БетIергьанас щивав чи вижун вуго батIи-батIияб гIамал-хасиятгун, гьунар-махщелгун, тIомол кьергун. Цоязе кьун буго берцинлъи, цогидал руго куц гьечIел, лъабабилезе кьун буго бечелъи, ункъабилел руго мискинлъиялда. Цоял руго махщел бугел, цогидал — махщаликъал. Цоязе кьун буго гIакълу, цогидазе — сахлъи. Цоязе кьун буго къуват, цогидазе — загIиплъи… ПалхIасил, Аллагьас щивасе кьун буго рекъезабун ва Гьесул хIукмуялде данде рахъин ккола БетIергьанасул къадаралда разилъунгутIи, Гьесул хIикматалда божунгутIи. Дунялалъул рокъоб ритIухълъи цIунун гьечIин ракIалде ккейцин буго Аллагьасде данде рахъин. Гьебин абуни буго рекIелъе бачIинецин бегьулареб хиял. БетIергьанасда лъикI лъалелъулха лъие-щиб кьезе кколебали ва щив-кин вижизе кколевали. Нилъедайин абуни тIадаб буго Аллагьас кьуралда разилъун чIезе ва Гьесие аза-азар рецц гьабизе. Разилъун чIеялда жаниб буго маслихIатги, жакъа дунялалда ва метер ахираталда нилъее щвезе бугеб сайигъатги.
ГIемерисел гIалимзаби, диналъе ритIухъал гIадамал рукIана мискинзаби. Гьезул букIинчIо я кIудияб мина, ялъуни гIемераб боцIи-мал. Гьел рукIана Аллагь лъаялъул нухда ругел, гIибадаталда тIадчIарал чагIи. Гьезул киданиги зигара-бакъги букIунароан гьеб-доб гьечIин абураб. Гьел кидаго рукIунаан Аллагьас кьуралда разилъун, Гьесие рецц гьабулеллъун ва гьелдаго цадахъ гIадамазе лъикIлъи гьабиялъул нух ккураллъун. Гьел рукIана талихIал гIадамал ва гьеб талихI гьез бикьулаан цогидазеги. Гьезул букIинчIо бечелъи, амма букIана пайдаяб хIалтIи.
Ресалда ругел гIемерисел бечедал чагIийин абуни кидаго рукIана боцIи-малалъул ургъалида, гьеб данде гьабулел ва гьелдалъун жал рижарав Аллагьасе гьабулеб гIибадаталъе загIипал. Гьединазда жидерго бечелъиялъул батичIо талихI ва халкъалъе букIинчIо абизегIанасеб пайда. Гьеб хIужаялъ цоги нухалда ритIухъ гьабула гьаб ракьалда тIад аслияб жо бечелъи гуреблъи. Гьоболлъухъ вукIаго дунявияб бечелъи данде гьаби гIакълу бугесул пишаги гуро. Ахир нилъ руссунеб рукъ батIияб бугелъул, гьенибе босизе давла хIадур гьабичIев, хIакъаб жо, чIового хутIула.
Жидер цIарал абадиялъего нахъе хутIарал гIемерисел исламиял гIалимзаби рукIана мискинал, ресукъал, загIипал ва куц-мухъ мукъсанал. Гьединазда гьоркьор рукIана хIатта параличалъ ккуралги тIубанго беццалги. Гьедин бугониги, гьезул цIар тарихалда хутIана, ва гьединаз наслабазе гIемераб рухIияб бечелъиги нахъе тана. Гьезул гIелмиял хIалтIабаздаса жакъаги пайда босула тIолабго инсанияталъго.
Нилъеда кIочене бегьуларо БетIергьанасул илчизаби, аварагзаби, ай махлукъаталда гьоркьоса бищунго лъикIал гIадамал гIухьбилъун рукIараблъи. Масала, Давуд аварагас гьарулаан къолдаби, Закария вукIана цIулал устар. Гьединлъидал нилъер хIакъикъияб къимат буго гьунар-махщалилъ, гIадамазе нилъедаса бугеб пайдаялъулъ.
Киназего бокьула лъикIаб гIумру букIине. Амма гьедин букIине ккани, нилъ Аллагьас малъухъе хьвадизе ккола. ГIумру данде билълъунгутIиялъе сабабги букIуна нилъеда Аллагь кIочон тей. ГIумру маргьа гурелъул, гьаниб ракъи-къечги рохел-пашманлъиги букIуна. Кинниги гьединаб хIалалде ккарасул хьул къотIизе бегьуларо. Гьесда ракIалде щвезе ккола Къуръаналда Аллагьас рехсараб аят (магIна): «ХIакълъунго, захIмалъиялда хадуб бигьалъиги бачIуна», — ян абураб («аш-ШархI», аят 5-6). Лъазе ккола Аллагьас нилъеда тIадкъалареблъи баччизе кIолареб жо. Къуръаналда буго: «Аллагьас чиясда тIадкъаларо гьесда баччизе хIалкIолареб», — ан (сура «ал-Бакъара», аят 286).
Цо-цо мехалда ТIадегIанав Аллагьас лагъасде балагьал рещтIинарула гьес жинцаго гьарурал квешал гIамалазухъ ва мунагьазе гIазаб гьабиялъул хIисабалда. Гьесда гьеб гIазаб бугин ракIалде ккейги буго гьелда сабру гьаби гьечIолъи. Цо-цо мехалъ балагьал рачIуна гьарурал квешал гIамалал чуризелъун ва цо-цо мехалда Аллагьасда цеве тIадегIанлъизе. Гьединлъидал нилъеца сундулъго сабру гьабизе ккола. Къуръаналда буго (магIна): «Сабру гьабуразе руго сайгъатал, хIисаб гьечIого», — ян (сура «аз-Зумар», аят 10).
Гьайгьай, щибго гьабичIого вукIинеги бегьуларо. БагъаричIеб квералда хIарщ рекIунарин гIадада абураб жо гурелъул. Гьединлъидал цо кинаб бугониги иш гьабулелъул гьеб гьабила Аллагьасде таваккалги тIамун. Цинги нилъеда бихьила кин гьел къварилъаби, захIмалъаби тIаса ине ругелали.
Аллагьас махлукъат бижун буго гIибадат гьабиялъе. ГIумруги нилъер цIакъ къокъаб буго, киб ва кида гьеб лъугIилебалиги лъаларо. Гьединлъидал жавгьар гIадинаб заман хвезабизе бегьуларо хIажат гьечIел ургъалабазда яги пашманлъиялда.
Инсан кидаго вукIине ккола лъикIабщиналъул пикрабазда, бугелда гIей гьабун. КIочене бегьуларо Аллагьас нилъее гIемерал нигIматал кьун рукIин. ГIумру бугелъулха бухIи-цIорой жинда жаниб бугеб жо. Гьединлъидал киданиги рукIине бегьуларо цогидазда ракIхун. Гьедин ругони нилъерго черхалъе ккола зарал. Гьелъин исламалъ нилъедаса тIалаб гьабулеб тIаса лъугьинги. Гьелдаго цадахъ камизе теларо дугIаги. КьучIаб хIадисалда буго: «Щибниги жоялъ асар гьабуларо Аллагьасул къадаралъе, цохIо дугIаялъ гурони. ГIумруги сунцаго халат гьабуларо лъикIал гIамалаз гурони», — ян (имам Тирмизи).
Аллагьасда гIемер гьаризе ккола. Щайгурелъул, Гьесие рокьула гьарулел чагIи. ХIадисалда буго: «Нужеца Аллагьасда гьаре Гьесул нигIматаздасан, Аллагьасе рокьула Жинда гьарулел чагIи. Бищун лъикIаб гIибадатги ккола сабру гьаби», — ян (имам Тирмизи).
ХIаракат бахъила араб заман аралъуб тезе, гьелде тIадруссинчIого чIезе. Ккарал гъалатIаздаса тавбуги гьабила. Щибаб цIияб къо цIияб тIамач бугелъул, цIияб гIумру гьабизе бегьулеб. Гьелъин Аллагьасда гьаризеги, Гьесде таваккал тIамизеги, сундулъго сабру гьабизеги кколеб. Аллагьас абуна: «Я, иман лъурал гIадамал, нужеца дунялалъул ва ахираталъул умуразулъ сабру гьабиялдалъун ва какал раялдалъун квербакъи тIалаб гьабе. ХIакълъунго, ТIадегIанав Аллагь жидеца сабру гьабулел гIадамалгун цадахъ вуго», — ян (сура «ал-Бакъара», аят 153).
Нилъеда лъазе ккола нилъ Аллагьас Жиндиего лагълъи гьабизе рижун рукIин. Диналъул хIукъукъал тIуразе нилъее квегIенлъи букIинелъун Аллагьас ракьалда бижанщинаб махлукъат инсанасе мукIурги гьабун буго. Гьеб киналдаго цадахъ, гIакълуги кьун, кIодоги гьавун вуго инсан. Гьединлъидал дагьабниги гIакълу бугесда бичIчIизе ккола дунялалдаги талихIав, ахираталдаги талихIалъул байрахъ кодобе щварав чи Аллагьасе гIоло лъикIаб гIамал гьабиялда тIадчIей гьабурав кколевлъи. Бищунго инсанасул ракIалъе рахIатги парахалъиги щолеб, живги хIакъикъаталда талихIав чи вугин абизе кIолеб даражаялде вачунеб жолъунги ккола лъикIлъи гьаби. Хирияв аварагасул хIадисалда буго: «Инсан хведал, гьесул киналго гIамалал чIун хутIула, лъабго гIамал хутIизегIан. Гьелги руго: кьураб садакъа, нахъе тараб гIелму-лъай ва гьесул битIараб нухда ругел лъимал, ай жидеца дугIа гьабулел».

Бечедав чиясда цIехон буго бищун талихIавлъун мун кида вукIаравин абун? Гьес абун буго жинда гIумруялъулъ дандчIванин ункъо батIияб свери, жидеда жанибги талихIалъул магIна бичIчIарал.
ТIоцебесеб — ракIалъе бокьараб босизе рес щвей. КIиабилеб — бищун хириял, берцин рихьарал жалазда тIад бетIергьанлъи гьабизе рес щвей. Амма жинда бичIчIанин гьездалъун бугеб талихI заманалъул жо букIин. Лъабабилеб — чIахIи-чIахIиял проектазул бетIерлъун вахъин, гIемерал бакIазул хважаинлъун лъугьин. Амма гьеб киналдаго жанибги батичIин жинца балагьулеб букIараб талихIги рахIатги. Ункъабилеб — цо нухалда жинда гьудулас гьаранин унтарал лъималазе коляскаби росизе гIарац биччайин. ГIарац кьун хадуб гьудулас гьаранила гьел коляскаби лъималазе кьезе цадахъ вилълъайин. Гьудуласул гьариги къабул гьабун, анила гьесда цадахь. Гьениб унтарал лъималазул бадиб бугеб рохелги, гьезул гьурмада кенчIолеб талихIги бихьидал, жив хIайранлъун хутIанила. Цинги ниж гьениса нахъе унелъул, цо лъимер бохдузда хурхун чIанила, ва гьелъ абунила жиндие бокьун бугин дур сипат ракIалда чIезабизе. Алжаналда дандчIвараб мехалда дуе цоги нухалда баркала кьезе букIине.
Гьеле гьеб мехалда вукIанила жив хIакъикъаталдаги талихIав чилъун.
МухIамад-ХIабиб МахIатIов
