АбизегIан рагIи – дур лагъ, абун хадуб – мун гьелъул лагъ. *** Багъарараб хIатIида хIарщ рекIунеб *** Ах сайигъат гьабурав инсуе васас цIолбол кIолкIона кьечIебила. *** Билълъун унаго лълъар кквеч1они, лъутун унаго рач1 кквезе щоларо. *** ГIабдаласулгун гьудуллъиги гьабуге, гьойдулгун махсароги гьабуге. *** Дун хвелилан давлаялда хадув чи унарев, дун тIадго кквелилан цIогьор къватIиве вахъунарев....
