Гьаб ахир лъалареб, ахираб лъалареб заманаялъ Дагъистаналде какдолел, бугебщинаб чIахI-къулги хъублъиги гьенибе рехизе къеркьолел гIадамал гIемерлъун руго. Раккулел руго гьел жибго Дагъистаналда жанирги, хасго къватIирги, хIатта океан бахун дорехунцин. «Щив гьев? ва Щал гьел?» абурал суалаз рахIат толарел чагIи нилъеда гьоркьорги гIемерлъун руго. Бицина дирго пикру. Разилъуларел рукIинеллъиги лъала. Амма рекIелъ бугеб къватIибе кьезе бокьана....




