалда буго районалъул централияб больницаялъул рахунел унтабазул отделениялда медсестралъун хIалтIизе лъугьараб тIоцебесеб къоги. Амма институталде цIализе ине ругел пикрабаз гьей цо лахIзаталъги рехун толей йикIинчIо. ХIатта росасе ун хадубгицин тохтурлъиялъул тIадегIанаб лъай босизе бугеб анищалдаса гьелъ инкар гьабичIо. БукIаниги, гIицIго щуго соналдаса гурони росасда гьелъул бицен гьабизе кIвечIо.
— Духъаго бажаризе батани, дун рази вуго. Амма кIочонге нилъер кIиго лъимерги, гIи-боцIиги, яшав- магIишатги букIин. Гьеб киналъулго тIалаб-агъазалда вукIине дир заман гьечIо. Дипломалда лъабилал ругев тохтур, гьев тохтур гуро,- ян абуна Нажмудиница.
— Дица щулияб рагIи кьуна иш бажаризабизе, лъикI цIализе ва магIишаталъул хIалтIиги цадахъ бачине. Дипломалда гьоркьохъел къиматал диеги хIажат рукIинчIо, — ян ракIалде щвезабула Кавсаратица. — Росасе кьураб рагIи дица ккуна.
Бигьаяб букIинчIо Кавсаратил анищалъул цIваялда хадуб унеб нух. ЦIалул соназ гьей радал сагIат ункъоялда яхъунаан, хъизаналъе тIубараб къоялъе гIураб квен гьабулаан, боцIуе жо балаан, гIачи речIчIулаан ва гIедегIулаан поездалде.. Кокрекалдаса МахIачхъалаялде гьеб унаан радал сагIат анлъгоялде анцIила щуго минут хIалтIараб мехалъ, тIад буссун, МахIачхъалаялдасан багъарулаан къаси ичIгоялде анцIила щуго минут хIалтIидал.
Гьединан ана анлъго сон. Гьеб заманалда жаний цониги нухалъ кватIичIо дарсазде. Цониги лекция гьоркьоб биччачIо ва цониги экзаменалъе лъабилаб къиматги ккезе течIо. Гьеб гурищ сундаго барахщичIого мурадалде щвезе хIаракат бахъиялъул гвангъараб мисал?!
ЗахIматаб ва халатаб букIана Кавсарат ШугIайбовалъул Дагъмедакадемиялъул аудиториязде нух. Студенткалъун яхъине тIоцебесеб къасд гьелъ гьабуна медучилище лъугIун щуго соналдасан, кIиабилеб — медсестралъун хIалтIизе лъугьун анцIго соналдасан. КIиябго нухалъ битI ккечIо. Жеги щуго соналдасан лъабабизеги хIал бихьана, ва гьаб нухалъ гьей рехун течIо талихIалъ. Гьедин таваккалго галабиги тIамун, цеехун ана Кавсарат ва жиндирго тIадчIеялъул, къуркьунгутIиялъул хIасилалда тIубана тIолабго гIумрудул мурад.
— ЗахIмалъабаздаса дун хIинкъулароан. ТIадегIанаб лъай щвеялъул нухда сундаго лъалхъизайизе кIвечIо. Я хасалил цIороялъул, ялъуни риидалил багIариялъул квалквал букIунароан, гьеб кинабго гIадатияб жолъун кколаан дида, — ян бицана К.ШугIайбовалъ. — РакIалда буго, цо нухалъ гIемераб гIазу бана, лъабго къоялъ поездалцин хьвадулел рукIинчIо. Тракторалдаги рекIун, дун ана Ростов-Баку трассаялде щвезегIан, гьений чIун йикIаго, талихIалъ, бачIана цо басриябго, гьанже гуреб гьанже бихх-биххун инилан кколеб гIадаб, бензовоз. Гьелдаги рекIун, щвана Гъизилюрталде, гьенисан автобусалда ана МахIачхъалаялде. Нуж божиларо, гьеб къоялъги лекциялде кватIичIо.
Цоги нухалъ дида кIочон тана лекцияздаса хадуб институталъул парткомалъул хIисаб кьеялъулгун рищиязул собрание букIине кколин ва, рекIине жо щвечIого, рокъое ячIинчIого хутIизеги рес бугин росасда абизе. Гьедин ккезеги ккана. Собрание къаси сагIат микьго тIубазегIан халат бахъана, дир поезд анцIила щуго минуталдасан унаан. Таксиги ккун, ана вокзалалде, амма поезд ун батана. Гьебго таксиялда тIоцебесеб МахIачхъалаялде гIедегIана, гьениб поезд чанго минуталъ лъалхъулеб букIиндал. Гьенире щведалги тIерхьун унеб поездалъул рачI бихьана. Щиб гьабилеб? ТIад юссана общежитиялде, гьудулзабазухъе. Дица гьезда бицана рокъоб лъазабун букIинчIин, рос хадув вачIинеги бегьулилан. Гьел дида божулел рукIинчIо. Дица абухъе ккезеги ккана. Гьев дида хадув вачIана сордо бащалъулеб гIужалъ. Рокъоре щвана кIиго тIубалеб мехалъ, дунин абуни, кIиго сагIатгун бащдалдасан нахъеги вокзалалде ине кколаан. Гьедин ана цIалул сонал. Амма дун йохарай йикIана гьединав лъикIав, тIалаб-агъаз бугев росги, лъимал- рукъги, жиндие гIоло дица кинабго рехун тараб, цIалиги букIиналдаса. Дида сверухъ кидаго рукIана лъикIал гIадамал ва дицаги хIаракат бахъулаан гьезие лъикIлъиялдалъун жаваб гьабизе.
Кавсарат ШугIайбова ккола Дагъистан Республикаялъул мустахIикъай тохтур, Россиялъул Федерациялъул сахлъи цIуниялъул отличник, тIадегIанаб категориялъул тохтур.
РакIбацIцIадго ва свак лъачIого гьабураб хIалтIуе гIоло гьей мустахIикълъана Сахлъи цIуниялъул министерствоялъул ва райадминистрациялъул гIемерал ХIурматалъул грамотабазе. Амма бищун кIудияб шапакъатлъун Кавсарат Исакъовналъ рикIкIуна, жидер сахлъи цIуниялъе гIоло гьалъ гIумру кьурал унтаразул бугеб божиги адаб- хIурматги. Исана кIикъоялда анлъго сон тIубана гьелъ, хъахIаб халгIатги ретIун, больницаялъул нуцIа рагьаралдаса ва киданиги гьелдаса ракIги бухIичIо.
Кинаб хIасилха кьолеб бугеб гьедин тIадчIун гьабулеб хIалтIуца?
Дагъистан Республикаялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялъул коллегиялъ ахирисеб чанго соналъул хIалтIул хIасил гьабулаго, Хасавюрт районалъул медицинаялъул хIалтIухъабазул хIаракаталъе кьуна, щуго баллалъул къагIидаялда рекъон, ункъогун бащдаб баллалъул къимат. Узухъда, гьединаб тIадегIанаб къиматалъулъ кIудияб бутIа лъуна Кавсарат ШугIайбовалъги.
— ТIадегIанав Аллагьасул кумекалдалъун буго тIолабго рикъзиги, гьунарги, махщелги. Гьес нилъеда цебе лъун буго лъикIабги квешабги. Дица хIаракат бахъула лъикIаб гIамалалда гIумру гьабизе. АнцIго нухалъ борхана хIеж. Ва дирго гIумрудул щибаб сагIат, щибаб къо, щибаб лъагIел сайгъат гьабулеб буго гIадамазул сахлъи цIуниялъе, — ян абуна Кавсаратица рази-ракиго.
Гьаб соналъул байбихьуда, ДРялъул Сахлъи цIуниялъул министрасул буюрухъалда рекъон, Кавсарат ШугIайбова Хасавюрт районалъул больницаялъул бетIерай тохтурлъун тIамуна.
Кутакалда захIматаб ва хIинкъи бугеб заман бачIаниги, короновирусилан абулеб, дунялго жинца сорозабулеб унтуде данде бахIарчияб рагъ балеб буго Кавсарат ШугIайбовалъ. Расги хIинкъичIого, тIамула гьелъ гали бищун хIинкъи бугел, «багIарал зонабиян» цIар лъурал, бакIазде.
Гьединал «багIарал зонаби» Хасавюрт районалда лъабго бакIалда руго — Аксаялда, Кокрекалда ва Эндиреялда.
— Гьеб лъабабго больницаялде 23 апрелалдаса нахъе дун лъаб-лъаб нухалъ щвана, унтаразулгун хабар бицана, камураб-тараб цIехана. Узухъда, захIмат буго, амма, захIмалъабиги къезарун, кинабго пикру буссинабун буго унтаразул мурадал тIураялде, — ян абуна гара- чIвариялъул ахиралда Кавсаратица.
— Кинабго дир гьунаралдалъун бугин аби гьереси букIина. КIудияб кIвар кьолеб ва сундулъго хIажатаб кумек гьабулеб буго райадминистрациялъул бетIер Жамбулат Салавовас. Баркала загьир гьабизе мустахIикъав вуго республикаялъул Сахлъи цIуниялъул министр Жамалудин ХIажиибрагьимов. Къойилго гIадин букIуна гьесулгун бухьен.
Райадминистрациялда гIуцIараб штабин абуни, данделъула щибаб къойил.
Хадуб Кавсаратицаги дицаги сапар бухьана рагъулал бакIал ралез райбольницаялъул минаялда аскIоб, лъабкъоялда кIиго унтарав жанив вегизе рес кьолеб, рахунел унтаби сах гьарулеб корпус балеб бакIалде.
— Чан чиха кинавниги вегизавизе ккарав больницабазда? — ян цIехана дица Кавсаратида, нухда унаго.
Кинавниги, коронавирусалъ вукIа, пневмониялъ вукIа, 430 унтарав вегизавун вукIана 23 апрелалдаса нахъе. ТIоцебесеб июналде 52 унтарав хутIун вуго. Гьелги, Аллагьас хъван батани, сахлъила.
Рахунел унтаби сах гьарулеб корпус балеб бакIалда нижеда дандчIвай гьабуна Сергей Владимирович Владимировас. Гьаб июнь моцIалъул ахиралде хIалтIи лъугIизабизе бугилан рагIи кьуна гьес.