Гьал къоязда Москваялда унел руго политикияб ва миллияб рахъалъ кӀвар цӀикӀкӀарал тадбирал. «Россиялъул халкъазул жамгӀиябгун пачалихъияб гӀуцӀиялъул» тӀоцебесеб съездалде хӀадурлъулаго, Россиялъул субъектаздаса рачӀарал вакилзаби жакъа дандчӀвана «Россиялъул халкъазул гьудул- лъиялъул рукъалъул» ва улкаялъул ЖамгӀияб палатаялъул нухмалъулелгун. Гьениб кӀвар буссинабуна халкъазда гьоркьосел миллиял суалазде. Киназулго кӀалдиб буго МахӀачхъалаялъул аэропорталда ккараб лъугьа-бахъин. Гьелда бан тӀобитӀараб хасаб данделъиялда...





