Нух битIаги, Марям, дур анищазе

Марям ГъазимухIамадова. Гьеб цIар цIияб буго магIарул музыкалияб маданияталда. Гьанжего гьанже гьеб хIикматаб ва балъголъабазул цIураб дунялалде таваккалго галаби тIамулел руго гIолилалъ. МагIарулазе Марям машгьурлъана академическияб вокалалда Россиялъул мустахIикъай артистка Муи ХIасановалъул кучIдул ахIиялдалъун. ТIоцее дида Марям йихьана санайил «ХIакъикъат» газеталъ тIобитIулеб «ЧIагояб классика» абураб литературияб конкурсалда. Гьеб букIана 2022 сон. Иргадулаб конкурс сайгъат гьабун букIана магIарул машгьурав шагIир, Хунзахъ районалъул Харахьиса МахIмуд-Апандие. Гьеб тадбиралда гьитIинай яцгун цадахъ гIахьаллъи гьабуна Марямицаги. Гьениб халкъияб вокалалда (народный вокал) кечI ахIана гьелъ. Тадбиралъул гIахьалчагIазе лъикIаб асар гьабун букIана гьелъул цееяхъиналъ. Доб мехалда Марям жеги школалда цIалулей йикIана. Долдаса нахъе ана лъабго сон…

МагIарул кочIолъе цIияб чвахигун

ГIагараб Харахьи росдал гьоркьохъеб школаги лъугIизабун, М. ГъазимухIамадова цIализе лъугьана МахIачхъалаялде, ДГПУялъул байбихьул классазул факультеталде. Гьениб щолеб буго ингилис мацIалъул учителасул махщелги.

— Дие цIакъ бокьун буго ингилис мацI лъазабизеги. Кутакалда берцин бихьула ХIабиб НурмухIамадов гьеб мацIалда кIалъай. Диеги бокьун буго гьеб мацIалда кIалъазе цогидал пачалихъазда ругел кочIохъабигун. Масала, нилъги гIенеккула дунялалъул батIи-батIиял мацIазда ахIулел кучIдузухъ. РагIаби ричIчIулел гьечIониги, нилъее бокьула музыкаялъухъ гIенеккизе. Щай бегьулареб магIарул кечIалъ гьединабго гIорхъи бахине. Бокьун буго гьединал кочIохъабазулгун лъай-хъвай гьабизе. Ингилис мацI лъалеб бугони, дие бигьалъизе буго гьеб пиша, — йилан бицана нижее редакциялде гьоболлъухъ ячIарай Марямица.

Цадахъго Марям цIалулей йиго Г. ХIасановасул цIаралда бугеб музыкалияб училищеялъул академическияб вокалалъул факультеталда (факультет академического вокала).

Марямилгун гара-чIвари нижеца байбихьана кечI-бакъаналдалъун. ГIолилалъ нижее кучIдул ахIана кIиябго гьаркьидалъун, халкъияб ва академическияб вокалалдалъун. Гьезда гьоркьоса кинаб гьаракь дуего бокьулебилан абидал, Марямица, елъулаго, абуна кIиябго бокьулила цIакъго цIакъилан.

— Гьеб кIиялъго цоцазе кумек гьабун гурони, квалквалал гьаруларо. Гьел цадахъ рачиналъги квербакъулеб буго дие махщел камил гьабизеги. КIудияб гъираги буго магIарул кочIое батIияб чвахи кьезе, — ян абуна гьелъ.

Биччанте Марямица нижее ахIарал МахIмуд-Апандил рагIаби гьелъул жиндирго къисматалъул ва творчествоялъулаб гIумруялъул ахIилъун (девизлъун) абадиялъго хутIизе:

— КIудияв инсуца абуна дида,

ГIадамазда гьоркьой гIаданлъун чIаян.

ГIодобе бортани, намусалъул цIва

ЦIидасанги кунчIун бачIунарилан.

 

КочIолаб дунялалда тIоцересел дандчIваял

Школалда цIалулеб мехалдаго, бижана Марямил магIарул кочIоде рокьи. Гьей хьвадулаан росулъ бугеб искусствабазул школалде. АхIулаан хоралда кучIдул. Ва гьениб дагь-дагьккун загьирлъана Марямил пагьму-гьунар. Цее яхъана районалда тIоритIулел батIи-батIиял музыкалиял конкурсазда…

Байбихьул классазул факультеталде цIализе лъугьаниги, гьелъул пикраби рукIана магIарул кочIол дунялалда. Лъай-хъвай гьабуна университеталъул музыкалияб факультеталъул преподаватель Нурият Каримулаевнаялъулгун. Ва Марям гьелъухъе хьвадула академическияб вокалалъул дарсазде. Университеталда тIоритIулел тадбира­зулги жигарай гIахьалчIужу ккола Марям. Гьединго гьей гIахьаллъула МахIачхъалаялда тIо­ритIулел музыкалиялгун литературиял тадбираздаги. Масала, дагьал церегIан къояз гьей гIахьаллъана магIарул шагIир МухIамад Насрулаевасул творчествоялъулаб тадбиралда. Гьениве вачIарав Дагъистаналъул халкъияв кочIохъан аргъанги хъван, ахIана гьелъ Муи ХIасановалъул кучIдуздаса цояб. Гьеб тадбиралдаса хадув редакциялде гьоболлъухъе вачIарав Синдикъовас тIадегIанаб къимат кьуна Марямил кочIое:

— Марям ГъазимухIамадовалъул кечIалъ дие цIакъ кIудияб асар гьабуна. Цониги нухалда цадахъ репетицияги гьабичIого, гьелъ кечI ахIана дир аргъаналде данде. Марямил кочIол буго кIудияб ва гвангъараб букIинесеб. Амма гьеб пагьму цебетIеялъе къваригIуна кумекги квербакъиги. Гьеб щвечIони, пагьму-гьунаралъе цебехун гьункьизе цIакъ захIмалъула. Дица гьарила гьей гIолилалъул кочIое магIарулазул рокьиги рес бугезул кумекги, — ян абуна гьес.

Синдикъов гIадав кочIол устарас кьураб гье­динаб къимат биччанте букIине М. Гъа­зи­му­хIамадовалъул пагьму-гьунаралъе цебера­гIи­лъун.

Лъиениги балъголъи гуро пагьмуялда аскIоб жахIдаги букIунеблъи. Гьединаб суалги кьуна нижеца Марямие.

— Дирго гьитIинлъиги батизе бегьула. 19 гурони сон гьечIей дида жеги бичIчIичIого букIинеги бегьиларищха гьеб щиб жояли. Амма гьабсагIаталда дида жеги дандчIвачIо жахIда-хIусудги ракIхъублъиги. МагIарулаз дие чIвалеб хъаталъулъги гIицIго рокьиги адабги бихьула дида. МагIарул кочIоеги дир цееяхъиналъеги гIенеккараз чIвалеб хъаталъеги дун кидаго ритIухъайлъун йикIине йиго. ГьабсагIаталда квалквал гьабулев чиги гьечIо. Лъиде аскIое аниги, щиб гьикъаниги, лъицаниги нахъги чIвачIо, жидехъа бажарараб кумек гьабун гурони, — ян жаваб кьуна гьелъ.

КечI ахIизе гуребги, пасихIго кучIдул ри­кIкIинеги гIажаибго берцинаб махщел буго гьелъу­л. Гьебги загьирлъана ХIамзатил Расулил 100 сонилаб юбилеялъул хIурматалда тIоритIулел дандеруссиназда. Марямица кучIдул ахIула Расул ХIамзатовасул, Фазу ГIалиевалъул, Залпа МухIамадрасуловалъул, ТубхIат Зургьаловалъул ва цогидалги шагIирзабазул рагIабазда.

Гьединго Марямил лъай-хъвай ккана ма­гIарул бакъназул устарзаби АхIмад ГIа­мир­хановасулгун, Кари­мула ГIаб­дулае­ва­сулгун, Абакар ГIу­мар­­хIа­жиевасулгун. Гье­динго жин­дирго твор­чествоя­лъулъ гьелъ хIал­тIи­за­рула Майндур ТIал­хIатовасул ва АхIмад ЦIур­миловасул бакъналги. Бицана гьелъ нижее Россиялъул ва къватIисел пачалихъазул жиндиего асар гьабулел кочIохъабазул ва композиторазул хIакъалъулъги. Гьелдалъун бихьулеб буго Марямица жиндирго лъайги пагьму-гьунарги цебетIеялъе, гIун бачIиналъе гьабулеб бугебщинаб хIалтIи. Гьелъул гъира буго дунялалъулго музыкалияб гIумруялде гъорлъе яккизе ва лъугьине.

Гьеб киналдего тIадеги жеги бакъан хъвазе хIалбихьизеги бокьун буго Марямие.

— Дун хIикмалъизаюла бакънал рижулеб къа­гIидаялъги. Бокьун буго гьелъул балъголъабиги лъазе. ХIалгицин бихьулеб буго дихъанго бакъан лъугьунищали, — ян елъана гьей.

Марямида цоги ракIалда буго консерваториялде лъугьинеги. ГIемерал анищалги пикрабиги руго гIолилалъул. Нух битIаги нужее, гIолилалъул пикраби. Биччанте хунздерил хьиндаллъиялда бижараб хIикматаб гъотIол пихъил гьуинаб тIа­гIам магIарулазе гьарзалъизе.

Шамай Хъазанбиева