
ТIанусдерил цIумал, лебалал васал, тIадегIанлъиялъул тIогьазда ругел. Улкаялъул ахIи къабул гьабурал, гIагараб росулъе нух битIун щваги.
Огь! ЧIухIун бугеб куц гьитIинаб ВатIан нужедаса жакъа, нижер дарманал. Росдал тарихалъул тIохьол тIанчазда нужер гьунаралги гьимулел руго.
Доб КIудияб рагъда берал къанщарал гIолилазе бараб памятник — гьале. Гьезул ирс босарал лебалал васаз хъвалеб буго къиса бахIарчилъидул.
Афгъанистаналъул хIалбихьиялда багьадурлъиялъул мугьру кьабгIана. Бихьинчилъиялъул куназ угьарал накъищаз къачIана росдал гъансито.
Росдаде къуларал мугIрузул каранлъ нужер шапакъатал кенчIолел руго. Ва щивасул гьаракь гъугъалеб буго Россиялъул солдат вугин живилан.
СогIал кьурабазул тарбия щварал тIанусдерил васал — росдал бечелъи. ВатIаналъул унти нужерголъарал талихI даимлъаги нужей, солдатал!
ГIадамазе рокьи бикьун ругьунал, гIадатлъи берцинал хириял тIанус. ГIелалъ гIелалъухъе бикьулеб бугеб баракат тIегьаги нужер нухазда.
СогIал кьурабазул тарбия щварал…
СВОялъ дагьалъги цолъизарунин гIадамалин абизеги бегьилищха, амма бугониги, цоцаздехун цо хасаб хинлъиги рокьиги лъугьана гьезул. Масала, нижер гьитIинабго ТIанусиса, шагьаразда гIумру гьабун ругелги малъун, 80-ялдаса цIикIкIун чияс гIахьаллъи гьабуна ва гьабулебги буго СВОялда. Гьедин букIана КIудияб ВатIанияб рагъул заманалдаги. Гьедин буго жакъаги Дагъистаналъул щибаб росулъги щибаб шагьаралдаги. Росулъе щванщинахъе дун гьанже цIала СВОялда ругел гIолохъабазул хъизамазухъе. ГIащикъго гIенеккула гьез бицунелъухъ. Гьезул кумекалдалъун ккола бухьен гIолохъаби-солдатазулгун. СогIал кьурабазул тарбия щварал гьел батIияллъун рукIине ресги букIинчIо — улбузулги, яцазулги, ясазулги, лъималазулги ва тIолабго улкаялъулги парахалъи цIунулел ругел гьез цохIо кIалдисан гIадин абулеб буго:
— ЦIидасанги къисмат бищизе рес кьуни, масала, СВОялда ругеб гIумруялъул гьале гьаб лахIзат гьоркьоб биччазе букIинчIо. Умумузул бахIарчиял нухалккун церехун ине руго, улбузул макьуги цIунун, — илан.
Гьаб нухалда дун гьоболлъухъ щвана МухIамадов МухIамадрасулихъе ва лъади ГIайшатихъе. Гьезул вас ГIали СВОялда вуго, гьеб байбихьаралдаса жакъа къоялде щвезегIан.
Солдатасул умумул, чIахъаги нужер сабру!
МухIамадрасул ккола 1999 соналда Дагъистаналда ккарал рагъулал лъугьа-бахъиназул гIахьалчи. Гьевги вагъана гьенив, гьеб хIалуцараб заман ахиралде щвезегIан. Руго гьесул гIемерал шапакъаталги орденал-медалалги. МухIамадрасулида лъала, бичIчIула ва бихьана рагъ щиб жояли. Гьеб бичIчIулеб букIана дидаги, гьесухъ гIенеккидал. Лъала гьесда ГIали щиб гьабулев вугевалиги. Амма диргун гара-чIвари лъугIизегIан, бицинчIо гьес хIаллъараб тамахаб рагIи. ГIайшатицаги бахчана магIу. Бихьулеб букIана гьел бахIарчиял магIарулазе захIмат букIинги, амма гьез гьеб къинабулеб букIинги. Гьединав вуго солдатасул эмен, рагъулал лъугьа-бахъиназул гIахьалчи, дир росуцояв МухIамадрасул МухIамадов. Гьединай йиго солдатасул эбел, гIумруялъул захIмалъабазул бакIлъи балъго гьабулей йигей, гьитIинабго росулъ гIадатияй магIарулай ГIайшат Дибирова. БичIчIула МухIамадрасулида рагъул коронив вугев васасул къисмат ТIадегIанасул гурхIелалдаги икъбалалдаги бараб букIин. Лъала ГIайшатида инсул нухдасан арав вас гьеб нухдаса кьуризе гьечIевлъиги.
Гьасги тIаса бищана инсул бахIарчияб нух
СВО байбихьарал къояз, ай, мобилизациялъул заманалда, повестка бачIинегIанцин чIечIого, ана ГIали, ВатIаналъул ахIиги къабул гьабун. ТIоцересел къоязго бичIчIана гьесда тIокIаб батIияб нух жинца тIаса бищизе букIинчIеблъиги.
— Нижеда лъалеб букIинчIо ГIали СВОялде унев вукIин. Мобилизация байбихьанилан абураб къоялдаса нахъе рекIее рахIатги букIинчIо. Нижеда лъалеб букIиндалха ГIали инчIого чIоларевлъиги. Цо къоялъ кIалъан вачIана жив Украинаялде ине вугилан. ХIатIазда гъоркьа ракь тIун араб гIадаб асар гьабуна дие гьесул каламалъ. АскIов эхетун вукIарав МухIамадрасулидаги бичIчIана кинабго, дихъ валагьидал. Гьес дун гIодое йиччазаюна, нилъер вас гIадиназин доб цIун бугебиланги абун. КIудияв вац МухIумида бицун букIун буго гьес. Лъималазул васигат жиндеги гьабун, къо-лъикI гьабунин ГIалицайилан хадуб бицана гьес. Гьедин унел рукIана моцIал… Цо къоялъ абуна МухIамадрасулица нилъер вас отпускалъ вачIине рагIулин. Нахъисеб къоялъ ана МахIачхъалаялде. Гьесул хъизан-лъимал МахIачхъалаялда руго. Минаги буго гьениб. Амма дида ватичIо дир цевесев аваданав, кидаго велъулев, гьимулев вукIарав ГIали. Рарал соназдасагицин кIудиявги гIун вугилан ккана. Дир ГIали довайищ таравилан абуна дица, гьесдаги хурхунаго… Бихьулищха, нижеда, эбел-инсуда, лъалеб жо щибго букIун гьечIо. Цинги МухIумица, цIикIкIарав васас бицана, — йиланги абун, къварилъахъдана ГIайшат…
ГIумруялъулгун къо-мех лъикI гьабулел лахIзатазда
Унел рукIана къоял, моцIал. Щулалъулел рукIана рагъулаб вацлъи-гьудуллъиги, динги, мацIги, гIадаталги цIехечIого. Кинабго букIана гIаммаб. Гьеб киналдаго гьоркьоса бищунго къуватаблъун букIана ВатIаналде рокьи. Миллат цIехечIого, ккараб вацлъи. Унго, гьелъулъ бугебщинаб къуватги хIикмалъиги! Хасго рагъулаб авлахъалда. КIиго вацгIан цоцазе хиралъулел, гIагарлъулел рукIана ТIанусиса ГIалиги ЦIобокь-Миякьоса МухIамадкамилги. Цо нухалда рагъулаб тIадкъай тIубазе кIиявго гьалмагъ цадахъ ккана. Гьезда лъалеб букIинчIо гьезул цоясе сапар ахирисеб букIин. Цо заманалдасан бахъана гIасияб кьвагьи. Дроназ кьвагьизабураб ва щущазабураб ракьалъ вацизавуна кIиявго гьудул. Цадахъ рукIаралги ана церехун. Гьезги гьал хванин абун тун рукIун руго. Ракьулъе ккарал гьаз цоцазда абун буго нилъ холел ругилан. ГIумруялъулго къо-мех лъикI гьабулел гьел лахIзатаз гьазда цебе бачIана рикIкIад тараб Дагъистан, эбелалъул магIу, инсул сабураб гьумер. Амма гьал гIолилал ракьалъ кIкIун унел рильарав рагъулав гьалмагъ — гIурус солдат векерула гьазухъе. Гьес квераз хашалеб букIана ГIалидаса ракь. Кверазул килщалги рагьана гьесул. КIалъазе рухI бачIиндал, ГIалица гьарана жинда хьолбохъ гьудулги вугин, гьевги хвасар гьавейилан. Амма кватIун букIана. ВатIалъана ГIали гьудуласдаса… МухIамадкамилил хвелалъ дагьабги гIагар гьабуна кIиго хъизан. Дагъистаналде вачIанщинахъе гIедегIула ГIали жиндирго «кIиабилел» эбел-инсухъе. ГIали хвасар гьавурав гIурус солдатасеги бокьун букIана ГIалил гьитIинаб ВатIаналде щвезе. Амма тушманасул рекIкIаб гуллица чIван лъуна гьеб анищги. ГьечIо чIаго магIарулав хвасар гьавурав гIурус солдат. Амма гьес нахъе тана жиндирго рагъулаб нухалъул гвангъараб тарих. ЦохIо Эбел-ВатIаналъул васазул талихIаб къиса цIидасанги тIадбуссун бачIунеб буго гьаб нухалдаги.
МахIачхъалаялда больницаялда сахги гьавун, ГIали цIидасанги тIадвуссана Запорожьеялде.
— Дица хIаракат бахъулеб букIана вас рокъов хутIизавиялъе. ГIададисеб иш букIин бичIчIизабуна гьес. МухIамадрасулидаги бичIчIулеб букIана гьеб гIададисеб иш букIин. Лъица щиб бицаниги, ГIалида рокъов чIезе ракIалдацин букIинчIо. Аллагьас нухбитIун руссаги нилъер солдатал, — илан абуна ГIайшатица, ракьалде рортун ине хIадурун ругел магIил гаралги рацIцIунаго.
Эбелалъул магIу. ТIухьигIан бакIабги. ХIулигIан недегьаб-хIеренабги. Унго, гьелъул бацIцIалъиги. Гьеб цин гьалдола, цин гьалаглъула, цинги гьеб сабруялъ беэдула ва гьелъул каранда бетIерги лъун, гIодобе буссун уна…
Нижеца хабар бицунелъул, МухIамадрасул къватIиве-жаниве хьвадулев вукIана. Бихьулеб букIана гьесиеги бигьа гьечIолъи. Гьанже ахирисеб рагIи инсуейилан дица абидал, пашманго гьимулаго, гIодов чIана гьев.
— Нилъер ВатIан цо буго. Дида лъала ВатIаналъул хиралъиги. Хасго рагъулаб авлахъалда гьелъ нилъ реэдун толеб куцха. Дол соназ дида цадахъ букIана гIагараб росдал махIги тIагIамги. Гьелъго цIунун ватила дунги. Долдаса нахъе ана гIуралго сонал. Амма гьаб ункъабго соналда жанир цIилъулелго цIилъулел руго дол тарал ругънал. Чан рагъулав гьудул камурав. Чан батIияб миллаталъул васаз цIунарал дол соназ Дагъистаналъул мугIрул. Жакъа ирга щвана нилъеде. ГIалил хIукмуялда дунги разияв вуго. ЦохIо дун гурелъул гьадинав эмен вугев, вас тIадвуссиналъухъ валагьун чIарав. Дун гIадал умумул аза-азар руго, — ян абуна гьес.
Унго, дур хIикмалъи, рагъулаб вацлъи!
Руго ГIалил рагъулал шапакъаталги. Цо шапакъатгIаги жиндихъ тейилан гьаридал, тун букIаниланги абун, бихьизе бачIана ГIайшатица «За храбрость первой степени» медальги. ГIали ракIалде щведал, гьалде бикьулин жинца ургъелилан абуна гьелъ, загIипго гьимулаго.
— Жеги шапакъатазе вихьизавун вуго ГIали. Амма бицунеб гьечIо гьес, «Сюрпризиланги» абун. Дир васасул «вац» МухIамадкамилги вихьизавун вукIана (хун хадув) Бихьинчилъиялъул орденалъе, — ян тIадеги жубана ГIайшатица. Видеобухьеналдасан суалалги кьуна дица ГIалие. ЦIидасанги тIаса бищизе рес букIарабани, гьабго нухдасан инаанищ мунан абураб суалалъе гьес, ургъичIого кьуна жаваб:
— Инаан. Гьале гьал захIматал нухаз тIамуна дун гIумруялъул пикру гьабизе. Гьанир гурищ дида ратарал унго-унгоял гьудулзаби. БичIчIана рагъулаб вацлъи-гьудуллъиялъул къиматги къуватги, — ян абуна гьес.
«ВатIан» абураб рагIул магIна хисарабищ дуейилан суалги кьуна дица:
— ВатIаналдаса рикIкIад гурони гьелъул къиматго лъалеб букIун гьечIо. Унго, гьелъул хиралъи! Унго, гьелъул тIагIам! Гьелъул сипат цебесаго унеб букIинчIо.
Гьадинал руго нилъер гIолохъаби, согIал кьурабазул тарбия щварал, чарангIан къвакIарал дагъистаниял!
Шамай Хъазанбиева